ТалихIалъул кIул

ЦIалуда, хIалтIуда, рокъоб, къватIиб ва цогидалги бакIазда, бокьарав чияс, гIилла букIа-букIунге, рекIелъ рекъолареб рагIиги абун къварид гьавула инсан. «Пашманлъуге» абураб тIехьалъул автор ал-Къараница хъвалеб буго гьединаб мехалда ракI бекизе биччагейила ва дуда лъа- йила гьес абураб рагIиялъ дуе гуреб, жиндиего зарал гьабулеблъи. Гьеб тIехьалдаса босун, гьединго, рагIаралъуса, цIаларалъуса тIадежураялги гьарун, цо-цо бутIаби рахъулел руго гьанир.

 

Инсан

РатIлица чийин, чоца багьадурин абухъего батила, цо-цо чагIаз инса­насе къимат кьола гьесул ратIлихъ ва чвантихъ балагьун. Гьебин абу­ни буго бокьараб къоялъ тIаса ине рес бугеб жо. ЧIухIарав, пахруяв, гIадамазде бер-ракIго щоларев, ми­скинасе кумек гурев, загIипасда гурхIел гурев, хъачIав чиясдаса щиб пайда бугеб жамгIияталъе? Лъие хIажат бугеб гьединасул берцинлъи, узданлъи, бечелъи?

Мискинлъиялъ къвал барал ру­гониги, рукIуна гIадамал аскIор ругезул ургъелги гьабулел, язихъ­асда кверги чIвалел, вакъарасе квенги, къечарасе лъимги кьолел, хIажат ккедал жамагIаталда цадахъ къватIиреги рахъунел. Гьанже пикру гьабеха, кинал гьезул талихIаллъун ругелали?

 

Инсанасул талихI гIуцIун буго лъабго жоялдасан: Аллагьасе рецц гьабулеб ракIалдаса, Аллагь рех­солеб мацIалдаса ва сабуралда бугеб черхалдаса. ТалихIалъул хIакъалъулъ кигIан гIемерал тIахьал цIаланиги щиб, гьеб батизе гьечIелъул гьаб лъабабго гIамалалда тIадчIей гьабичIони. Гьаб лъабабго гIамал нилъелъ камиллъани нилъ лъугьуна ракьалда лъикIлъи бекьу­лезул мухъилъе, лъикIал ишал гьа­рулезул кьеразулъе.

Аллагьасул Каламалдаги буге- лъулха: «БетIергьанасда жалги божулел, жидеца лъикIал ишалги гьарулел бихьиналги руччабиги лъугьуна алжаналде…», — ян.

***

«Цо сордоялъ дунги цадахъ рукIарал медсестрабиги захIматаб дежурствоялде ккана. Лъимер гьа­булаго, кигIан ниж къеркьаниги, хвасар гьайизе кIвечIо гIолохъанай чIужугIадан. Гьелъ нахъе тана за­ман щвечIого гьабураб, загIипаб лъимер ва кIиго сон барай яс», — ян хъвалеб буго Африкаялъул цо улкаял­да хIалтIулей йикIарай тохтуралъ. «Ниж ургъалилъе ккана, киндай хва­сар гьабила загIипаб лъимерин абун? Больницаялда рукIинчIо шартIал, хIатта гьединал лъимал лъолеб ин­кубатор бакизе токгицин букIинчIо. Цояй сестра ана нахъарокъое, гьени­са квасквасги босун ячIана, гьитIич гъорлъ жемизе. Цогидай екерана грелка босизе. Гьейин абуни ячIана магIил бералги цIун:

— Хинаб лъим жанибе тIурабго, грелка бихъун ана. Гьабин абуни букIана нилъер гьаниб хутIараб ахи­рисеб грелка.

 

«ГIодобе тIураб рахьалда ха­дур гIодиялъул магIна гьечIин» бакътIерхьул улкабазда абу­леб гIадин, Африкаялдаги пайда букIинчIо грелкаялда хадур гIодун. Гьеб босизе я аптека, ялъуни тукен букIинчIо.

— Щибха гьабилеб? — ян абуна дица, — нилъеца лъимер лъела цIадуда аскIоб, гьелъие рекъараб хинлъи бачIунеб гIадаб бакIалда. Щайгу­релъул, хинлъи щвечIони, гьитIич хвела. Нилъгойин абуни, иргадал гьелда аскIор регила, гьелда гьури чIваларедухъ. Нилъер аслияб масъа­ла буго лъимер квачалдаса цIуни.

