МагIарул жергъенги, Америкаги, бадибчIвай гьабизе гIедегIарал гIадамалги
МагIарулазул йигин Хиринду-Сафи СултIанова абурай кочIохъанилан гьабсагIат дица хъвани, гьас бицунеб щибилан ццим бахъун лъугьинеги бегьула нуж. ТIоцебе рагIулеб бугин гьединаб цIар, магIарулазулги гьединаб цIар бугел руччабийищин рукIунелин абун. Амма цIар магIарул руччабазул гIадаб гьечIониги, йиго гьединай гIаданги кочIохъанги.
ГIемерисезда гьелъул цIар тIоцебе рагIулеб батулеблъиги хIисабалде босун, нижер пикру ккана гьелъулгун гара-чIвари гьабизе.
Хиринду-Сафи гьаюна ва гIуна МахIачхъалаялда. Гьенибго лъугIизабуна музыкалияб школаги, хадуб училищеги. Гьединго Москваялда лъугIизабуна маданияталъул институт. Цо заманалдасан, бугелъуб бугебги тун, Америкаялдецин гочун йикIана гьей, кочIохъабазул цо конкурсалда гIахьаллъизе. РекIее гIечIеб къагIида океан бахун добехун бугеб гIумруги гIадамалги. Хехго ячIана нахъ юссун.
Чанго соналдасан Москваги рихараб гIадин лъугьун, гьей нахъ юссана умумузул ватIаналде. ГьабсагIат гIумру гьабун йиго Каспийскиялда, хIалтIулей йиго республикаялъул филармониялда. Гьелда цадахъго гIисинал лъималги данде ракIарун, гьезие кечI-бакъаналъул дарсалги кьола гьелъ.
Хиринду абураб цIарги гьелъие кьун буго инсуца. Персазул мацIалдаса буссинабуни, гьелъул магIна ккола гвангъарай, кенчIолей абураб.
Куч1дул ахIула магIарул, гIурус ва ингилис мацIазда. Гьал ахирисел рагIаби цIалун хадур цIекIаб пихъ квараб гIадин, кIалги кIичIизабун, лъугьинеги бегьила нуж. МагIарул кучIдузда цадахъ ингилисазул кечI- бакъанги алъие щайин. Амма нужеца бицухъе гьечIо иш. ЦохIо кечI ахIизе гуребги, ахIараб кочIол магIна гьабизеги, искусствоялъул хаслъи ва даража лъазабизеги гIураб гьунар буго Хириндул.
Рокъоб букIун бугеб лъикI
— Цогидал гIадамал лъикIаб гIумруялда хадур, гьарураб бакIалда батичIеб талихI балагьизе гIадин, гъирагун къватIире лъутулеб мехалъ, мун Москваги рехун тун тIад юссун йиго. КочIохъан хIисабалда, цеетIезе гьенир ресал цIикIкIун рукIинчIищ?
— Дидагоги гьедин кколаан ракIалде. Москваялда гIумру гьабун йикIарал соназда дун Дагъистаналде тIад юссинилан киданиги ракIалде ккун букIинчIо. Амма заманаялъ кинабго хисизабуна. КигIанго къуватай гIадан дунго йигилан кканиги, Москваялъул гьалагаб гIумруялда жаний дунго цIунун дихъа бажаричIо. Гьенивги вукIун гIумруялда жаниб дурго хасаб бакI кквезе, щулаго, чIолелъуб хIетIе чIезе ккани, къваригIуна щулияб, мурадалде щвечIого гIодобе биччалареб хасият. Кьуру бихханиги, биххулареб гIадаб щулияб ният къваригIунеб батана гьениб. Гьединаб нияталда чIезе дихъа бажаричIо, дие гьеб захIмалъана. КIиго бутIаялъ дие гьеб захIмат гьабуна Москваялъул гьалагаб гIор гIадин чвахун унеб гIумруялъ. Гьеб кинабго бичIчIарай дун Дагъистаналде тIад юссана.
— Америкаялдеги щун йиго мун…
— Щвана, анцIго-анцIила кIигониги сон ана долдаса нахъе. Амма дие гьеб заман ракIалде щвезабизе бокьуларо. Бечедаб ва сундулго рахъалъ щвалде щвараб ракь буго гьеб, амма цо жидерго хасал тIалабал, бокьарав чиясе къабуллъуларел низамал руго гьезул. Гьелъ дие цIакъго бакIлъана ва къабуллъичIо чияр ракь. Гьелде тIадеги, дир цадахъ букIараб къайи-цIа бикъун ун батараб мехалъги квешго ракI хвана дир гьезда. Москваялдасаго хирияб тукадаса босараб косметика бикъун ун батана дун рещтIун йикIараб гостиницаялда.
— Муи ХIасановалъул репертуаралдаса кечI букIана дуца цо конкурсалда ахIизе хIадур гьабун. Хас гьабун гьеб щай дуца тIаса бищараб?
— Дида гьей гIумруялда гIемер йихьун лъалей йикIиналъ. Нижеда мадугьалихъ йикIун, гьелъухъе гIемер щолаан дун. Халкъияб кечI ахIизе бокьун бугин бициндал, жиндирго кучIдул риччана гьелъ дие. Гьениб гьоркьоса бищараб кечI ахIана дица хадуб Москваялдаги. Муицаго гIадин, жергъада килщалги кIутIун ахIулейиланги йикIана, амма лъугьинчIо дихъа гьеб. Дунго дидасагоги нечана, цееяхъинги ккана цIакъ намусаб.
