МагIарулазул бищун кIудияб республикаялъулаб казияталъул коллективалъул рахIат хвезабун буго къойидаса къойиде «ХIакъикъат» цIалулезул къадар дагьлъулеб букIиналъ. Миллионалде гIунтIун чи вугеб миллаталда щуазаргоцин подписчик гьечIин абураб жоялда божизецин кIолеб гьечIо. Редакциялъул хIалтIухъабазги хIаракат бахъулеб буго цIалдолезул тIалабал тIуразаризе, халкъалъулгун бухьен чIезабизе. Амма казияталъулгун гьудуллъи щулалъизабиялъулъ мукъсанлъи биччалеб буго магIарулаз. Масала, Хасавюрталъул зонаялда (Хасавюрт, Гъизилюрт,...