 

Нахъисеб къоялъ дун ана аскIобго букIараб лъималазул рокъое. Дица гьезда бицана нолъкъаси ккаралъул ва гьарана гьеб гьитIинаб лъимадуе дугIа гьабейилан.

— Бищун квеш ккараб жо буго ни­жер, — ян абуна дица гьезда, — цого-цо букIараб грелка бихъи. Гьелъ хинлъи­забизе рес букIана лъимер, гьанже дагьабго гьури хъванигицин гьеб хве­зе бегьула.

 

Дица гьединго гьезие бицана кIиго сон барай ясги йигин гьей хварай чIужугIаданалъул, жийго бесдал­лъарайлъи лъачIониги, эбелалъухъ гIодулей.

Лъимал кутакалда гIенеккана дица бицунелъухъ ва киназго дугIа гьабуна. Дир пикру жиндехунго бус­синабуна анцIго сон барай гIадай ясалъ. Гьей ракI-ракIалъ Аллагьас­де гьардолей йикIана, жиндирго гьитIинал квералги цере ккун:

— Я, нижер БетIергьан Аллагь, Дуца нижее жакъаго цо грелка кье, щайгурелъул, метер кватIун ккезе бегьула, метералде лъимер хвезе рес буго, — ян гьарулеб букIана гьелъ.

 

Гьедин гьарана гьелъ гIезегIан ме­халъ, бацIцIунаго магIугун ва ахирал­да тIадеги жубана:

— Цо ясикIоги кье, Аллагь, гьей кIиго сон барай ясалъе, гьелда лъа­зе, жий Дуе йокьулеблъи ва гьелъул ракIги гъун букIине…

Гьелъул гьари рагIун гьакIкIан хутIарай дица, «Аминилан» абура­бищалиго лъаларо. ТIубалареб гьари бугилан пикруги букIана, гьитIинай ясалъул анищ бихьулищин ракIалдеги ккана.

 

Гьединал пикрабазда дун хIалтIуде тIад юссана. Дица гье­нир медицинаялъул дарсалги кьо­лаан. Рукъги букIана больницаялда дандбитIухъ. Дарсида йикIаго дида бихьана дир рукъалда цебе машина чIун. Дун гьение екерана, амма гьеб дун тIаде щвелалде ана. Гьеб маши­наялда рукIараз дир рагъида лъун бугоан къоло кIиго килограмм бугеб кIудияб посылка.

Дир берал магIил цIуна. Дие жеги лъицаниги посылка битIун бачIун букIинчIо, лъабго соналъ гьаний хIалтIулей йигониги. Дида гьеб ра­гьизе бажаричIого, добго лъимала­зул рокъобе ахIи бана. ГьебсагIатго тIаде щвана гьениса лъимал, гьезда гьоркьой йикIана дой дугIа гьабу­рай ясги. Киналго тIаделъун, ниже­ца цо-цоккун гарацI бичун, гьелдаса квар бахъана, цинги нусги босун гьеб къотIана, жаниб бугеб жо хвеларе­духъ. ЛъебергогIанасеб бер букIана дир кверазухъ балагьун, щибдай жа­ниб батилаян.

 

Бищун тIад батана чанго свитер, дица гьел лъималазе рикьана. Гьезул берал, роххиялъ кенчIелел рукIана. Хадур рахъун рачIана медицинаялъ­ул къваригIунел алатал, чанго киш­мишалъул къвачIа, конфетал… ва грелка! У, хIакъикъаталдаги букIана цIияб грелка!

Лъималазул, гIажаиблъун, гьар­кьал рорчIана, дирин абуни берал магIил цIуна. Дица гьарун букIинчIо Аллагьасда грелка кьейилан, гьару­лей ясалдацин гIажаиблъун йикIана. Дунго кинай гIабдалха, дугIаялъул къуваталда божуларей?

— Грелка кьурав Аллагьас ясикIоги кьун батизе бегьула! — янги ахIделаго кIанцIезе лъугьана дугIа гьабурай яс.

 

ХIакъикъаталдаги посылка­ялъул тIиналда батана берцинаб ясикIо. Ясалъул берал цIваби гIадин кенчIана, гьей божун йикIана Алла­гьас гьарараб жо кьолеблъиялда.

— Дун йилълъинищ мунгун цадахъ дой гьитIинай ясалъе гьаб ясикIо кьезе? — ян абуна гьелъ дида.

