Бищун лъикIаб дару — прививка

 Дунялалда тIадго коронавирусалъул пандемия тIибитIулеб букIиналда бан, рахIат хвезабун буго «ХIакъикъаталъул» цIалдолезулги. Гьеб рахъалъ жакъа республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул, гьелда­са цIуни-къай гьабизе кколел къагIидабазул бицун, нижер суалазе жавабал кьуна ДРялъул Роспотребнадзоралъул Управлениялъул от­делалъул начальник Мурад Рамазановас:

 

— Мурад, коронавирусалъ гIадамал унтиялъул рахъалъ Дагъистаналда щиб хIал бугеб?

— ТIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго унтаразул къадар. Гьоркьохъеб хIисабалда, щибаб къоялъ респу­бликаялда хъвай-хъвагIай гьабулеб буго 82 унтарасул. Унтаразул 38,4 процент буго МахIачхъалаялда. ЦIикIкIун унтулел руго 50 сонил ригьалдаса тIаде арал чагIи (53,4 %).

ЦIех-рехаз бихьизабулеб буго, аслияб куцалда, унти тIибитIулеб букIин хъизамалъул чагIазул бу­хьеналдалъун ва гIемерал гIадамал данделъулел бакIазде иналдалъун.

 

— Республикаялда кин гIуцIун бугеб унтун рукIин чIезабиялъул цIех-рехал тIоритIиялъул иш?

— Коронавирусалъул тестиро­вание гьабиялъе ичIго базаялда гIуцIун руго лабораториял: лъаб­го — Роспотребнадзоралда, ункъо -пачалихъалъул медучрежденияз­да, кIиго — коммерциялъулал лабо­раториязда. Гьединал цIех-рехал тIоритIула туберкулезалъул боль­ницаялъул бактериологияб лабора­ториялдаги. ГIаммаб къагIидаялда сордо-къоялда жаниб 3648 чиясухъ хал-шал гьабизе гIураб къуват буго.

 

— ГIадамазде кинха коронави­рус бахунеб?

— КъватIул унтабиго гIадин, коронавирусги тIибитIула унта­разул чинхъи-хъегIиялъул къатIрабаздасан. Гьеб гуребги, гьеб бахине бегьула нуцIил чорокаб кверкъелалдасан, кIалалда, магIазукъалазда яги беразда чорокал кверал хъваялдалъун.

 

— Коронавирусалъ унтун рукIин кин лъалеб?

— Свакаялъул асар, хIухьел цIазе захIмалъи, цIа-кан бахин, сири бай, бетIер, щекъер ва ччорбал унти, хъегIи, мегIер буччин. Цо-цо ме­халда букIуна чехь-бакьазул гIадлу хвей, ракI багъари, щвезе бегьула риххел, ай гриппалда ва гIадатияб квачалъул унтиялда релълъарал.

 

— ГIумруялъе хIинкъи бугеб къокъаялде гьоркьоре щал унел?

— Гьеб вирусалъ унтизе бегьула бокьараб ригьалъул чагIи. Амма, загIипаб иммунитет бугел, лъимал ва 65 сонил ригьалдаса тIаде арал чагIи рикIкIуна хехго унтизе рес бугеллъун.

 

— Коронавирусалда ва грип­палъул вирусалда гьоркьоб ки­наб батIалъи бугеб?

— Коронавирусалъул ва грип­палъул вирусалъул рукIине бегьу­ла релълъарал гIаламатал. Амма гьезул генетика буго цIакъ цоцада релълъинчIеб.

Гриппалъул вирус гIемерлъула хехго ва гьелъул гIаламатал тIатуна кIиго-лъабго къоялдасан. Корона­вирусалъе абуни хIажалъула I4 къо.

 

— Кин лъазе кIолеб хас гьабун коронавирусалъ унтун рукIин?

— Жиндир заманалда тIатинабуни, бигьалъула гьеб захIматаб унтудаса сах гьаризе. Инсана­сул чорхолъ коронавирус буги­щали лъазабиялъе Роспотреб­надзоралъул гIелмиял идарабаз хIалтIизабула молекуляриябгун генетикияб къагIида. Гьелъул кьучIалда тIобитIула тестирование. Роспотребнадзоралъул диагности­киял лабораториязда чIезарун руго къваригIунел алатал ва лъикIал специалистал.

