Фатимал нашидазулъ бахчараб къисмат

Гьелъухъ гIенеккаразул ракIал хIеккуна. Гьелъул гьаркьихъе щива­сул ракI гIодула. Къваридаб къисматалъул къасидатаз бищун хириязухъ тIолеб магIуги бигьалъизабула. Гьединай йиго ЧIарада районалъул Ба­гинуб росулъа Фатима ГIисаева. Гьелъул рекIелъа чваххулел пашманал нашидал рагIичIев чи къанагIат гурони ватиларо магIарулазда гьор­кьов. «Эбелалъухъ чIалгIун йиго дун» абураб нашид гьелъ ахIулелъул гIодуларей чIужугIаданго ятиларо.

 

ГьитIинго эбелалъул хинлъигун рокьудаса махIрумлъарай Фатимаца къварилъи нашидазде чучула. Яцал­лъунги гьелъие жиндирго гIадаб къисматалъул руччаби лъугьана. Аллагьасе рецц гьабун, Аварагасде свалат битIун магIарул, гIурус, инги­лис, гIараб ва чачан мацIазда берци­наб гьаркьидалъун нашидал ахIула гьелъ.

Махлукъат хирияв

                        халкъалъул устар,

Малъе дийги дару

                        дунял рихунеб.

ГIалам сах гьабулев

                       динияв тIабиб,

ТIерен гьабе дирги

                     биццалъараб ракI.

Гьедин байбихьулеб буго СагIид- афандиясул хIакъалъулъ ГIумахан ГIумахановас хъвараб назмуялъул рагIабазда Фатима ГIисаевалъ ахIулеб цIияб нашидги. Гьелъул гIемерисел нашидал руго пашманал. Гьелъие гIиллаги — къваридаб къис­маталъ гьелъул рекIелъ тараб «ругъун».

 

ЦIадул балагьалъ

гIумруялдаго лъалкI тана

ГIурус ракьалда, Тверь обла­сталда фермеразулаб магIишаталда букIана Фатимал хъизам. Цо бала­гьаб лъугьа-бахъиналдаса хадуб хи­сана талихIаблъун букIараб гIумру. Эмен ХIусеницаги эбел Чакарицаги данде гьабураб магIишатги мина­ги цо къоялъ цIаги ккун бухIана. ЦIа ккедал рокъор рукIана Фа­тимаги гьелъул гьитIинав вацги. Фатима хвасар гьайизе кIвана. Гьелъул гьитIинав вац цIадул ба­лагьалдаса ворчIичIо. ТалихI кка­на, гьезул кIудияв вас гьеб зама­налда кIодоэбелалда аскIов росулъ вукIинги.

Цо лахIзаталда жаниб Фатимал хъизамалъул кинабго магIишатги гIумруялде гъираги тIагIана. Минаги магIишатги бухIун чара хвараб хъи­зам Дагъистаналде тIад буссана ва Шамхал поселокалда гIумру гьабун чIана. Гьеб балагьалъ Фатимал эбел Чакарил рекIелъ цIа бакана, чохьол лъимер берда цебе бухIарай эбе­лалъул ракI тIокIаб цIилъичIо. Хва­рав вацасул цIар лъезе жийго хва­нигицин вас гьавичIого йикIунарин абун, кигIан унтун йигониги, цоги лъимер гьабуна. Гьелъ абухъеги кка­на. ЛъагIалидаса гьелъ вас гьавуна, гьесда хварав вацасул цIарги лъуна. Чакарил сахлъи лъикIаб букIинчIо, гьуърул унтарал рукIана, тохтур­забазги лъазабун букIана гьелда лъимер гьабизе бегьуларин абун. Чакарица, жийго кигIан загIипго йи­гониги гьел малъа-хъваязухъ гIинтIамичIо. Васасе микьго моцI гурони букIинчIо гьей къадаралде щвараб мехалда.

 

Хвалда цееги цохIо йигей ясги каранде къан чIана Чакар, жий ца­дахъ йикIине гьечIел сонал гьеб лахIзаталъ жанире рачунел кини­гин.

