«Гьадинал гIакъилал гIадамал гIелмуялдаги нижер вузалдаги гIемерал рукIаралани, нилъ рукIинаан тIолабго дунялалъул улкабазда гьоркьор тIоцебесеб кьерда». Гьадинаб пикру загьир гьабун буго Дагъистаналъул пачалихъияб техникияб университеталъул (ДГТУ) сайталда Гелани МуртазагIалиевасул хIакъалъулъ гьесул студентаз.
-Жакъа вузалде цIализе вачIунев гIолиласул лъай мукъсанаб бугин бицуна преподавательзабаз. Гьеб битIараб бугищ?
— КIудияб улка биххиялда цадахъго биххана лъай кьеялъул гIуцIиги. Нилъее чияраб бакалавриат, магистратура, ЕГЭ… Гьединал хиса-басиязул хIасилалда нижехъе рачIуна физикаялъулги математикаялъулги загIипаб лъай бугел абитуриентал. КIиго лъагIелалъниги ниж хIалтIизе ккола гьезул лъай камил гьабиялда тIад. Кин вахъинавилев ралел бакIазул махщелчи математикаги физикаги лъаларев чиясул?
Бокьилаан школазда лъаялде кIвар кьуни. Бицунеб рагIула, пуланаб бакIалда цIияб школа банин, къачIанин абун. Школалъе мина банилан цIалдохъабазул лъай камиллъуларо. Больница цIияб бугин абун, унтаравги сахлъуларо. РукIине ккола хIалтIизе гъирагун бажари ва лъай камилал махщелчагIи.
ГIодизе ккараб хIалалда буго гьабсагIат нижер махщалие цIализариялъул рахъ. Студентасе чара гьечIого хIажат буго математикаялъулги, физикаялъулги, геометриялъулги, химиялъулги кьучIаб лъай. Лъазе ккола математикаялъул формулаби, физикаялъул законал; геометрия лъаларев инженер кинав вукIунев?! ЗахIматаб хIал буго… Лекциялда яги семинаралда дица бицунеб жо бичIчIуларел студентал гIемер руго жакъа. Гьезда лъаларо мацI, лъаларо батIа бахъизе цIулал тайпа. Цебе гIолилаз абулаан, жидеца рокъоб цIул бичIулин, къед базе кумек гьабулин. Жакъа гьебги гьечIо.
Бокьараб заманалда дун хIадур вуго студентасул суалалъе жаваб кьезе. Амма, телефоналдасаги, электронияб почалдасаги, видео-бухьеналдалъунги дихъе кIалъазе рес бугониги, дагьлъун руго суалал кьолел студентал.
-Кинаб къимат дуца кьолеб МахIачхъала шагьаралъул архитектураялъе?
— Советияб улкаялда букIана «Госстрой СССР» абураб хасаб комитет. Гьелъул идарабазул, ай регионазда ругел филиалазул ихтияр гьечIого, цониги бакI балароан. Дагъистаналдаги букIана «Госстрой Дагестана» абураб идара. Гьениб мухIканго хал гьабулаан киналго документазухъ. Жакъа проект хIадуризеги гьелъул экспертиза гьабизеги цIакъ захIмалъула. Гьединлъидал щивас жиндиего бокьухъе балеб буго мина. Бищунго квеш ккараб жо — лъицаниги жаваб кьоларо гьеб гIала-гъважаялъул. Архитекторас абула жинца жаваб кьолин гIицIго пачалихъалъул бюджеталъухъ ралел бакIазул. Полициялъ абула гьеб жидер иш гурин. Гьединлъидал эхетухъего хутIун руго риххизаризе кколин абураб хIукму гьабурал минабиги. Риххизаризе гьечIо гьел — гIиси-бикъинал бакIал гурони. ГIадамазухъа гIарацги бакIарун, гIадлу гьечIого мина барав чи къватIисел улкабазда хIухьбахъулев вуго, гьес бараб минаялда рукъзал росарал гIадамал гIазабакь хутIун руго… Гьедин букIине буго жамгIияталъул бичIчIи хисизегIан.
