Салатавиялъул ракьалда сапарчагIазул ракI тIаде цIалел, бераз лазат босулел бакIазул цояблъун лъугьун буго Алмахъ росу. Гьеб гIемерго некIсияб ва кIудияб росу буго ралъдал гьумералдаса микьнусго метралъул борхалъуда, Ахъташ гIурул кваранаб рагIалда.
Бицен буго гьеб гIоралда «ХъахIаб гамачI» абураб магIнаялъул цIар Ахъташ хутIун бугин хазаразул заманалдасаго. Алмахъалъул югалъулаб рахъалдехун километргун бащдалъул халалъиялда руго батIи- батIияб тIегь-хер гьарзаял рорхатал мугIрул. Севералъулаб рахъалдехун ругел гIемер рорхатал гьечIел мугIруздасан байбихьун чвахула Ахъташ.
Росдада сверухъ ругел мугIрузда ва рохьазда дандчIвала батIи-батIиял жанаварал, рухIчIаголъаби ва хIанчIи: циял, бацIал, чакъалал, гъапланал, хъабанал, гIалхул цIцIани, цIиркъал, гIондокьал, гвангваби.
ГIалимзабаз чIезабун буго Алмахъалъул сверухълъиялда лъагIалида жаниб 270 роцIараб къо букIунин, гьоркьохъеб къадаралда гьаваялъул хинлъи бахунин гIицIго анцIго градусалде. Хасалил моцIаздайин абуни гьеб 26 градусалдаса гъоркьеги кколарилан.
Гьенир гIемерал руго бацIцIадаб ва цIорораб лъадал иццал, Ахъташ гIурул лъадалъ рукIуна масакI тайпаялъул ччугIби.
Дун Алмахъалде щвана гьеб росулъа жамагIатчи ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул член Айтемир Сатираевгун цадахъ.
ГIагараб росдаде рокьи рекIелъ бугев Айтемирил хIаракаталдалъун Алмахъалда ахирал соназда ккарал лъикIал хиса-басиязул бицунеб букIана гьесул росуцояз. Амма гьезул хIакъалъулъ дагьаб хадуб бицинеги тун, гьанир рехсезе бокьун буго Алмахъалъул тарихалдаса цо-цо баянал, нусго сон барав Насрула Мусаевас бицарабги кьочIое босун.
Тамерланица Дагъистаналде чабхъен гьабураб заманалда Алмахъ букIун буго ичIазарго цIараки жаниб бугеб шагьар. ГIурус пачаясул чияр ракьал рахъулезде данде Кавказалъул рагъ халат бахъана кIикъогогIан соналъ. Гьеб гъазаваталъе къоло щуго соналъ бетIерлъи гьабуна имам Шамилица. Халкъалъул эркенлъи ва чияда бараблъун гьечIеб Имамат цIунизе гьеб бахIарчияб къеркьеялъулъ гучаб гIахьаллъи гьабуна алмахъазги. Гьезул гIемерисел рукIана имам цIунизе гIуцIараб къокъаялда гьоркьор.
КIудияб ВатIанияб рагъулъ гIахьаллъана 540 алмахъав, гьездаса 270 чи росулъе тIад вуссинчIо.
1917 соналъул инкъилабалдаса хадуб цIикIкIараб хиса-баси ккана Алмахъалъул гIадамазул гIумруялъулъ. Росулъ рагьана цIияб школа, изба- читальня, рагIалде бахъана хъвазе- цIализе лъангутIи лъугIизаби.
Цо гIи-боцIул фермаялъул багIараб бокIоналда дир бер речIчIана хIикматаб документалда. Гьелда хъван буго: «Дагъистан АССРалъул Казбек районалъул «25-абилеб Октябралъул цIаралда бугеб гIияхъанлъиялъул фермаялъе кIиго соналъ гьоркьохъеб къадаралда III,6 кьегIер щвана вюртембергалъулаб метис-тайпаялъул 100 чахъдадаса ва гIоркIкIеналдаса батIа гьабураб мехалъ. 1937 соналда букIун буго кинабниги 1569 чахъу, 1938 соналда — 2053 чахъу. Гьелъухъ гьеб ферма рикIкIана ТIолгосоюзалъул росдал магIишаталъул выставкаялда гIахьаллъараблъун ва босун буго ХIурматалъул ТIехьалде».
Дагъистаналдаго цIияб ишлъун лъугьана тIанкIал ругел ритIучIал Алмахъалда хьихьизе байбихьи. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана «Алмахъ» совхоз» ОООялъул нухмалъулей Зинат Лугуевалъ: «Нижер предприятиялъул директорлъун доб мехалда вукIарав Шихмирза Абуевасда рагIун буго тIанкIал ругел ритIучIал Кабардино-Балкариялъул «Майский» совхозалда хьихьулел ругилан. Гьес, гьенивеги ун, бичун босун бачIана 300 ритIучI. Гьезие бокьалги къваригIинчIо, нилъер гьава- бакъги рекъон ккана, хасалил квачги гьезда хIехьезе кIола, херги кванала, гъутIбузул гIисинал гIаркьалаби рукъизеги бокьула».