Микьго сон барай Фатимада доб мехалда жиндирго гIумруялъул нухда дандчIвалел къварилъаба­зул бакIлъи тIубанго бичIчIулеб букIинчIо. КIудияй гIунагIан, заман анагIан захIмалъана гьелъие эбел ками. Жидерго ясалде гIадаб рокьи­гун ва бербалагьигун хьихьана гьей имгIаласул лъади ПатIиматица ва инсуца хадуй ячарай лъади Шакира­тица.

Эбел хун хадуб ЦIуриб гIумру гьабун вугев имгIалас жидехъе­го ячана Фатима. ИмгIаласул лъа­ди ПатIиматица жиндирго яслъун рикIкIуна жакъа къоялъги Фати­ма. КIиабилеб класс лъугIизегIан ЦIуриб школалда цIалана гьей. ЛъагIалидаса инсуца лъади ячун йигин рагIана. ГьитIинай Фатима цIакъ йохана гьелъулги яс йигин бицунеб рагIидал. Жиндир ракI гъезе яцги щванин абун йохарай гьей имгIаласул бакIалда тIокIалъ чIезайизе кIвечIо. Унго-унгоги яцалъул бакIалда йикIана гьелъие мунагьал чураяй СагIдият. Къис­маталъ кьурайго гIадин гIажалалъ нахъеги ячун ана гьелъул яцлъун лъугьарай яс. Жиндирго ясалда­са батIа гьайичIого тарбияги кьуна гьелъие Шакиратица. Эбелалъулаб недегьлъигун малъана гьелъ Фати­мада кинабго лъикIабщинабги квеш­лъиялдаса цIунизе кколеб куцги. Гьелъги батила эбелилан гуреб цIар абуларо гьелда Фатимаца. Гьелъ гьа­вурав гьитIинав вацги вуго Фатимал. Гьелъие сайгъат гьабун ахIулеб на­шидалъулъги гьелъ кьураб тарбиялъухъ ва гIакълуялъухъ баркала кьо­леб буго Фатимаца. Кидаго лъикIаб дугIадулъги эбел Шакиратил цIар рехсола гьелъ.

Дур гьаракь дий гьоцIолъун

Гьинал рекIелъ бессула,

Дур калам дий дугIалъун

ГIундузулъ рукъ ккун чIола.

 

Бер бахилаб, хъантIараб,

Хивалал мекъса ккараб,

Карим разилъулареб

ГIумруялде нух къана.

 

 

РекIее парахалъи

нашидазулъ батана

КечI-бакъаналъе школалдасанго гьунар букIаниги, Фатимада лъалаан чIужугIаданалъ кечI ахIи — халкъалда гьоркьоб беццараб пиша гьечIолъи. КочIохъабазухъ гIенекканиги, гьез­да нахъаса рагIи абулелги каму­ларелъул. Гьеб кинабго бихьулаан ва бичIчIулаан Фатимадаги. КечI ахIичIониги, гьелъ жиндирго бер­цинаб гьаракь хIалтIизабулаан мав­лидал ахIулелъул, зикру бачунелъул, Къуръан цIалулелъул.

Фатимада ракIалдего кколароан жий нашидал ахIиялдалъун маш­гьурлъилин. Школа лъугIидал роса­сеги ун, цIакъ къваридаб ва ракIбохи гьечIеб яшавалда йикIана гьей. Гьа­юрабго инсуца кьураб Зарема абу­раб цIарги, росасе индал, Фатимаян хисана, ретIана хIижабги, цIалана Къуръанги. Хадуб лъабго соналъ мадрасаялда ясазда Къуръан цIализе малъана. Къуръан цIализе цогидаз­да малъулелъул ва лъале-хъвалез­да гьоркьоб мавлидал ахIулелъул рекIее парахалъиги щолаан.

 

ГьитIинго захIмалъаби дандчIваниги, ракI аваданай, букIинеселде лъикIал хьулазул цIурай Фатимал гIумру дагь-дагьккун бецIлъулеб букIана. Ригьналъ талихI къаниги, хъизан биххизаби­зе хIинкъун чIолаан Фатима. Инсул рокъое тIад юссун хадуйги, эбе­лалъулаб ракIбухIигун Шакирати­ца кверчIвай гьабуна гьелда, гьелъ­ул рекIел «ругънал» сах гьаризе хIаракат бахъана.