Жакъа ахIулеб кочIол…
— Хадубккунги магIарулалъ кучIдул ахIизе ракIалда гьечIищ?
— Гьелъие дица цин лъикIго мацI лъазабизе ккола. Эбел Болъихъ районалъул Гъагъалъа, эмен ГIахьвахъ районалъул ТIукитIаса кколел рукIаниги, букIине кколедухъ магIарул мацI лъазабизе дие рес рекъечIо. Эбел-эменги ратIалъун, кIвекIен ккана гьелъие.
Амма дида ракIалда буго гьеб щвалде щун лъазабизе. Берцинаб бугилан кканиги, магIарул мацI жибго захIматаб мацI буго лъазабизеги, бицинеги, гьединго кечI ахIизеги. ЦIалдохъанас рокъобе лъазабизе кьураб кечI гIадин, лъазеги гьабун, кечI ахIи гуро дир мурад. Дие кIвар бугеб жолъун ккола дица ахIулел рагIабазул магIна дидагоги гъваридго бичIчIи, гьел рагIабаз диего гьабулеб асар гIенеккаразухъеги кьей. Жинцаго жиндирго къимат гьабулев бокьарав кочIохъанасул рукIине кколел принципал руго гьел.
— Инсан кантIизавиялде, лъикIлъиялде ахIулел, гьесие битIараб тарбия кьун бажарулел тайпаялъул кучIдулги дагьал гьечIо. Мисалалъе, Алла Пугачевалъул буго «НекIсияб сагIат» абураб кечI. Гьениб гьелъ цIакъ асар гьабуледухъ бичIчIизабулеб буго гIумру хехго унеб букIин. Жиндие херлъизе бокьун гьечIин, заман лъалхъулареб щайилан ахIи балеб гIадин йиго гьей. Гьединаб рахъалде кIвар кьолищ дуца кечI ахIулаго?
— Валлагь цIакъ кутакалда кьолин, гьелде кинабго пикруги кIварги буссинабулин дицайилан, гьабсагIат жаваб кьуни, гьереси бук1инин хIинкъунги йиго дун. Дицагоги гIемер хIисаб гьабулеб суал кьуна дуца гьабсагIат. КочIол бакъаналде гъоркь кIалги гьакIкIан, тIокIаб сундулниги агъаз гьечIей гIаданлъун дунго йикIине дие, узухъда, бокьиларо. Амма жалго кучIдулги гьединал магIна бугел, гъваридал рукIине ккелаха. Гьаб заманалъ гьединал, кутакаб асаралъул кучIдул хъвалел шагIирзаби дида лъаларо. Ратизеги бегьула, амма дун жеги гьединалгун дандчIвачIо.
— Батани, цере рукIарал шагIирзабазул лъил творчество дуе бищун бокьулеб?
— Расул ХIамзатов дунялалдаго лъалев, кутакалда пасихIал, гъваридал кучIул хъварав шагIир вуго. Амма дие гьесдасаги, бахчиларо, бокьула гьесул эмен ЦIадаса ХIамзатил творчество. Гьесул сатириял асараз цIакъ асир гьаюна дун.
— Дуего критика гьабидал цIакъго рекIекълъулищ?
— Гьереси щай, рекIекълъула. Гьеб рахъалъ цIакъ загIипай гIадан йиго дун, щаяли. Амма нилъер гIадамаздаги критика гьабизе щвани, кинабго кIочон толеб буго. Мисалалъе, бокьарав чIагояв чиясул гIадин, дирги рукIуна гъалатIалги, чанги рукIана кечI лъикIго ккечIого дунго намуслъизе ккарал лахIзаталги. Амма гъоркьгоги ничалъги сабру хвеялъги гьорозаюн, ракIги къварилъун йигей гIадан, гьез тIуянго йижичIей анищан ккезе гьаюла. Цоялдаса цоял рекIелъ хIунсулел, унтулел рагIабаз чIван лъола. Цо дагьаб рекъараб рагIиги бицун, ракI-макIго гьабизейищ бегьулареб? Гьез абичIониги лъаларогойищ бугеб дида дирго цееяхъин лъикIаб ккечIеблъи. РагIуца лъукъулелго гIадин, иман бугеб рагIуца чIаголъизеги гьавула чи. КочIохъанасейин абуни хинал рагIаби лъиеялдасаго цIакъ хIажат рукIуна.
ХадурагIи
Гьеб гуребги, гIемер интересаб хабар бицана Хириндуца. Къойица гаргадизе йиччаниги, кечI ахIизего гIадин, кIалъазеги буго гьелъул махщел. ГIумруялъулги сверухъ лъугьунебщиналъулги пикру гьабизеги лъалеб буго. Лъицаниги гьукъунилан кечI ахIиги теларилан абуна гьелъ. Гьеб бугила гIумруялда жаниб жинда батараб бакI. Жиндихъа гьеб бахъизе лъилниги ихтиярги гьечIин тIадеги жубана кочIохъаналъ.