25 сентябралда 70 сон тIубана ДРялъул мустахIикъав тохтур, РФялъул сахлъи цIуниялъул отличник, тIурул унти ккарал гIадамазе кумек гьабулеб республикаялъулаб централъул (Центр антирабической помощи) нухмалъулев, хирург ва травматолог Анварбег ХIажиевас.
Анварбегил хIакъалъулъ абизе гьев бегьула унго-унгояв, унтарасул тIалабалда гIумру унев тохтур вугин абун. Инсанасул сахлъи цIуниялде жавабияб тIалабчилъи букIуна гьесул. «Нижеца унти сах гьабуларо. Нижеца сах гьарула унтиялъ кIвекIулел гIадамал», — ан абурал тохтур-философ Авиценнал рагIаби такрар гьарула гьес кидаго. КигIан захIматаб хIалалда унтарав ватаниги, гьесда хIал лъазе толаро Анварбегица. Гьесул сабураб ва хIеренаб каламалъ унтарасул ракIчIезабула жив сахлъиялде. Тохтурасда бугеб божилъиялъги кумек гьабулелъулха сахлъизе.
Анварбег ХIажиев гьавуна 1950 соналда ГIахьвахъ районалъул ГIарчо росулъ. 1966 соналда цIализе лъугьана Буйнакскиялъул медучилищеялде. Гьебги лъугIизабун, хIалтIана ЦIумада районалда фельдшерлъун. Гьенисан ана Советияб армиялде ва вукIана кIудияв рагъулав фельдшерлъун. Армиялдаса тIад вуссиндал цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде. Цадахъго хIалтIана гIаммаб хирургиялъул кафедраялда лаборантлъун. 1979 соналда тIокIлъиялда лъугIизабуна ДГМИ ва хIалтIизе байбихьана Каспийскиялда. Хадубккун – тIоцебесеб МахIачхъалаялъул поликлиникаялъул заведующийлъун.
Мисалияв нухмалъулев ва махщел камилав тохтур хIисабалда ва ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул коллегиялъул хIукмуялда рекъон, Анварбег ХIажиев тIамуна Хехаб кумекалъул цолъиялъул бетIерав тохтурасул заместительлъун хIалтIизе. Байбихьана хIалхьи гьечIел сардалги рахIат кIочарал къоялги гьарзаяб заман. Анварбегица гьаризе ккана гIемерал операциял, хIажалъараб мехалда чанги унтарасе гьес кьуна жиндирго би.
ТIаде щвана улка биххизабурал 1990-абилел сонал. Хисана тIолабго гIумру – хиса-басиял гьаруна медицинаялдаги. ЦIияб къагIидаялда рекъезабун медицинаялъул хъулухъалъул хIалтIи гIуцIиялъул рахъалъ церехъабазул кьерда вукIана Анварбег ХIажиевги. ХIалтIул балъголъабазул гъварилъуде ваккиялъул мурадалда гьес сапарал гьаруна Россиялъул Кемерово, Ленинград, Самара областаздеги Казахстаналъул Джезказган областалдеги. Гьел сапаразулги гIелмиял дандеруссиназда гIахьаллъиялъул хIасилалги данде гьарун, гьес хъвана ва басмаялде бахъана «Перевод учреждений здравоохранения Дагестана на новый хозяйственный механизм» абураб методикияб пособие.
Камиллъараб лъайгун махщел ХIажиевас хIалтIизабуна дагъистаниязул сахлъи цIуниялъе. Тахшагьаралъул №2 поликлиникаялда гьес рагьана гьитIинабго операционная ва гьенир гьарулаан цереккун стационаралда гьарулел рукIарал операциял. Операция гьабурав унтарав кIиго сагIаталдасан унаан рокъове. Гьелъ гIемераб пайда кьолаан больницаялъул экономикияб рахъалъе.
ГIемерал соназ Анварбег хIалтIана МахIачхъалаялъул №1 больницаялъул хирурглъун. Гьарулаан батIи- батIиял операциял. «Цо нухалда нижехъе вачун вачIана унтарав. Щаклъи букIана гьесул кванирукъалда рак унти батиялде. Киназго абулеб букIана, дараби кьун, операция гьабичIого теян абун. Унтийин абуни, цIикIкIунебго цIикIкIунеб букIана. Дица гIакълу данд бана дир гIелмияв нухмалъулев, профессор ТIалхIат Манаповичасда. Гьес абуна, операция гьабизе бегьулин абун ва гьабуна гьес малъухъе. Ункъо сагIаталъ халалъана гьеб захIматаб иш. ХIасил — унтарав сахлъана ва нижее баркала кьолаго ана больницаялдаса нахъе.
БукIана гьадинаб лъугьа-бахъинги. Больницаялде щвезавуна гулбуз керен борлъарав гIолилав. Кинго бажарулеб букIинчIо би чIезабун – бетуларого букIана гьеб. Дир ишцояз абулеб букIана, заманаялъ ракIги лъалхъизабун, г ьабизе к келин операция а бун. ГIемер ургъизе заман букIинчIо. Гьединаб мехалда гIемер квалквадани, лъукъарав хвеялде щаклъи гьечIин абулаан машгьурав хирург Николай Пироговас. Гьебги ракIалде щун, букIа-бахъаян абухъего, гьабуна хехго операция. ЛъикI ккана гьеб, ва гIолилавги чIаго хутIана», — ян ракIалде щвезабуна Анварбегица.