Гьебго ОООялъул кIудияй специалист Нажабат Сиражудиновалъги тIаде жубана: «ТIанкIал ругел ритIучIал хьихьиялъ цIикIкIараб хайир кьолеб буго магIишаталъе. Гьезул лълъурдул хIалтIизарула цIакъго къиматал дараби хIадуризе».
Гьаниб бицине ккола ритIучIазул рехьед хехго кIодолъулеб бугилан. АнцIгогIан соналда жаниб гьезул къадар азаралда щунусгоялде бахана. Гьединлъидал «Буртунай» совхозалдаги байбихьана тIанкIал ругел ритIучIал хьихьизе. ГIиял рехъаби цIикIкIинариялъеги гьезул щибго квалквал гьечIо.
Амма, кигIанго бокьичIониги, Буртунаялдаги ва цогидал магIишатаздаги хьихьарал тIанкIал ругел ритIучIазул къадар соналдаса соналде дагьлъана, тIубанго тIагIине байбихьана.
ЦIикIкIараб хайир кьолел, хасго лълъурдул хираго ричун унел гьел ритIучIал тIуранго тIагIиналдаса хвасарлъиялъе квербакъана Айтемир Сатираевас. «ЧIикIабГЭСстрой» ОАОялъул генералияв директорасул заместительлъун вугел соназдаго гьес хIаракат бахъана ритIучIал хихьизе гьарурал бакIал жиндирго тIалабчилъиялде росизе ва акциял тIиритIизаризе.
ТIолгороссиялъул пантал тайпаялъул лълъурдул ругел ритIучIал гIезариялъул гIелмиябгун цIех- рехалъул институталъул директор, ветеринариял гIелмабазул доктор, профессор, РФялъул гIелмабазул мустахIикъав хIаракатчи В. Г. Луницыница хъвалеб буго: «Северияб Кавказалда «Алмахъ» совхоз» ООО ккола Казбек районалъул рорхатал мугIрузда тIанкIал ругел ритIучIал гIезариялъул цого-цо бугеб предприятие.
ТIанкIал ругел ритIучIал Дагъистаналда гIезариялъул бугеб захIматаб хIалалде кIвар буссинабизе, магIишат щулалъизабиялъе гIарацги биччазе ккола», — ян.
Дагьабго къокъ гьабун бахъараб гьеб кагъат битIун бачIун букIана нилъер тIоцевесев президент МухIу ГIалиевасухъе.
Гьелдаса хадуб кинаб хиса-басиха ккараб?
«Алмахъ совхоз» ОООялъул коллективалъ, Казбек районалъул нухмалъулез, ДРялъул Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъ кIудияб хьулгун къабул гьаруна ДРялъул президентлъун вукIарав Рамазан ГIабдулатIиповасул аслиял проектал, гьелдаго гьоркьоб АПКялда ритIучIал гIезариялъул масъалаги. Амма, магIарулаз абухъе, гьеб хьулги хIорго хутIана.
ДРялда ритIучIал гIезариялъул иш тIоцебе пайдаяблъун рикIкIарав ва гьелъул гIуцIарухъанлъун лъугьарав ГIабдулбасировас 1974 соналдаго абун букIана пантал тайпаялъул (ракьа гIадин къвакIуларел) лълъурдул ругел ритIучIал гIезариялъе ресал нилъер республикаялда гIемерал ругин, хасго мугIрузда цересел бакIазда. Гьес бихьизабулеб букIана, гьелъие харж гьабураб щибаб гъурщидаса щвезе бегьулеблъи лъабго ва цIикIкIун гъурущ хайиралъул. Алмахъаздаса мисал босун, тIанкIал ругел ритIучIал жидерго магIишатазда гIезаризе бокьаралги гIезегIан рукIинилан.
Амма «Алмахъ совхоз» ОООялъул цIар хисизабун лъугьараб зверосовхозалда жакъа цIунун хутIун буго 1500-ялдаса цIикIкIун тIанкIал ругеб ритIучI.
РакIчIун абизе кIола, гьеб зверосовхоз гIуцIаралдасаго гьелъул къисматалъул ургъел рекIелъе биччан, росуцоязе пайдаяб ишалде кIвар кьун, ракI-ракIалъ гьабураб кIудияб ва гьезда киданиги кIочене гьечIеб кумекалъул хIасил бугин гьебилан.