Дие рокьуларо гIадамал реццарал макъалаби хъвазе. Амма гьанже хъвачIого гIолеб гьечIо. Гьеб реццги гуро, амма гьаниб дица рехсолел чагIи реццалъе мустахIикъал руго. Гьезулгун лъай-хъвай ккараб къогоялдаса цIикIкIун соналъ мадугьалихъ рукIаниги, дида гьезулъ цониги тохлъи бихьичIо. Гьединлъидал мех-мехалда ракIалде ккола ЦIулдаса ГIумарасхIабги Сугъралъа Аминатги дирго кьолбол чагIилъун ратун рукIараланищан. ГIумарасхIаб МухIамадовас 35 соналъ директорлъи гьабуна Каспи...