РахIат бикъарал сардалгун къоял
1995 соналда рагьана Ортопедиялъулгун травматологиялъул республикаялъулаб центр. Доб заманалда сахлъи цIуниялъул министрлъун вукIарав Иляс Мамаевас гьеб централъул бетIерав тохтурасул заместительлъун тана Анварбег ХIажиев. ЦIидасанги байбихьана хIалуцараб, сордо-къоялъухъ балагьичIого гьабизе тIадаб хIалтIи.
— Халкъалъе пайдаяб иш ккана Дагъистаналда гьединаб Центр рагьи. Централъ тартибалде бачун букIана республикаялда ругел киналго больницабазул травматологиялъул отделениязул хIаракат; гьенир хIалтIулел хирургал унаан ишцоязе кумекалъе. Централда гIуцIун букIана гIелмиябгун методикияб хIалтIи ва тIоритIулаан экспериментал.
Нижер аслияб мурад буго унтарасе кумек гьаби. РукIана шагьараздагун районазда травматологиялъул отделениял, амма захIматаб хIалалде ккарав унтарав вачунаан Централде. Нагагь хехаб кумек хIажалъаниян абун, нижеца гIуцIун букIана хIалбихьи бугел тохтурзабазул кIиго къокъа. КъваригIел ккарабго, республикаялъул бокьараб районалде яги шагьаралде ритIулаан гьел. Чадрахъ гIуцIараб госпиталалда букIана 70 чиясе кумек гьабизе рес. ХIалтIи гIуцIун букIана рагъулабгун авлахъалъулаб хирургиялъул тIалабазда рекъон. Нахъраталие толаан тохтурзабазул цоги къокъа – тIабигIияб яги техногеннияб балагь рещтIаниян абун, — ин бицана Анварбегица.
Гьесул нухмалъиялда гъоркь хирургазул хехаб кумек щвана МахIачхъалаялъул Пархоменкол къотIноб, Каспийскиялда ва Буйнакскиялда ккарал терактазул хIасилалда лъукъа- къотIарал гIадамазе. ХIалтIана гьел 1999 соналда халкъазда гьоркьосел террористаз нилъер республикаялде гьужум гьабураб заманалдаги. БахIарчияб хIаракаталъухъ Анварбег мустахIикълъана Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъулгун Халкъияб Собраниялъул ва ДРялъул хIукуматалъул рахъаздаса Баркалаялъе. Гьесул каранда кенчIана «Халкъазда гьоркьосел хъачагъал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон» абураб юбилеялъулаб медальги.
ЦIияб хъулухъалда
2017 соналда Анварбег ХIажиев тIамуна ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ рагьараб «Центр антирабической помощи» абураб идараялъул нухмалъулевлъун. Гьениб кумек гьабула тIуриялъ (бешенство) унтарал гIадамазе. Гьенибго цIунун букIуна унтараб гьойца яги гIалхул жанаваралъ хIанчIараб мехалда инсанасе гьабулеб КОКАВ абураб вакцинаги антирабияб иммуноглобулинги.
Дунялалъулго сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъул (ВОЗ) баяназда рекъон, тIурул унтиялдалъун санайилго хола 59 азарго чи. Россиялда щибаб соналда кумек гьарун тохтурасухъе вачIуна 400 азаргониги чи. Гьезда гьоркьоса 250 азаргоясе гьабизе ккола дару – прививка.
Ахираб 10 соналда жаниб Дагъистаналда цониги чи хвечIо тIурул унти сабаблъун. Антирабияб централде рачIун рукIана Карамахьиялдаса, Губденалдаса, Бабаюрталдаса, Гъизилюрталдаса, Сабнаваялдаса, Хасавюрталдаса ва цогидал бакIаздаса хIайваназ хIанчIун хадуб унтарал гIадамал. Заманалда гьаруна гьезда уколал ва гьел сахго тIадруссана рокъоре.
Эркенаб заманалда
ХIалтIудаса свакан тIад вуссарав Анварбегие цIакъ бокьула хурибгун ахикь хIухьбахъизе. Гьес жинцаго чIола гъутIби ва тIугьдул, вукIуна гьезул тIалабалда. Буго гьесул рекIее хиралъараб цоги пиша: носоца бикIун, берцинал цIулал тIагIелал гьарула гьес. Хадуб сайгъаталъе кьола гьудул-гьалмагъзабазе.
Анварбегицаги лъади Хадижатицаги гIумруялъул нухда тIобитIана ункъо лъимер. Гьезул цоял учительзабилъун рахъана, руго инженерал ва низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби. Гьезул кIудияб хъизамалда (17 сибтI ва гьезулги кIиго лъимер) гIадатлъун лъугьун буго байрамал цадахъ тIоритIи. Гьарзаяб тепсиялда нахъа татуял нигIматаздаса кеп босулаго, гьез цоцазе бикьула рохелгун къварилъи