Новость на родном

Пенсиязул ва пособиязул индексация

«Россиялъул Федерациялда пенсиялдалъун гражданал хьезариялъул къагIида гIуцIула щивасе пенсия щвеялъул рахъалъ ритIухълъиги цIунулаго, батIи-батIиял ригьалъул гIадамазул пикруялъулъ тIадрекъейги кьочIое босун, чIезабула гьелъул пайдаяб хIалтIи, гьединго щибаб соналда, ай лъагIалида жаниб цоцIул, федералияб законалде рекъонкколедухъ гьабула пенсиялъул индексация», — ян хъван буго цIигьабураб Конституциялъул 75-абилеб статьяялъул анлъабилеб бутIаялда. «Россиялъул Федерациялда, федералияб законалда рекъон, чIарагьечIеблъун ккола социалияб...

Новость на родном

МРОТалдаса дагьаб гуреб бищун гIодобегIанасеб моцIрол харж

«Россиялъул Федерациялъ адаб гьабула гражданазул захIматалъул ва хIакълъунго цIунула гьеб рахъалъ гьезул ихтиярал. Пачалихъалъ тIаде босула Россиялъул тIолабго Федерациялда хIалтIизе бажарулел гражданазул бищун гIодобегIанасеб моцIрол харж моцIалъ гIумру гьабизе хIажалъулеб гIарцул къадаралдаса дагьаб гуреблъун гьабизе», — ян тIаде жубан буго Конституциялъул цIияб редакциялъул 75-абилеб статьяялде.Гьеб статьяялдалъун мухIкан гьабун буго Конституциялъул анкьабилеб статьяялда кьураб гьадинаб баян:...

Новость на родном

РФялъул цIигьабураб Конституциялда гIадамазул ихтиярал

Россиялъул Конституцияллда хиса-басиял гьариялъул аслияб магIна ккола улкаялъул гражданазул социалиял ихтиярал цIуни, щайгурелъул гьел хиса-басияз жеги мухIкан гьаруна социалиял ихтиярал цIуниялъулъ пачалихъалда тIадаб борчалъул хIакъалъулъ бицунел нормативазда рехсарал баянал. Аслияб ишалъулаб нормалъун букIине буго социалияб рахъалъ бугеб пачалихъалъул борч. Масала, бищун дагьаб моцIрол харж бащалъизабулеб буго моцIалъ гIумру гьабизе хIажалъулеб гIарцул къадаралде (МРОТ). Щибаб соналда...

Новость на родном

2020 соналда вузалда къабул гьариялъул хаслъаби

2020 соналъул 15 июналда РФялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ къабул гьабураб №726 приказалда рекъон чIезарун руго исана бакалавриаталдеги, специалитеталдеги, магистратураялдеги цIализе лъугьиналъул, гьединго аспирантураялда гIелмиялгун педагогиял хIалтIухъаби хIадур гьариялъул рахъаз хаслъаби.   Бакалавриаталдеги специалитеталдеги документал къабул гьаризе руго абитуриентаз ЕГЭ кьелалдего ва пачалихъиял экзаменазул хIасилал лъалелдего. 2020 слналъул 15 иналде вузалъул сайталда лъезе ккола щибаб вузалъ...

Новость на родном

Роол хIухьбахъи – законалда рекъон

2019 соналъул 16 октябралда къабул гьабураб ва 2019 соналъул 27 октябралдаса нахъе къуватаблъун рикIкIунеб «Лъималазул хIухьбахъи ва сахлъицIуни гIуцIиялъулъ пачалихъалъул гIахьаллъи камил гьабиялъул рахъалъ ругел законазул цо-цо актазда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ» абураб № 336 федералияб законалдалъун хиса-басиял гьаруна 1998 соналъул 24 июлалда къабул гьабураб «Россиялъул Федерациялда аслиял лъималазул ихтиярал цIуниялъул хIакъалъулъ» абураб №124 федералияб законалдаги....

Новость на родном

ГIанкI

ГIанкIица росдада гIагарда гIумру гьабулеб букIана ха­сало. Сардил ригь щвараб ме­халъ гьеб цояб гIинги эххеде борхун гIенеккана; цинги цо­ябги борхана; михъалги кьур- кьуризарулаго сунтIана гьелъ, цинги нахъисел квачIазда бахъ­ун чIана. Цинги гьеб гъваридаб гIаздалъан кIанцIана, нахъеги кIусун сверухъ бала-гъалагьизе лъугьана. Сверухъ киса-кибе­го гIазу гуреб, тIокIаб щибни­ги бихьулеб букIинчIо. ГIазу кенчIелеб букIана. ГIанкIил ботIрода тIад квачалъул...

Новость на родном

КIудияб хъизан – талихIаб хъизан

Улкаялда хIурият ккун хадуб гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагIаялда рекъон, ЦIунтIа районалда гIумру гьабулеб букIана 80 азаргоялдасаги цIикIкIун чияс. ГьабсагIаталда вуго 25-30 азарго цIунтIасев. Гьелъие гIиллалъунги дида бихьула жакъасел хъизамазда дагьал лъимал гьари.    Советияб заманалда районалда йикIана лъимал гIемерай, ай бахIарчияйлъун рикIкIарай 300 эбел. Гьезул цояй ккола Лъерулъ росулъа ГIайшат МухIамадова. ГьабсагIаталда Гъизляр районалъул Красный Восход...

Новость на родном

ВатIаналде бугеб рокьул квацIи

Санал ран цIикIкIанагIан, цIакъго бокьулеб буго умумуз нилъее тараб кIалзулаб хазинаялъухъ гIенеккизе. Гьанже гурони, гьезул магIнаги тIубанго бичIчIулеб гьечIо. РагIараб гIакъилаб ка­ламги къалмиде босизе бокьулеб буго. Руго нилъеда гьоркьорги гьединал гIадамал. Гьезул цояв­лъунги ккола дир росуцояв, Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик, дунялалда­го машгьурав гIалимчи Шамил ГIалиевги. Щвана гьесухъе цIалдохъаби рачунги, щола дунгоги.     МахIачхъала шагьар....

Новость на родном

КIочон тезе рес гьечIеб тарих

…ХIайдар жанив рехидал                                            Хайбаралъул къавмалда, Къварилъи бихьанадай гьанже гIадаб кIудияб. ГIураби гьаргьадулеб Дагъистаналъул боцIи, Дажалил къавмалъ квине                                  ...

Новость на родном

ГIодизе ккаралъур щай нилъ релъулел?

МахIачхъалаялъул больницаялда хIалтIулев тохтур, 60 сонил ри­гьалде вахарав ГIалиев Макъсуд, чияца гьумер-кIалги бухун рокъове вачIиндал, гIажаиблъун рукIана киналго. КIалдиб лъуниги килищ хIанчIуларев, къварилъиялде ккарав чиясе кидаго кумекалъе гIедерав Макъсудие ккараб цIехон гьесухъе щведал, гьес бицана гьадигIан цIакъ нилъер, ай дагъистаниязул иш хун батилин киданиги ракIалде ккун букIинчIилан.   «МахIачхъалаялъул, МухIамад ХIажиевасул къотIносан вачIунаго, шагьаралъул ахикье...