Цо чанго соналъ цебе №35 гимназиялда тIобитIун букIана республикаялъул «Рахьдал мацIалъул лъагIалил учитель» конкурс. Гьелда гIахьаллъарай мугIалималъ дарсил цо бутIа сайгъат гьабун букIана ГIабасил МахIамадил творчествоялъе. Видеобухьеналъул кумекалдалъун бухьен гьабун букIана шагIирасулгунги. Гьеб къоялдаса нахъе нижер анищ букIана ЛъагIилухъе щвезе. Кинго санагIалъи рекъечIо ва гьедин ана заман. Исана нижер гьеб анищ тIубана. Дагъистаналъул...

