Къойил гъираялда гIедегIула гьев хIалтIуде. Гьесухъ балагьун батула анцI-анцI бер. Гьел беразулъ букIунебщинаб божилъиги рокьиги. Гьесул гIумруялъул гIидраялда аза-азар батIиял кьеразул накъищал угьула гьел бераз. КIи-кIи бер цадахъ рикIкIун – гьелгощинал тIанчалги рукIуна гьесул къисматалъул тIохьода. Гьанирги ракIалде рачIунел руго дида ХIамзатил Расулил рагIаби: — Нужеда рихьаралищ – тIугьдузда берал руго, Ралагьула гъол...
