ХIакъикъат бахчизе бахунеб «пудра»

Гьабулеб хIалтIиги бицунеб рагIиги дандеккезе ккола

 

15 январалда Дагъистанлъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас гIахьаллъи гьабуна ДРялъул МВДялъул данделъиялда. Регионалъул нухмалъулесул пикруялда, нилъер республикаялда хIалтIи гIуцIун буго церечIарал суалал тIуразелъун гуреб, гьеб суалалда «пудра» бахун, тIаса бихьизабизелъун.
Дагъистаналъул МВДялъул нухмалъулев ГIабдурашид МухIамадовас данделъиялда бицана бугеб ахIвал-хIалалъул ва гьарурал хIалтIабазул. В. Васильевас, гьесие баркалаги кьун, абуна: «ЛъикIал хIасилал руго, гьабулеб хIалтIиги бихьулеб буго. Гьелъ рес кьолеб буго хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъе ва парахалъи цIуниялъе жеги цIикIкIун хIалтIи гьабизе».
Амма гьес разилъи гьеч1олъи загьир гьабуна шагьаралъул нухазда ва абуна федералияб программаялда рекъон къачIараб 71 нухда щаялиго ДТПял цIакъго цIикIкIунел ругин.
Гьединго гьес рехсана гьукъарал, ай бегьуларел бакIазда минаби ралел рукIиналъулги. «Гьеб суалгун дица хитIаб гьабуна прокуратураялде. Гьез хехго хIукму гьабуна, ай прокуратура дандечIун, балеб бакI чIезе тана. Амма гьабсагIат бачIана хабар гьеб бакIалда цIидасанги хIалтIаби унел ругин. ЦIех-рех гьабила, лъазабила. Балагье кинаб хIалалда жакъа МахIачхъала бугебали. Бищун цебечIараб масъала – жакъасеб ахIвал-хIал хисизаби. Ресго къотIани, бугелдаса квеш букIинегIаги биччангутIи. Нилъ гьелда тIад хIалтIизе руго. Ва дица диего кьолеб бугеб суал: кIвеладай нилъеда лъазе гьеб байбихьарав чи? Лъица букIаниги изну кьун бугоха гьесие хIалтIаби гьаризе, амма нилъеда лъалев гьечIо гьединаб изну кьурав хIаким. Дир гьелъие ихтияр буго ва ракIчIола нилъеда кIвелин жавабчилъи букIинабизе ва гьеб ахIвал-хIал хисизабизе», — ян абуна В. Васильевас.
Гьесул рагIабазда рекъон, церечIарал масъалаби тIуразе гурел, бугеб ахIвал-хIалалда тIад «пудра» бахине тIубараб система гIуцIун буго республикаялда.
Гьенибго чIахIиял шагьаразул ва гьелдаго цадахъ тахшагьаралъул ЖКХялъухъаги тIадаб иш тIубан бажарулеб гьечIин бадибчIвай гьабуна гьес. Гьелъул хIасиллъун кколин авариял ккеялъул хIужаби цIикIкIунел рукIин.
«ГIазу базе байбихьидал рахIатхун лъугьуна дун. Г1азудаса х1инкъун гуро, гьелдаса нухал рац1ц1ад гьаруларого рук1ун. МахIачхъалаялда буго нухал рацIцIад гьаризе тараб компания. Гьелъул буго къваригIарабщинаб алатги техникаги. Амма гьелъулгун къотIи-къай гьабун гьечIо, гIарцуда бахиллъун руго. ХIасил: сон къватIал рацIцIад гьаризе къватIибе бахъун буго лъабго машина, гьезул цоябги бекун буго. Авариял ккола нухал рацIцIад чIезарун гьечIони. Шагьаразул идарабазул нухмалъулел гьединаб заманалда рукIине ккола хIалтIул бакIазда. Каспийскалъул мэр ватичIо хIалтIуда, самолеталде вахарав чи нахъвуссинавизе ккана гьев. Кин бегьулеб гьединаб заманалда, хIалтIиги рехун тун, кивеялиго ине? Дица нужее рагIи кьолеб буго, хадубккун гьедин букIине гьечIо», — ян лъазабуна Владимир Васильевас.
Ругьунлъун руго – бицунел гьелги, гьелъухъ гIенеккулел нилъги — «пудраялде». Гьанже божилъи бачIинехъин буго гьеб «пудраялдаса» хIакъикъаталде рачIине ратилин. Амма бигьаго букIинаро.
Абула нилъер республикаялда щуго млн. бетIер гIи-цIцIаназул бугилан. Бугищха хIакъикъаталдаги? Дагъистаналъул Росдал магIишаталъул министерствоялъул хIалтIухъанас бицана: «Статуправлениялъул гIуцIабаз ва гьединго боцIул хъвай-хъвагIаялъул (перепись) хIасилалда гьеб къадар тасдикъ гьабулеб буго. Амма гьелда божизе бачIунаро. Гьеб къадаралда гIи батани, кибха бугеб къунцIараб квас, киб бугеб гьезул гьан?»
Дагъистаналъул Росдал магIиша­талъул министерствоялъул баяназда рекъон, («Российская газета» 16.01.2017 сон) овощазул 1,4 млн тонна ба­кIарун буго исана. Советияб заманалдацин республикаялда бакIарулаан гIага-шагарго 400 азарго тонна овощазул. Гьенибги «пудра» цIакъго цIикIкIун бахун бугин ккола.
Шамил Хадулаев, коррупциялде данде къеркьолеб комитеталъул гIакълучи:
— Нилъер гьаниб кинабго буго «пудраялъ» бахчизабун. Киназдаго гьеб лъала, хисизабизелъун гьабулеб жоги гьечIо. Мисалалъе босани, Эльтавалъул рохь. Гьеб къотIун балеб буго, гIайибиявги ватуларо. Гьеб ишалда гьоркьор гIицIго минаби ралел гурелъул ругел, гьениб буго шагьаралъул администрация, Экологиялъул ва тIабигIат цIуниялъул министерство, ихтиярал ва законал цIуниялъул органал ва цогидалги жавабиял идараби.
«Пудра» хIалтIизабулареб министерство, ведомство гьечIо республикаялда, хасго гьеб цIакъго лъикIго хIалтIизабула гIадлу-низам гьабизеги гьеб цIунизеги тараз. Гьезул хIасилазухъ гIенеккидал нилъ алжаналда ругин ккезе бачIуна. Ругищха нилъ алжан бихьулеб бакIалдацин?
Гьедин букIине буго законалъул диктатура гьечIони. Законалдаса дове-гьаниве тарарав чи, лъалхъизавизе ккола. Гьабураб такъсиралъухъ тамихI гьабулеб гьечIони, такъсирчиясдаги гIорхъи лъаларо, гIадамазги гьеб гьедин букIине кколеб жойилан тола. Нилъги ругьунлъун руго гьелде. Васильевас рехсараб «пудра» буго такъсиралда тIад бахунеб нах. Гьеб лъугIизабизе рес бугищ? Бокьани, буго.
Шамсият Султанбегова