МагIарулазул бищун кIудияб республикаялъулаб казияталъул коллективалъул рахIат хвезабун буго къойидаса къойиде «ХIакъикъат» цIалулезул къадар дагьлъулеб букIиналъ. Миллионалде гIунтIун чи вугеб миллаталда щуазаргоцин подписчик гьечIин абураб жоялда божизецин кIолеб гьечIо.
Редакциялъул хIалтIухъабазги хIаракат бахъулеб буго цIалдолезул тIалабал тIуразаризе, халкъалъулгун бухьен чIезабизе. Амма казияталъулгун гьудуллъи щулалъизабиялъулъ мукъсанлъи биччалеб буго магIарулаз. Масала, Хасавюрталъул зонаялда (Хасавюрт, Гъизилюрт, Казбек районал ва Хасавюрт, Гъизилюрт шагьарал) вугев хасав мухбирас хIаракат бахъана бакIалъулал администрациязул нухмалъулезулгун кIалъа-басаял гьаризе, гьезухъ гIенеккизе.
Росабазул бегавулзабазда гьоркьор руго казият цIалулелги, ратана гIурус мацIалдайищ гьеб бахъулебин цIехолелги. ХIалчIахъаги Комсомольское росдал бегавул Казбек ГIабдуразакъовасул. Гьес абуна гьадин: «Дица щулияб рагIи кьола 2021 соналъул тIоцебесеб бащдаб лъагIалие къого экземпляр «ХIакъикъаталъул» хъвазе», — ян. Гьесдаго релълъун, киналго бегавулзабаз щула гьабулебани казияталъулгун гьудуллъи, жакъа гIадинаб къадар (39) букIинароан Гъизилюрт районалда казият цIалулезул.
Гьанибго абичIого гIоларо, баркала буго Гъизилюрт районалъул бетIер МухIамад Шабановасе. Гьесул хIаракаталдалъун районалда тIубараб лъагIалиего хъван буго 300 экземпляр «ХIакъикъаталъул». МухIамадидаса мисал босизе ккела цогидазги.
Нилъеда бичIчIизе ккола, казият гьечIони, мацIги, адабиятги, маданиятги, тарихги мукъсанлъулеблъи. Гьеб масъалаялда тIад ургъизе заман щун буго.
Хасавюрт шагьаралда буго цогидал районазде ва Гъизилюрталде поч баччулеб бетIераб идара. Гьелъул нухмалъулев МахIач ГIумаровгунги дандчIвана дун.
— Дица дирго рокъоб я хъизаналъе, я лъималазе магIарул тун батIияб мацIалда кIалъазе изну кьоларо. «ХIакъикъат» казиятги хъвала, гьебги цIалула. Гьаб буго захIматаб заман. КIвар кьела. МоцIида жаниб цо-цо нухалда данделъула почалъул отделениязул нухмалъулел. Гьенибги гьоркьоб лъела гьеб суал ва чIванкъотIарал хIукмабиги гьарила, — ян бицана гьес.
Хасавюрт районалда буго магIарулазул 16 росу. Кинабниги 10388 цIараки. Гьелгощинал гIадамал магIарулазул ругеб районалда 2020 соналъул кIиабилеб бащалъиялъе 81 гурони «ХIакъикъат» хъван гьечIо.
Хасавюрт шагьаралда яшав гьабулеб буго 145 азаргоялдаса цIикIкIун чияс. 2010 соналъ гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагIаялда рекъон, халкъалъул гIаммаб къадаралда гьоркьоса магIарулазул буго 30 процент. Амма 2020 соналъул кIиабилеб бащалъиялъе «ХIакъикъаталъе» подписка гьабун буго ичIго чияс.
Дида киданиги ракIалде ккун букIинчIо магIарул миллат гьадигIан мискинлъун батилин. Дун гIемер щола магIарухъ ва гIатIиракьалда ругел росабалъе. КъанагIат гурони бихьуларо кIи-кIи, лъаб-лъаб тIадагьаб букIа, юк баччулеб букIа, машина рагьда гьечIеб мина. Гьебищха магIарулазул гьанжесеб мискинлъи. Мискинлъун гуро нилъ ругел, мукъсанлъун руго, гIарцул гурони пикру рекIелъе биччалеб гьечIо. Гьединаллъунищха нилъ рукIине кколел, бергьарал гIалимзабазул ирсилал?
Казбек район кидаго букIана казият хъвалезул ва цIалулезул цебесеб кьерда. Гьеб рахъалъ реццалъе мустахIикъал руго Алмахъ росдал гIадамал. 80-ялдаса цIикIкIун «ХIакъикъат» хъван буго алмахъаз. ХIатта 3500 цIараки бугеб Дилималдацин 60-ялде бахун гьечIеб мехалда.
Коронавирусалъул хIасилги батила гьеб. Кин-щиб батаниги, тIад ургъизе ккарал суалал гIемер руго.