 

— Цо-цо тохтурзабаз абулеб буго ковидги, ихдал-хасалихъе баху­неб гIадатияб грипп гIадаб ун­тилъун лъугьине бегьулин…

— БитIараб буго, коронавирусги лъугьине бегьула цоясдаса цогидас­де бахунеб, грипп гIадаб унтилъун. Гьеб тIубанго тIагIинеги бегьула. Кинабго бараб буго вакцинабазул хIасилалда.

 

— Щиб жо кколеб «самоизоля­ция», гьелъул кинаб пайда бугеб?

— Цоцаздаса тIезари ккола коро­навирусалдаса цIуниялъе гьабулеб тадбир. ЦIа-кан бахарал, хъегIулел, чинхъулел гIадал гIаламатал ругел чагIи рокъор чIезе ккола.

 

— Коронавирусалъ унтарав рокъов вугони, хъизамалъул чагIаз щиб гьабизе кколеб?

— Чара гьечIого киназго кьезе ккола анализал. Тесталъул хIасилалъухъ балагьун, гьел больница­ялда регизаризе бегьула яги I4 къо­ялъ рокъобго карантин лъазабула.

Гьединго, лъималазда бицина коронавирусалдаса цIунизе кко­леб къагIидаялъул. Бицина микро­бал кин тIиритIулелали ва кверал­гун гьумер чуриялъул букIунеб кIваралъул. Хъизамалъул щивав чиясул букIине ккола жиде-жидер хасаб полотенце, цаби чурулеб щет­ка ва цогидабги. Рокъобе ризго бич­чала цIияб гьава.

 

— Цо-цо тохтурзабазгицин абу­леб рагIана рахунел унтабаздаса цIуниялъе маскабазул кинабгIаги пайда букIунарин…

— Гьеб буго кьучI гьечIеб хабар. Медицинаялъул маскабаз нилъ цIунула вирусаздаса. КъватIул унтабаздаса цIуниялъецин чара гьечIого маскаби разе ва къойида жаниб чан­го нухалъ гьел хисизе ккола.

 

— Коронавирус бахиналдаса нилъго цIуниялъе щиб гьабизе кколеб?

— Аслияб жо ккола рацIцIалъи цIуни. Щибаб гIужда сапнаца кве­рал чурила ва хIалтIизарила виру­сал чIвалел жал.

КIванагIан квер хъваге гьурма­да. Кидаго цадахъ букIине ккела дезинфекция гьабулел жал. Унге гIемерал гIадамал ракIарарал бакIазде. Кверал рачиналдаса ин­кар гьабе, аскIор ругезда гьоркьоб кIиго метралдаса дагь гьечIеб ман­зил чIезабе.

 

— Нилъер республикаялда кида байбихьизе бугеб коронавиру­салда данде прививка гьаби? Жидеего бокьунищ яги хIалица тIамунищ вакцинация гьабизе бугеб?

— Дагъистаналде бачIана корона­вирусалда данде чIолеб вакцинаялъул тIоцебесеб партиялъул 42 доза. Гьеб кинабго хIалтIизабизе буго медицинаялъул хIалтIухъабазда гьабизе, щайгурелъул гьел ккола гIумруялъе хIинкъи бугел бакIазда хIалтIулел чагIи. КватIичIого бачIине буго вакцинаялъул цIияб партияги. Прививка гьабизе буго жидеего бокьун.

 

— Коронавирусгун къеркьолаго, хасалихъе гIадамал унтизе байби­хьулеб гIадатияб гриппги кIочене бегьиларо. Кида байбихьизе бу­геб гьелдаса цIуниялъе прививка гьабизе? Республикаялда гьелъие хIажатаб вакцина бугищ?

— Исана республикаялде бачIине ккола гьелъул 1450000 доза. Лъима­лазе – 850000, чIахIиязе — 600 000 доза. Исана ракIалда буго 60 про­центалдаса цIикIкIун халкъалъе прививка гьабизе. Республикаялде бачIун буго вакцинаялъул тIоцебесеб партияги. Прививка гьабиялъе бищунго лъикIаллъун рикIкIуна сентябрь-ноябрь моцIал. Гьеб гьабун кIиго анкьидаса лъугьуна чорхолъ букIине кколеб даражаялъул иммунитет. Гьебги хIисабалде босун, прививка гьабизе ккола грипп тIибитIизе байбихьилалде цебе. Вакцинация гьабун хадуб, лъагIалидасан иммунитеталъул къуват лъугIулелъул, гьеб гьабизеги ккола санайил.