— Йилълъа, дир хирияй, дуцалъидал гьаб Аллагьасда гьарараб, — ан абуна дица гьелда, чвахулаго магIугун.

Гьеб посылкаялъ нухда бан бугоан щуго моцI. Гьеб битIун букIун буго дир рукIарал цIалдохъабаз, дунго гIадай тохтуралъ ракIалдеги щвеза­бун. Гьелъул ракIалде гьеб реххарав­ги Аллагь гурищ, битIун хIажатаб къоялъ грелка тIаде щвезе! Посылка цIечIого хутIараб бакIалда цоялъ ясикIоги лъун буго, лъималазул рукъ­алъе букIинейилан. Гьеле Африкаялъ­ул гьитIинай ясалъул дугIаялъе Алла­гьасул жаваб».

 

Хвел

Гьаб дунялалде вачIанщинав ин­санас чIамизе буго хвалил кьогIлъи. Гьеб буго нилъеда я цебе ккезабизе ялъуни нахъ бахъинабизе кIолареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьа­сул Каламалдаги буго бихьизабу­раб заманалда щивав чияс хвалил кьогIлъи чIамизе ккезе букIиналъул хъван. Гьеб аятги буго Аллагьасда божулезе унго-унгояб рахIмат. Щай­гурелъул рукIунелъулха гIадамал, гIемер хIинкъиялъ хIакъикъаталдаги хвезегIан чIечIого, нусцIул холел. Гьединазда лъазе рекъарабги буго щивасе бихьизабураб болжал бу­геблъи. Гьеб заман тIаде щвечIого хвезе гьечIеблъиги, болжал щведал, кигIан зигарданиги, кир рахчаниги ракьалда чи толареблъиги.

Аллагьги кIочон тун гIумруялъ данде гьабураб бечелъиялъ щив­го хвасар гьавизе гьечIеблъиги хIакъаб буго. Гьелъ, ай бечелъи­ялъ, дунялалъул магIишаталъ ин­сан талихIавлъунги гьавуларо. Гьеб буго цIараб болжал лъугIидал расги лъачIого тIаса унеб, тIагIун унеб жо. РакIбацIцIадал, лъикIал гIадамазул хIакъалъулъ тIахьал цIалидал, якъ­инго бичIчIула гьадинаб кIиго хIужа:

  1. Аллагьасде руссиналъул бакIалда бечелъиялде, лъима­лазде, хъулухъ-ишалде ва гьеди­набго куцалда дунялалъул пи­шабазде машгъуллъун рукIарал Аллагьас гьелдего машгъуллъун тола ва гьеб гIиллалъунги чIола гье­диназул талихIкъиналъе.
  2. Аллагь ккурал, Аллагьасе мукIурал, Аллагьасул рахIмат-цIоб щвеялъул мурадалда гIумру тIамулел Аллагьасги ккола ва кIодоги гьарула. Гьединал кIиябго рокъоб (дунялал­даги ахираталдаги) талихIаллъунги рукIуна.

 

ПиргIан вукIана кверщел кодосев, гIемераб бечелъиялъул бетIергьан. Салманул Фарисийин абуни вукIана мискинчи. Амма гьел кIияздаго гьоркьоб хIакъикъаталдаги бугеб кIудияб батIалъиялъухъги бала­гьеха. «Аллагьасда божуларе­сул калам БетIергьанас цIакъго гIодобегIан гьабуна, Аллагьасул Калам сундасаго тIадегIан бу­геб мехалда. Аллагь вуго сунда­го ХIалкIолев, ГIакъилав» (9:40). Гьадин бугелъулха хирияб Кала­малда.

ТалихIавги гIакъилавги чи ккола жинца дунял-ухраялъул тавпикъ, сахлъи-саламалъи даимго Алла­гьасда гьарулев ва кинаб букIаниги балагь-къварилъи тIаде бачIиндал, гьелде сабруги гьабун, мунагьал чу­реян, кирилъун хъваян Аллагьасде хIели балев. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Дица ну­жер хIалбихьизе буго, тушманас­даса зарал нужеде щвеялдалъун, ракъи-къеч биччаялдалъун, боцIи нахъе босиялдалъун, нужеде тIаде батIи-батIиял унтаби, хвелал рич­чаялдалъун, ракьалдаса баркат бахъун, магIишат мукъсан гьаби­ялдалъун. Гьезде сабру гьабурав чиясе кIудияб рохел буго Алла­гьасда аскIоб», — ан.