-Ниж студенталлъун ругеб заманалда абулаан, сопроматалъул экзамен кьурав студент рукъалде вуссине бегьулин абун. ГIелмуялъул бищунго захIматаблъун рикIкIунеб махщел кин дуца тIаса бищараб?
— Дица школа лъугIизабураб заманалда дидаса цIикIкIарав кIиявго вацасги яцалъги тIаса бищун букIана учителасул махщел. Нижер хъизамалда гьабуна гьадинаб хIукму: дицаги гьитIинав вац Халидицаги тIаса бищизе ккола батIияб пиша. Гьедин дица тIаса бищана инженерлъиялъул факультет. Вац цIализе ана мединституталде, хIалтIулев вуго Москваялда тохтурлъун.
Университеталъул инженериябгун ралел бакIазул факультеталда цIализе гъира бугел абитуриентазул читIир халатаб букIана. Бугониги, дун ворчIана къецалъул хIасилалда. ЗахIматаб масъала, хIалтIи, тIадкъай тIубазе бокьулаан дие. Гьелъго бищана физикияб гIелмуялъул рехсараб бутIа. БагIараб дипломгун лъугIизабуна гьанжего гьанже рагьараб политехникияб институт. Ректорлъун вукIарав Камил МухIамадовасул тIадкъаялда рекъон, гьенир хIалтIизе тана инженериябгун ралел бакIазул факультеталъул лъикIаздаса лъикIал выпускникал. Гьенир хIалтIулел рукIарал гIолохъанал преподавателаз малъана аспирантураялда цIализе кколеблъи.
Аспирантураялда цIалулаго, дир гIелмияв нухмалъулев Райзерил хIаракаталдалъун, дун гIахьаллъана 1980 соналъул Москваялъул олимпиадаялде хIадурлъулаго рарал объектазул проектал хIадуриялъулъ. Техникиял гIелмабазул кандидатлъун вахъарав дун витIана МахIачхъалаялда цIирагьараб Ракь багъариялде дандечIолел бакIал раялъул рахъалъ гIелмиял цIех-рехал гьарулеб лабораториялда хIалтIизе.
—ГIелмуги динги —кин кIиябго бессун бугеб атеизм тIегьалеб заманалда куцарав чиясулъ?
— Аспирантураялда цIализе лъугьунев дида цо преподавателас гьикъана Аллагь вугищин абун. Вугин абун дица жаваб кьедал, хехго бухъизабе гьанисаян абуна гьес. Динги гIелмуги дица рикIкIуна лъай кьолел, гIакълу цIубазабулел иццаллъун.
Щибаб гIелмуялъул кьучIлъун ккола Аллагьасул законал. Машгьурав гIалимчи Эйлерица абун буго дунялалда кинабго лъугьунин максимумалъул яги минимумалъул законалда рекъонилан абун. Физикаялъул яги цогидаб гIелмуялъул законалъул гъварилъуде ваккидал бичIчIула гьелъул кьучI ТIадегIанасул хIалкIолъиялъулъ букIин. Аллагьас бижараб ва киналго рахъаз камилаб дунялалда дагьа-макъабго хиса-баси гьабуни, кинабго биххизе рес буго. Масала, цохIо градусалъ хинлъи цIикIкIани яги дунялалъул аслияб хIуби дагьабго гьетIани, тIасан борчIараб балагь рещтIине буго — гьеб гIалимзабазги тасдикъ гьабулеб пикру буго. Аллагьасул хIалкIолъиялда кинабгIаги щаклъи гьечIо дир. Нилъеца цIалулел гIелмиял законаз гIицIго баян кьола Аллагьас бижараб дунялалъе. Камуларо динги гIелмуги батIи-батIиял жал ругин ракIчIарал студенталги. Дица гьезда абула, диналъул балъголъи бичIчIизе ккани, гIелму лъазабизе кколин абун. ГIелмуялъ рес кьола нилъее ТIадегIанас камилго гIуцIараб сверухълъи наслабазе цIунизе. Аллагьас бижухъе дунял бичIчIарав ва гьеб къабул гьабурав чиясухъа бажаризе буго гIелмуялъул гъварилъуде хехго нух бахъизе.
