АхIсаратил кочIол дунялалда киназего хинлъи буго
«ХIакъикъаталъул» гьурмазда нижеца зама-заманалдасан кьола миллияб искусствоялда жидерго лъалкIги, цIарги, тарихги толел, унго-унгояб гьунаралъул церехъабазул хIакъалъулъ макъалаби. Гьединал чагIи жакъа нилъеда гъорлъ руго ва гьелдаса ракI-ракIалъ чIухIизеги бачIуна.

Гьединал гIадамазул цIар рехсолаго, газеталъул жакъасеб номералда нужее бицине бокьун буго Хунзахъ районалъул ТIанусиса гIадатияй магIарулай АхIсарат ХIайбулаевалъул хIакъалъулъ.
Нижер АхIсарат. Гьедин абула гьелде росуцояз, районцояз, гьудул-гьалмагълъиялъ, гьей лъалел, гьей йокьулел ва гьелъул къимат жидее кIудиял гIадамаз. Гьел рагIабазда жаниб буго хинлъиги, хIеренлъиги, чIухIиги, рохелги, адабги, баркалаги. ХIакъикъаталдаги росуцоял ва гIагараб тIалъи жиндаса чIухIизе бегьулеб мисалияб гIумру буго АхIсаратил.
26 сон буго гьелъул ТIануси гIагараб росдал школалда музыкаялъул дарсал кьолей мугIалимлъун хIалтIулей йигелдаса, 31 сон буго гьебго ТIанусиб ясли-ахалъул гьитIичаздаги кечI-бакъаналъул балъголъаби малъулей, гьезул миллияб маданияталдехун ва умумузул кечI-бакъаналдехун рокьи куцалей йигелдасаги.
2022 соналдаса нахъе хIалтIулей йиго Хунзахъ Культураялъул рукъалъул искусствоялъул хIаракатчIужулъун. Районалъул бокьараб дандеруссин: бертин, ихтилат, сухIмат, рохалил тадбир — АхIсаратил жигараб гIахьаллъи гьечIого унаро. Гьеб киналдаго гьоркьоб, гьединабго жигараб гIахьаллъи гьабула МахIачхъалаялда ва цогидал шагьараздагун районазда тIоритIулел тадбираздаги. ЯчIуна АхIсарат магIарулал ракIарарал дандеруссиназдеги. Гьениб жиндирго роцIараб, берцинаб гьаракьалъ кечIги ахIун, гьеб дандеруссинги берцин гьабула. ГIемерай щола гьей гьединго «ХIакъикъаталъул» редакциялдеги. Киего щвезе заманги батулей, рекIелъ щибго чIухIи гьечIей, гIадамасе жиндихъаго бажарараб кумек гьабизе хIадурай йикIиналъ йокьула гьей гIадамазеги.
Гьединай йиго АхIсарат. Дагьал церегIан къояз учителасул къоялде гьелъие щвана «РФялъул Лъай кьеялъул хIурматияй хIалтIухъан» абураб цIар ва ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул рахъалдаса ХIурматалъул грамотаги. Гьединго гьелъие щвана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибехунги миллияб маданиятги искусствоги цебетIезабизе ва миллатазда гьоркьоб рекъелгун парахалъи цIуниялъе бахъараб хIаракаталъухъ Гъарачаево-Черкесиялъул хIукуматалъул рахъалдаса ХIурматалъул грамотаги.
ГIемер соназ ракIбацIцIадго гьабураб хъулухъалъухъ, миллияб маданият цIунизе, гьеб бечед гьабизе бахъараб хIаракаталъухъ щварал шапакъаталги гьелда баркун, АхIсаратилгун гьадинаб гара-чIвари ккана нижер.
МугIалималъул ракI
— АхIсарат, баркула ракI-ракIалъ цоги нухалъ исана дуе щварал шапакъатал. Баракатал ратаги. Жакъасел шартIазда рекъон хIалтIизе ккани, бигьаяб ишги батиларо школалда мугIалимасул хIалтIи. Кин бугониги, дуцаги тIасабищун бугоха гьеб хъулухъ. Гьелдаса разиго йигищ?
— Баркала. Щвана дие исана гьел шапакъаталги. Гьелъухъ ракI-ракIалъ баркала кьезе бокьун буго дун гьелъие рихьизарурал: нижер районалъул нухмалъиялъе ва республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул нухмалъиялъе, дие кьураб къиматалъухъ ва гьабураб божилъиялъухъ. ДунгIан Аллагьги разилъаги.
