Дагьаб цебе дихъе щвана республикаялъул телевидениялдасан бихьизабураб документалияб фильм тIад бугеб диск. Гьеб дие сайигъат гьабурас абуна гьелда бицунеб бугин дунялалдаго машгьурлъарав нилъер ракьцоясул хIакъалъулъ. «Гьел кIочонгутIизе…» абураб цIар лъураб фильм батана бицун чи божуларебгIанги кIудияб гьунар БетIергьанасдасан насиблъарав, цIар—рецц тIибитIиялъул тIогьиве вахинелдего, хъизангун цадахъ авариялде ккун гIумруялдаса ватIалъарав чиясул хIакъалъулъ. Гьеб ккун буго СШАялда, гьев 36 соналъул гIумруялде вахараб мехалъ. Фильм бахъиялде авторал кантIун руго «Дагъистан» журналалъул 2007 соналъ къватIибе биччараб цо номералда гьесул хIакъалъулъ бетIерав редактор ТIалхIат АхIмадхановасул макъала кинодокументалист Хъайтмаз ГIабдулхаликъовас цIаларалдаса хадуб. Фильмалда тIад хIалтIизе гьес рачун руго предприниматель ГъазимухIамад МухIамадов ва сценарист Гулера Камалова.
Буйнакск шагьаралда минаби ралев чи ГIабдурахIимил ва республикаялъул хIурматияй учителалъул цIаралъе мустахIикълъарай Саидал хъизамалда 1970 соналъул 31 марталда гьавурав васасда цIар лъуна Наби. Гьанибго баян гьабила, гьесул кIудияв эмен вукIана Хунзахъ районалъул ГIобода росулъа.
Школалда цIалулеб мехалъго загьирлъун буго химия лъазабиялде рокьиги. ГIемерал соназ хIалтIарай учительницаялъ абун буго, гьев цIалдохъанасда малъизе жо жиндир хутIун гьечIин, химия гьесда жиндасаги лъикI лъалеб бугилан. ХIакъикъаталдаги, анцIабилеб классалъул цIалдохъан Набица химия лъазабулеб букIун буго МГУялъул химиялъулаб факультеталъул программаялда рекъон.
Школа лъугIун хадуб Наби цIализе лъугьана Ленинградалъул университеталде. Гьенир преподавателазда бихьичIого хутIичIо кинаб пагьму-гьунаралъул студент гьев вугевали. Профессор Анна Кольцовалъ гьесул хIакъалъулъ абун буго: «Гьев вукIана творчествоялъулабги гIаданлъиялъулабги кIудияб нахърател жиндилъ хутIарав чи», — ян.
Университет лъугIизабидал, Наби хIалтIулев вукIана диссертациялда тIад, амма гIелмияб цIех-рехги тун, гьев СШАялде ана Огайо штаталъул цIех-рехалъулаб университеталда цIализе.
ГIенеккилин профессор Дэвид Хардил рагIабазухъги: «ЛъикIал студентал дир гIезегIан рукIана, амма дида цохIо нухалъ гурони дандчIвачIо гьесулалда релълъараб бажари-гьунар. Гьелъ дун битIахъе хагазавун вукIана», — ян.
Диссертация цIунун хадуб гIелмияв нухмалъулес гьев витIана Гарвардалъул университеталъул профессор Дэвид Эвансихъе. Гьес Наби восана жиндирго гIелмияб группаялдеги.
Набица СШАялде ячана лъади Наталья Щербинина. Гьейги йикIана гIалимчIужу, химиялъул факультет лъугIун хадуб гьелъиеги щвана Гарвардалъул диплом.
КIиго соналдасан Наби, профессор Роберт Бекманица гьарун, Рочерстералъул университеталде ана хIалтIизе.
Гьанир дагьал халалъаниги, хисизаричIого кьолел руго гьев профессорас нилъер ракьцоясул хIакъалъулъ абурал рагIаби: «2002 соналда вачIана гьев Рочестералде органикияб химиялъул дарсал кьезе. Гьесул букIана энциклопедиялъулабин рикIкIине бегьулеб, океангIанги гъваридаб лъай. Гьев гIолохъанав гIалимчи цогидаздаса ватIа гьавулеб тIокIлъилъун лъугьун букIана тIадчIун ва свак тун хIалтIизе бажари. Гьев вукIана гIемераб жоялъул пикру рекIелъан биччалев, кутакалда гIакъилав гIалимчи. Университеталда дарсал кьезеги махщел букIана. Гьесул нухмалъиялда гъоркь цо студент гIелмабазул докторлъунги вахъана», — ян.
