Щиб гьабураб?

Бицана республикаялъе кIвар бугел масъалабазул хIакъалъулъ

 

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас тIобитIана данделъи. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъулги, ХIукуматалъулги, ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулелги.

ДРялъул хIукуматалъул пред­се­дателасул ишал тIуралев ГIаб­дусамад ХIамидовас бицана 2017 соналда гьабураб хIалтIул хIаси­ла­лъулги исана гьаризе ракIалда ругел ишазулги. Республикаялъул социалиялгун экономикиял рахъазул халгьабулел гьесул заместителазги бицана гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ.
Данделъиялда гIахьаллъана Ма­хIачхъала шагьаралъул районазул бутIрузул заместителалги, территориалиял округазда ругел ДРялъул бетIерасул вакилзабиги, ДРялъул бетIерасул ва хIу­куматалъул администрация­лъул хIалтIухъабиги.

 

*** 

ЦеретIеялъе нухал
Дагъистаналъул
Татарстаналъулгун бухьен

ТIобитIана республикабазул гьоркьорлъаби камиллъизариялъул мурадалда гIуцIараб хIалтIул къокъаялъул данделъи
Гьеб нухда бачана ДРялъу­л хIуку­ма­талъул председателасул тIоцевесев замес­тителасул ишал тIуралев Рамазан ГIалиевас.
ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги Татарстаналъул бетIер Рустам Миннихановги дандчIвана араб соналъул ахиралда, ва гьез къотIи гьабуна кIиябго республикаялда гьоркьосел бухьенал щулалъизаризе. Бицун букIана промышленносталъул рахъалъ бухьен гьабиялъул, АПКялъул нигIматал ва къайи цоцазе бичиялъул, тарихазулаб экономика камиллъизабиялъул ва цогидалъулги хIакъалъулъ.
Данделъиялда цебелъуна Дагъистаналъулги Татарстаналъулги дармилгун экономикаялъул, гIелмуялъулгун техникияб ва маданияб бухьеназул бицунеб проект. Бицана гьениб проекталда тIасан министерствабазул ва ведомствабазул ругел пикрабазул проект гIумруялде бахъинабиялъе ратизе бегьулел нухазул хIакъалъулъ.
Гьел пикрабиги кьочIое росун, 11 январалде проекталда тIад хIалтIеян лъазабуна Рамазан ГIалиевас.