БакътIерхьул улкабазда бугелде ва гьениб къиматаблъун рикIкIунелде дир рекIелъ рокьукълъи букIаниги, дие къабулаблъун лъугьун буго гьениб дида бихьулеб ва нилъеца рахъ кквезе мустахIикъаб цо хIужа – доба хIукумат хисаниги, бетIерлъуде щив кканиги, хисизаричIого хутIула къватIазда ва шагьаразда лъурал цIарал. Большевиказухъе улка ккедал советияб Россиялда лъилъулареб унтилъун лъугьун буго цIарал хисизари.
Дир пикруялда цо-цоял разилъичIого рукIинеги бегьула, амма ракIалде ккола цIиял вождал цIвабигIанги тIадегIан гьариялдаго цадахъ, хромалъул курткаби ретIарал дол комиссаразул букIанин цогидаб мурад – шагьаразул ва къватIазул цIаразулъ загьирлъулеб тарихияб ритIухълъи гражданазул ракIазулъа лъугIизаби.
Байбихьи гьадин гьабуниги, гьебги гьоркьобе уна Сталинградалъул цIар хисизабиялъул хIакъалъулъ гьаниб бицине бугелде. ХIурият бахъилалде цебе гьеб шагьаралда цIар букIана Царицын абун. Цинги советияб заманалда лъуна Иосиф Сталинил цIар. Гьелдаса хадуб Никита Хрущёвас хисизабуна Волгоград абун.
Гьелъул хIакъалъулъ гIемер бицуна Бергьенлъиялъул юбилей кIодо гьабулебщинаб соналъ. Ва гьелдалъун хабарги лъугIула.
БукIана нилъер БагIараб Армия, вукIана ТIадегIанав БетIерав командующий, юбилеялъулал кIалъаяздацин гьанже цIар рехсоларев. Гьеб буго гIемерго гIажаиблъи гьабизе ккараб хIужаги.
Генштабалъул, ТIадегIанав БетIерав командующиясул, Оборонаялъул пачалихъияб комитеталъул председателасул, Совет Союзалъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев вукIарав Иосиф Сталинил щибго гIахьаллъи гьечIогойищха фашистазул вермахт щущазабураб? Кинаб къуваталда бахчизе кIолеб, Черчиллил рагIабазда рекъон, «пуруцгун щвараб Россия атомалъулаб яргъидалъун хьезабун» бажарарав чиясул цIар?
Гьанже тIад руссинин КIудияб ВатIанияб рагъул тарихалда жаниб бищунго вахIшияблъун лъугьараб Сталинградалъул рагъул бициналде. Царицыналъул бакIалда Сталинград лъей большевиказул гъалатI букIун батилин тезеги бегьила. Амма Волгаялъул рагIаллъабазда рагъул кор боркьараб заманалда, гьенир къеялъул зарал гIемерго цIикIкIараб букIинаан, Москва тушманасухъе кьеялдасаги.
Гьеб шагьаралда лъун букIана Сталинил цIар. Гьанже гьеб цIар цо кинабалиго къуваталъ къабихIаблъун лъугьинабун буго. Амма доб заманалда Иосиф Виссарионович советияб халкъалъе вукIана къадруявлъун ва гьеб божулаан Сталинил рагIабаздаги гьесул ишаздаги. Гьебин абуни букIана Сталинград цIунун багъараб халкъ. Халкъалда лъалеб букIана лъил цIар лъураб шагьар рокьукъав тушманасдаса цIунулеб бугебали. Гьайгьай, гьужумалъ унел лъицаниги тIамулел рукIинчIо: «ВатIаналъе гIоло, Сталиние гIоло!» – абун ахIизе. Хвалде унев чиясда гьереси бицинабизе лъиданиги кIоларо!
Бергьенлъиялъул 70 сонилаб юбилей кIодо гьабулел къоязда рагъул ветеранас Волгоградалъул цIар хисиялъул рахъалъ кьураб суалалъе Владимир Путиница гьадинаб жаваб кьуна: «Къануналда рекъон, гьеб буго Федерациялъул субъекталъул ва муниципалитеталъул иш. Шагьаралъул гIадамаз, референдумги лъазабун, хIукму гьабизе ккола», — ян.
«Дун Сталинградалъул рахъалда вуго», — ян жаваб кьуна ветеранасул суалалъе «Сталинградалъулаб рагъ» музей-заповедникалъул директор Алексей Васиница. – Волгоград гуреб, Сталинград лъала тIолабго дунялалда. Нилъеца жакъа кинабго къуват кьолеб буго КIиабилеб дунялалъулаб рагъул бергьенлъи нилъер букIараблъи дунялалдаго лъазабизе, гьебго заманалда нилъецаго свинабулебги буго гьелъул кIодолъи, тIадегIанлъи. ТIадежоялъе, Волгоградалъул цIар хисизаби ветераназе бищунго лъикIаб сайгъатлъунги лъугьина».
Алексей Васиница загьир гьабуна, гIемерисезда лъалареб цо гьадинаб хIужаги: «1961 соналда шагьаралъул цIар хисизабиялъул хIукмуялде гъорлъе раккани, баянлъула КПССалъул Сталинградалъулаб обкомалъул членаз инкар гьабураблъи гьеб документалда гъулбас гьабизе. Гьезда гьоркьоса кIигояс гъулбас гьабуниги, гьеб хIукму законияблъун лъугьунароан ва хисизабизе кколаан».
Гьединабго пикру загьир гьабулеб буго ГIурусазул правослвияб килисаялъги (РПЦ). Гьелъул вакил Всеволод Чаплиница абун букIана: «Сталинград» абураб рагIиялъ гьанже гIумру гьабулеб буго, Сталинил цIаралдагицин хурхинчIого. Гьеб хурхараблъун лъугьун буго тIолабго дунялалдаго цIар рагIараб рагъулъ босараб бергьенлъиялда, нилъер тарихалъул цо бутIаялда», — ян.
Буго «тарихалъул ритIухълъи» абураб гъваридаб магIнаялъул кIиго рагIи. Гьел рухьинаризе бегьуларо цо чиясул цIаралда, гIадамазул цо къукъаялда, яги цо кинаб букIаниги партиялда. Тарихияб ритIухълъиялъул гьаракь дунялалдаго рагIизабизе ккола ВатIаналъул букIинеселъе гIоло. ЦIар рагIараб тарихалъул тIанчазда чIегIераб тIанкI лъезе биччазе бегьуларо.