Динцоял ва дин батIиял Аллагьасул лагъзал
Дагьаб цебегIан МахIачхъалаялда рагIалде бахъана диназда гьоркьосеб гIолилазул форум. Гьелда гIахьаллъана Россиялъул регионаздаса ва къватIисел пачалихъаздаса батIи-батIиял диназул кинавниги 70 вакил.
Форум араб куцалъул бицана 2 октябралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда.
Республикаялъул миллияб политикаялъул ва диназул суалазул рахъалъ министр Энрик Муслимовги муфтиясул заместитель МухIамад Майрановги рачIун рукIана журналисталгун дандчIвазе. Гьединго гьенир гIахьаллъана жугьутIазул жамгIияб цолъиялъул вакил Расим Шалумовги МахIачхъалаялда бугеб насранияб килисаялъул секретарь, иерей Виталий Тарасовги.
Энрик Муслимовасул рагIабазда рекъон, анкьабилеб нухалъги республикаялда тIобитIулеб гьеб данделъи исана гIажаибго берцинго ана.
Россиялдаса ва цогидал улкабаздаса батIи-батIияб диналъул вакилзабилъун кколел гIолохъаби рачIун рукIана гьенире. Пандемиялъул хIалуцин жеги гIодоцун гьечIелъул, гIахьаллъизе бокьаразул къадар исана дагь гьабизе ккун буго министерствоялъ. Гьединлъидал 70-гIанасев чи гурони вачIине бегьун гьечIо. Амма чагIи дагьал рукIиналъул цо пайдаги ккун буго. РакI рагьун, эркенго кинавго чи цоцада кIалъазе цIакъ санагIалъи букIана исана.
«ЧIагояб эфиралдаса форумалъулгун бухьен гьабурал дунялалдасаго экспертаз цIакъ кIудияб къимат кьуна исана тIобитIараб тадбиралъе. Хасго ракIалда чIана форумалъе модераторлъи гьабурай Анна Беликовалъ абурал рагIаби. Гьадин кIудияб даражаялда тIобитIараб цоги форум жинда ракIалда гьечIин, гьалъул хIалбихьиялдаса пайда босизе рекъараб бугин дунялалда тIоритIулел цогидал форумазгиян абуна гьелъ.
Дир хIисабалда, аслияб жолъун исана ккана гIолохъабазул букIараб чIаголъи. Цогидаб диналъул аслаби, кьучI, гьелъул хаслъи ва гIадатал, тарих лъазабизе, гьелъул адаб гьабизе гьезие бокьун букIин бихьулеб букIана. Гьелъ киналго рохизеги гьаруна», — ян абуна Энрик Муслимовас.
Гьесулго рагIаби тасдикъ гьарун кIалъана муфтиясул заместитель М. Майрановги. Жиндир дин бищун цIакъабги тIадегIанабги бугин чи чIезе бегьуларин, цогидал конфессиязулги адаб букIине кколин, гьеб рахъ исанасеб форумалда цIакъ берцинго анин бицана гьес.
Иудеязул вакил Р. Шалумовги цIакъ разиго вугоан форумалдаса. Форумалъе лъикIаб къимат кьун кIалъана, МахIачхъалаялъул иерей В. Тарасовги.