БитIараб буго, мугIалимасул хъулухъ расниги бигьаяб хIалтIи гуро жакъа. Бокьараб, предметалъул учителасда, гьикъе гьес абила жиндир хIалтIи, гьеб кутакалда захIматаб бугилан. Гьедин ккола рахьдал мацIалъул дарсал кьолесда, гьедин абизе буго цогидал дарсазул мугIалимзабазги дарсал кьолесулги. Гьединго абила дицаги. Щивав мугIалимасул буго жиндирго хаслъиги, жиндаго дандчIвалел захIмалъабиги, гьел захIмалъаби къезаризе гьес гурулеб гъежги.
Бигьаяб иш гуро, хIакъикъаталдаги, лъималгун хIалтIизе. Гьезулгун рагIи данде ккезабизе, дуцаго кьолеб дарсиде гьезул гъира бачIинабизе хIалтIизе ккани, гIемераб гIетI тIезе ккола учителас. Лъималги рокьизе ккола, дуцаго гьабулеб хIалтIиги бокьизе ккола. Бокьулеб ишалдехун гъира гьечIони, хIасил кинабха букIинеб. Гьедин хIалтIулей йигоха: 26 сон бана гIагараб школалда хIалтIизе лъугьаралдаса, 31 соналъ дирго росдал ясли- ахалдаги йиго.
КечI-бакъан хирияб хъизамалъул яс
— Амма районцоязда, гьединго магIарулазда мун цIикIкIун лъала гьунар бугей кочIохъан хIисабалдаги. ГIемерал тадбираздаги гIахьаллъула мун гьединго. КIиябго хIалтIи — мугIалимлъиги кочIохъанлъиги цадахъ бачине захIмат букIунищ? Сунца дуе къуват кьолеб?
— Узухъда, бигьаяб иш бугин абиларо дица лъабабго бакIалда хIалтIизе. Гьале ахираб лъабго сон буго районалъул культураялъул рокъойги дун хIалтIулей йигелдаса. Амма бокьулеб хIалтIи букIиналъ ва къисматалъ гьелдехун юхьарай йикIиналъги къуват кьола дие лъабабго хIалтIи цадахъ бачине. Гьелъ къисматалъе баркалаги кьола, Аллагьасе реццги гьабула жакъа къоялъги бокьулеб хIалтIуда гъорлъ йикIун гьеб нухда бачине бажарулеб букIиналдаса. Гьаниб тIаде жубазе бокьилаан дие, гьитIинаб мехалдасаго нахъего кечI-бакъанги ихтилатги хирияб букIиналъ тIасабищана дица букIинесеб махщелги. КочIодехун бугеб рокьиялъ, школалда цIалулеб мехалъго анищ гьабуна музыкаялъул дарсал кьезе мугIалимлъун цIализе ине. Гьеб мурад гIумруялде бахъиналдаса йохунги йиго.
Нижер хъизамго букIана кечI-бакъаналде рокьи цIикIкIараб. Мунагьал чураяв инсуца хъвалаан хъумуз, кьабулаан къали, зурмаги пулаан гьес. Гьеб бачине росулъ бертабалъеги ахIулаан гьев. Инсуда цадахъ гьес зурма пулелъул къали бухулаан гьитIинай чIужу дица.
Гьединаб хъизамалда гIуна ва къисматалъ къачIан батана кечI-бакъаналда хурхараб гIумру. Гьелдаса цIакъ разиго йиго. ГIемерай ахIула МахIачхъалаялда тIоритIулел батIи-батIиял тадбиразде. Лъиениги инкар гьабун, гьение инчIогоги дун чIечIо гьанжелъагIан. ГIадамазе рохел бикьизе, гьезул ракIал чIаго гьаризе, дирго кечIалдалъун гьел рази гьаризе — аслияб мурад гьеб букIиналъ хIаракат бахъула дица гьение инеги.
— КечI-бакъаналъ хасаб бакI ккуна кидаго нилъер миллияб гIумруялда. Амма заман хисанагIан хисулеб буго гьелдехун бербалагьи. Мисалалъе, кигIанго фонограмма нахъе цузеян лъугьаниги, гьелъ жакъа жиндирго бакI ккуна. Амма ахIулел рагIаби магIна бугел ругони, гIадамаз гьеб къабул гьабизе бугин рикIкIуна дица (фонограммаялъухъ балагьичIого). Дуца кин абилеб?
