Гьалмагъасул хIакъалъулъ пикраби 11 январалда къадаралде щвана Россиялъулги Дагъистаналъулги пачалихъияв ва политикияв хIаракатчи МухIамад Юсупов ГIакъилав ва цIодорав политик МухIамад Юсупов хванилан хабар бачIиндал, социалиял гьиназдасан гьесул хIакъалъулъ пикраби загьир гьаруна гьесда цадахъ хIалтIаралги инсан хIисабалда гьев лъалев вукIаралги дагъистанияз.Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевас абуна, МухIамад Юсупов вукIанин бищун лъикIал нухмалъулезул цоявлъун ва ракIалдещвезабуна...
