Шамил районалъул Хучада росулъе щведал, бегавул Жамалудинов Къурбан-ХIусен ватана культураялъул рукъ балеб бакIалда хIалтIулев. Мурад бициндал, росулъ цо свери бахъун лъикIинги абун, гьес цадахъ вачана дун.
Чанго соналъ цевеги щун вукIана Хучаде, амма гьаб нухалда гьеб хисун, цIилъун батана. Гьев бегавуллъун хIалтIизе лъугьараб 2015 соналдаса нахъе гIурал хIалтIаби гьарун ругоан росулъ.
— ТIоцебе байбихьана росулъ санитарияб ахIвал-хIал лъикIлъизабиялдаса, — ян бицана Жамалудиновас. — Хасаб къо чIезабуна рищни-къул къватIибе баччиялъе. ГIатIид гьабуна кверкьовул рукъ. Бана жамгIияб хIажатхана. Сверун къана росдал хабзалал. КъачIана росулъе рачIунелги, росулъ жанир ругелги нухал. Бана муршид Меселасул МухIамадил зиярат. ГьабсагIаталда балеб буго культураялъул рукъ. Лъабго соналъ рагIалде бахъинабизе кIоларого букIараб гьеб, исана тендерги бергьун, Культураялъул министерствоялдасан гIарацги щун, бан лъугIизабизе ракIалда буго. Бищунго цIакъ хIалтIул гIемераб заман бахъана росдал ракьалъул гIурхъи чIезабулаго.
Росу кIудияб гьечIониги, кIудияб росдадаса нахъе ккарал рукIунаро Хучадаги гьаризе кколел хIалтIаби. Амма гIарац биччала гIадамазул къадаралде балагьун. Гьебин абуни ракIалда ругелщинал хIалтIаби гьаризе гIоларо. Руго кумек гьабулел гIадамалги. Масала, кумек гьабула росдал медпункталъул нухмалъулев МухIамадов Билбулатица, жамагIатчи ХIажиясулов ГьитIинамухIамадица.
Хучадисезул буго цогидал росабазул гьечIеб, 15 сон барал гIолилал чIахIиязул кьерде рачин кIодо гьабулеб байрам. Гьелда абула «ТIохде рахинин» абун. Гьеб къоги тIобитIула щибаб санайил, ихдал. ТIоритIула спорталъул къецалги. Исана коронавирусалъул пандемиялда бан, гьеб тадбир тIобитIизе рес ккечIо.
Хучадисел руго гьобол-гьудул хириял, къо ккедал цоцазе ратулел гIадамал. Росулъ гьарулел хIалтIабазулъги гьел нахъе къан чIоларо.
Гьаризе ругел хIалтIабазул гьикъидал, бегавулас абуна хIажат бугин росулъ цIияб хIавузги бан лъим бачиналъул хIалтIабиги, байбихьараб культураялъул рукъги рагIалде бахъинабизе ва ракьазул суал роцIинабизе.