Ригьнада кьечIеб талихIги лъи­мерлъиялъул ракIалде щвеял­ги пашманал нашидазулъ лъуна гьелъ. БитIккечIеб ригьнадаса ха­дуй, рухIгIан хирияв васгун жий­го хутIидал, гьелъ ургъелгун паш­манлъи къинабулаан гьоркьоса къотIичIого хIалтIун. Гьелъ бати­ла гьелъул гIемерисел нашидалги къваридал, пашманлъиялъул цIурал ругел. ХIалтIуда гъорлъ йосанагIан гIумруялъул кьогIлъиги кIочона. Гьей къаси-къаси «Маидат» исла­мияб рестораналда хIалтIулаан, къадин абуни мадрасаялда Къуръан цIалиялъул дарсал малъулаан. ЦохIо вугев вас ХIабибулагьие тарбия кьо­лелъулги гьелъ лъикIлъиялъул дар­сазде цIикIкIун кIвар кьолаан.

 

Къварилъиялдаса хадуб

гIатIилъи камуларо

ГIадамазул рекIее парахалъи сайгъат гьабулел нашидал ахIизеги гьелъ ракIалдаго гьечIого байби­хьана. Мавлидал ахIулелъулги гьелъул гьаракь сверухъ ругезе цIакъ рекIее гIолаан. Профессионалияб къагIидаялъ нашидал ахIизе бокьи­лин ракIалде ккараб пикру гьелъ хехго гIумруялде бахъинабуна. РекIелъ бугеб хIинкъиги нахъе цун, ахIана тIоцебесеб нашид. Гьелъулъ батана Фатимае рохелги хинлъи­ги. Гьале кIиго соналда жаниб Фа­тимал нашидазул лъабго концерт тIобитIана.

Къисматалъ мугъ рехаразе «ракI батизе» кумекалъе «Фатима ГIисаевалъ лъикIлъи сайгъат гьа­була» абураб гурхIел-рахIмуялъул проектги гIуцIун, нашидал ахIула гьелъ, рес къотIаразе гIарац бакIарун кумекги гьабула. Инстаграм ва цо­гидал социалиял гьинал гьоркьорккун хIажатазе кумек гьабизеги гьей чIухIуларо.

Фатима ГIисаевалъ хIаракат бахъула щивав чиясул рекIелъе нух батулел, магIна гъваридал нашидал ахIизе. Фатималгун ургъел бикьизе байбихьана гьейго гIадин къисма­талъ къварид гьарурал магIарул руч­чабаз. Эбелалде чучулеб ургъелги инсуде бикьулеб къварилъиги — гьел тIокIалъ тIадруссунареб абадияб дунялалде индал кочIол мухъазе бикьула гьезул гIагарлъиялъ. Фати­мацаян абуни гьел мухъал рекъеза­рун нашидал ахIун къваридал ва ун­тарал ракIал сах гьарула. БахIаразе — рохалилал, дунявиял ва диниял насихIатал гьарурал нашидал сайгъат гьарула. Гьел цIияб гIумруялде нуха регIула лъикIаб дугIагун ва насихIатгун.

 

ЦIияб хъизамалъулъ батана талихI

Къадруяй, жиндирго къимат гьа­бизе лъалей чIужугIадан сверухъ ругезги кIодо гьаюла. Щиб кка­ниги, Фатимаца хIаракат бахъу­лаан жиндирго намусги къадруги цIунизе.

Творчествоялде машгъуллъун йикIарай гьелъие талихIалъул бакъ гвангъана. ЦIияб ригьналъ бата­на талихI. Гьелъул рос Шамилилги руго васги ясги. Цебе цохIо лъимер букIун батани, гьанже лъабго бугин абула Фатимаца. ГьабсагIаталда гьей гIумру гьабулей йиго росасул ватIан — Хьаргаби районалда.