Бицана республикаялъе кIвар бугел масъалабазул хIакъалъулъ ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас тIобитIана данделъи. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъулги, ХIукуматалъулги, ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулелги. ДРялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидовас бицана 2017 соналда гьабураб хIалтIул хIасилалъулги исана гьаризе ракIалда ругел ишазулги. Республикаялъул социалиялгун экономикиял рахъазул халгьабулел гьесул заместителазги бицана гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ.Данделъиялда...