Гьаниб рехсезе мустахIикъаблъун бихьула Рочестералъул университет лъугIарав 8 чи Нобелил премиялъул лауреатлъун вахъанилан. Наби МухIамадовасеги щвезе бегьулаан Нобелил премия…
Набил гIумруялъул хIакъалъулъ гуребги, фильмалда кIудияб бакI кколеб буго американаз гьесулги хъизамалъулги гьабураб хIурматалъ.
ХIакъикъаталдаги гьеб хIурмат лъугьана бицун бажаруларебгIан кIудияблъунги, фильмалъухъ балагьарал хIайранлъизарулеблъунги. 2006 соналъул 4 марталда Гарвардалъул университеталда цебе бугеб Химиялъул ва химиялъулгун биологиялъул департаменталъул ва «Бош ва Ломб» компаниялъул хIаракатчилъиялдалъун тIобитIана гIумруялдаса ратIалъарал ракIалде щвезариялъул пашманаб тадбир.
Гьениб Дэвид Эвансица абуна: «Гьев в ачIиналъ ц Iияб г ьури б агъаризабуна дир лабораториялда. Гьев вукIана дида дандчIварал, жидер гIелмияб бутIаялда бищунго хIикматал гIадамазул цояв. Гьев дирго васлъун лъугьун вукIана дие», — ян.
Гьенир гьарурал киналго кIалъаял ингилис ва гIурус мацIазда гъорлъе рачараб ракIалдещвеялъулаб тIехь къватIибе биччана, Наби МухIамадовасул хъизамалъул гIемерал сураталги лъун.
Гьеб дандеруссиналда гьабураб хIукмуялда рекъон гIуцIана МухIамадовасул ва Щербининал фонд. Гьеб фондалде 1500 доллар битIана МахIачхъалаялъул «Жилище» ГКУялъул генералияв директор, Хунзахъ районалъул ТIанусиса ГъазимухIамад МухIамадовасги.
Фондалъул гIарцудасан чIезабуна МухIамадовасул ва Щербининал цIаралда бугеб премия. Щибаб соналъ гьеб кьола химиялъул гIелмуялъулъ лъикIал хIасилал рихьизарурав студентасе. ГIарцуда цадахъ кьезе гьабун буго Набилги, Натальялги, ГIамирилги сурат тIад бугеб гIаламат. Университеталъул азбаралъуб буго гьел цIар рагIарал гIалимзаби – гIолохъанал химикал ракIалде щвезарулеб скамейкаги. Наталья ракIалде щвеялъе чIун буго гъветI, хъван буго гьелъул хIакъалъулъ поэма.
Лъималазул ахалъул хIалтIухъабазда кIочон гьечIо гьитIинав ГIамирги. Гьес гьенир кагътил къунцIунги ва цогидабги къагIидаялъ гьарун рукIарал жалги данде ракIарун, гьесул хIакъалъулъ жидерго ракIалдещвеялги тIаде журан, гьитIинаб тIехь хIадурун буго.
Фильмалъухъ балагьарал рухIдаллъизарула американазул гIаданлъиялъ, хIеренлъиялъ. ГIенеккилин гьезул мадугьал Лауренс Джонсил рагIабазухъ: «Авариялъул хабар рагIидал дун божизе кIоларого вукIана. Кутакалда ракI къварилъана. Цогидал мадугьалзабазда цадахъ гIодана», — ян.
ЦIар рагIарав ракьцоясул гьунарал кIодо гьариялъе ва гьев ракIалде щвеялъе тIоритIарал тадбиразулги бицинин. Масала, Буйнакск шагьаралда Наби цIалараб № 2 школалъул жанахIалъуб буго гьесул гIумруялъулги гIелмиял бергьенлъабазулги бицунеб стенд. Химиялъул кабинеталда гьев ракIалде щвеялъе кидаго лъола чIагоял тIугьдузул квацIи. Набил букIараб партаялда гIодов чIезе изну кьола цIалулъ бергьенлъаби росулесе.
Набил кIудияй яц Дагмараца кинофильмалда бицунеб буго жидер тIолабго тухумалъего кIудияб ками кканин Набиги, нусги, васги ракIалдаго гьечIого гIумруялдаса ратIалъиялдалъун. КигIанго цIикIкIарал квалквалал дандчIваниги, жидеца гьезул жаназаби Дагъистаналде росанила ва гIагараб шагьаралъул хабалалъ рукъанила.