— КечI-бакъанги ихтилатги магIарулазе кидаго хирияб букIана, битIараб буго. Дида лъалеб мехалъги кочIохъабиги гIемер рукIинчIо, гьезул къиматги букIана, ахIулел рагIабазулги букIана магIна буголъиги, гьелъ гIадамазеги гьелъул къиматги букIана.
Гьанжейин абуни, кIал гьакIкIазе лъугьаравщинав чиги жив кочIохъан вугилан ккун сценаялде вахунев вуго, фонограммаялда гурони ахIулеб кечIги гьечIо. Гьеб бищун цебесеб бакIалде бачIун бугелъул, гьелда гъоркь кечI ахIичIого рес гьечIо дирги цогидазулги. Амма диего бокьун гуро дица гьеб гьабулеб. Гьелдасаги нусгоги, азаргоги нухалъ цIикIкIун бокьула дие дирго гьаракьалъ кечI ахIизе, рес ккарабго гьедин ахIизеги ахIула. Амма дие гьеб бокьиялъул щиб, жакъасеб гIолохъанаб гIелалъе бокьулеб буго фонограмма. Гьезие магIна-гIин бугел рагIабицин хIажат гьечIо, гIицIго бакъан бугелдаса нахъе. РакIал расандизарулеб аранжировкаялъул бакъан бугелдаса нахъе гьезие батIалъи гьечIо, гьеб бакъаналда гъоркь щиб ахIаниги. Гьединал гурони кучIдул гIун бачIунеб гIелалъ жакъа къабул гьарулелги гьечIо. Гьединал кочIохъабазе гурони мустахIикъав (й) кочIохъан абураб цIарги щолеб гьечIо. Гьединазул гурони хIалтIулеб бакIалдаги цогидалъубги къиматги гьечIо жакъа.
Диего рокьула сабурал, гIодор риччарал, цIекIлъи гъорлъ гьечIел рагIаби. Гьединал рагIабаздаса гIуцIараб буго дир репертуарги. Фонограмма жакъа къотIизабуниги, гьелдасаги, йохун гурони, пашманлъиларо. РакIчIун лъала фонограмма жакъасеб кочIол искусствоялдаса нахъе бачахъани, чанги чияс кечI ахIи тезе буго.
— Жакъасел авторазул лъил рагIабаздаса гIуцIараб бугеб дур кучIдузул репертуар? Щивгун хIалтIизе бокьулеб?
— ГIемерисел кучIдул дица ахIула нижерго Хунзахъ районалдаса рахъарал шагIирзабазул рагIабазда. Дир репертуаралда бищун цIикIкIун кучIдул руго халкъияй шагIир Залму Батировалъ хъварал. Нижергоян рикIкIаниги бегьулей чIужу йиго Гъуниб районалъул БацIадаса ТубхIат Зургьаловаги. Гьелъул рагIабаздаги 15 кечI буго дир. АхIула нилъерго классикал: Расулил, Фазул, ГIабасиласул рагIабаздаги. Чанго кечI буго Манарша ГIисаевалъул ва Сабигат МухIамадовалъулги ва мунагьал чураяв Харахьиса МахIмуд-Апандица хъваралги
Дирго росуцояй, школалда дие чанги дарс кьурай, дир йикIарай мугIалим — Шамай Хъазанбиевалъул росуцоязде, районалде, тIалъиялде, тIалъиялъул машгьурал церехъабазде гьарурал кучIдулги гIемерал руго дица ахIулел. Залмулги, ТубхIатилги, Шамайилги рукIуна щибниги цIекIлъи гъорлъ гьечIел, сабурал, магIнаял рагIабазул кучIдул. Элъ рокьула дие гьел ахIизеги.
— Дуцаго кучIдул хъвазе хIалбихьанищ?
— Бихьана. Чанго кечI буго дирго рагIабаздаги ахIулеб. Хъвазе хIалбихьидал, гьеб батIаго захIматаб жоги батичIо; дуего рахIат толарел, рекIелъан биччараб жоялъул хIакъалъулъ кечI хъвазе лъугьиндал, гьеб чвахун бачIунеб буго. Амма дидасаги пагьму-гьунар бугел шагIирзабиги цере тун, кучIдул хъвазе ва ахIизе дун лъугьинчIо. ХIисаб гьабураб мехалъ, Аллагьас махщел цоясе кечI ахIизе кьола, цогидазе гьел хъвазе кьун бугеб гIадин. Щивав чи жиндирго махщалида рекъон хIалтIани, лъикIаблъун бихьулаха дида…
Ашахан Юсупов