—
41 сон балеб буго, дуцаги хъизан Муслиматицаги цадахъ гIумру гьабулаго. Кинаб гIакълу кьелеб дуца гIолохъанал хъизамазе?
— Дица хъизам гьабуна аспирантураялда цIалун вахъиндал. БукIинчIо нижер я мина-рукъ, я моцIрое лъикIаб харж щолеб хIалтIи. 10 соналъ рукIана мухьдахъ ккурал рукъзабахъ, гIисинал лъималгун.
ГIолохъанал хъизамазе дица гьарилаан сабру. Жакъа гьанир хIалтIун, метер доре кIанцIун, мурадалде щоларо. Жакъа эбел-инсуца рукъзалги жаниб лъезе къайиги кьола. Хъизам хьихьизе кумек гьабула. Инсанасул рекIелъ букIине ккола жиндасаго чIухIи. «Гьале гьаб диван дирго гIарцухъ босана! Гьаб хъулухъалде дун тIамуна, дир бажари-гьунар бихьун», — гьеле гьединал пикрабазул цIураб ракI гьечIони, сайгъаталъе щвараб къайиялъул къимат гьабуларо.
Цоги абилаан: эбел-инсуца тIаса йищарай яс ячарав бихьинчи мекъи кколаро. ГIемер хинкI кванарасда гIемер жо лъалин абулаан нилъер умумуз. Щулияб хъизам букIине бокьарав чияс эбел-инсул гIакълу хIисабалде босила. Диеги лъади ялагьана эбелалъ — дир ракIги бухIичIо. Нижер буго батIи-батIияб хасият, камулароан, хасго гIолохъанаб заманалда, дандеккунгутIиялги. Амма сабру гьабуна долъги дицаги. ХIасил — жакъа лъималазги гьезул лъималазги реэдулел руго ниж.
-Рокъоб кинаб мацIалда нуж кIалъалел?
— Дие бокьуларо жуба-гъубараб мацI бицунеб мехалда, хасго телевизоралдаса рагIизе. Нилъер буго бечедаб ва берцинаб мацI. Гьеб наслабазе цIунизе тIадаб буго нилъеда. ЦIунизе ккола миллияб маданиятги.
Хъизамалдаса дица тIалаб гьабулеб жо буго рахьдал мацIалда кIалъай — рокъоб, гIагарлъиялда гьоркьоб, миллатцоязул сверулъ. Рахьдал мацI буго хъизамалда бицунеб аслияб мацI. Лъималазул лъималаздаги лъала мацI, Москваялда гIумру гьабулезе захIмалъулеб буго гьеб лъазабизе.
Аспирантураялда цIалулеб заманалда дица гIумру гьабулеб минаялда рукIана тIолабго союзалдаса гIадамал. Цонигияс хIакъир гьавулароан батIияб миллаталъул чи. РекIелъ букIунаан дир гьитIинабго ватIаналдаса кIудияб чIухIи. Гьанже доб къадруяб республикаялъул цIар чорок гьабулеб буго нилъер халкъазул цо-цо вакилзабаз. Доб заманалдаго гIадин, «дун вуго дагъистанияв» абун чIухIун кIалъазе рес толеб гьечIо. Доб заманалда нижер выпускникал унаан батIи- батIиял регионазде хIалтIизе. Гьанжеги бокьилаан, амма бажаруларо: пуланав махщелчи витIизе бокьун бугин абун ниж кIалъараб мехалда, дагъистаниял росизе гьечIин гьабула жаваб. ТIагIунеб буго гIаданлъи, чилъи, къадру. Интернеталъги бакътIерхьул улкабаздаса нилъехъе щвараб гьересияб «культураялъги» гъоркье рехулел руго гIолилал.