Сахлъуларел ругънал

Зул хIурма терроралъул къурбанал

 

1996 соналъул ичIабилеб январалда Гъизляралъул больницаялде гьужум гьабуна халкъазда гьоркьосел хъачагъазул къокъаялъ

Ракълилаб шагьар квегъизе гъирагун Гъизляралде рачIарал хъачагъазул нухмалъулевлъун вукIана Салман Радуев. Гьезул кверзукьа хварал гъизляралъулал ракIалдещвезариялъул тадбиразда гIахьаллъана нус-нус дагъистанияв. Гьезда цадахъ рукIана Гъизляралъул бетIер Александр Шуваловги, шагьаралъул собраниялъул депутаталги, жамгIиялгун гIолилазул гIуцIабазул хIаракатчагIиги, доб хасалил къоялъ хваразул гIагарлъигун гьудулзабиги. Митингалда гIахьаллъана вахIшияб ишалъул чIагоял нугIзалги.

«Больницаялда рукIарал ва щибго мунагь-гIайиб гьечIел гъизляралъулазе сордо-къоялъ зулму гьабуна хъачагъаз. ГIаданлъи тIагIарал террористазул кверзукьа хвана анцI-анцI чи. КигIан хIинкъи букIаниги, хъачагъазухъа бажаричIо бахIарчиял гIадамал хIинкъизарун, гьезул яхIалъги къуваталъги кумек гьабуна нилъедаса кIудияб балагь тIаса инабизе. Гьелдаса нахъе ана 22 сон. ЧIагоязда кIоченчIо хварал. Гьезда киданиги кIоченаро 1996 соналъул ичIабилеб январалда Гъизляралде тIаде бачIараб балагьги», – ян абуна Александр Шуваловас. Гьес рехсана пашманал хIужабиги: теракталда хвана 51 чи, лъукъана – 174, больницаялда зулму гьабун чIезавун вукIана – 2161.

СихIкъотIиялъул лахIзаталдаса хадуб тIугьдул лъуна 1996 соналъул терроралъул къурбаназулги 1999 соналда, Дагъистаналдаги Кавказалдаги ракълилаб гIумру цIунулаго, хварал аскариязулги памятниказда цере.

Вадим Погосов вукIана Радуевасул къокъаялде дандечIаразда гъорлъ. «Дихъа бажарана анкьго чи хвасар гьавун. Чан сон аниги, доб къоялъул лъугьа-бахъин беразда цебеса унаро», — ян абуна гьес. БахIарчилъиялъухъ Погосов мустахIикълъана «Бихьинчилъиялъул орденалъе».

Вячеслав Уцехов вукIана, жидеего бокьун хъачагъазда цадахъ Первомайское росулъе щвезегIан арал гъоркьлъалие росаразда гьоркьов. «Микь-абилеб январалда дун вачIана Чачаналдаса отпускалде ва рогьалилъ дунги ккана больницаялда рукIаразда гъорлъе. 10 январалда, чIужугIаданалъул бакIалда хъачагъазда цадахъ вукIине разилъана дунги ва Первомайскоеялде щвезегIанги ана», – ян ракIалдещвезабуна гьес.

МахIачхъалаялда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ «Мангуст» турнир

 

Гьал къоязда МахIачхъалаялда, «Труд» стадионалда, гIолилазда гьоркьоб тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ «Мангуст» турнир. Гьелъул гIуцIарухъан, гIолилазда гьоркьов Европаялъул ва Дунялалъул чемпион, гьабсагIаталда МахIачхъалаялъул ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спортивияб школалда тренерлъи гьабулев Шамил ГIалиевас турниралде ахIун рукIана 2017 соналъ бищунго лъикIал хIасилал рихьизарурал республикаялъул спортсменал. Къецалин абуни рукIана щуго цIайиялъул категориялда — 35 кг, 38 кг, 42 кг, 46 кг, 50 кг. Социалиял гьиназдагун батIи-батIиял сайтазда, газетазда бицен гьабун букIиналъги батила турниралда хадуб халкквезе рачIана гIемерал гIадамал, хIакимзаби, спортсменал. Спортивияб тадбиралде байбихьилелде ургуялде рахъана «Лезгинка» ансамблялъул кьурдухъаби. Гьез рихьизарурал гьунараз, берцинаб кьурдиялъ битIахъе асир гьаруна турниралде рачIарал гIадамал. ПалхIасил, гьеб киналъго бицунеб букIана спортивияб тадбиралде гIуцIарухъаби лъикI хIадур рукIин. Гугариги букIана кутакалда интересаб. Цоясдаса цояв къуватав вукIана ургуялде вахъуневщинав гIолилав. 2017 соналъул бищунго къуватал спорсменаллъун ккана МухIамад Жарулаев (35 кг, ЧIарада район), Шигьабудин ГIабдулмуминов (38 кг, Хасавюрт, Ш.ГIумахановасул цIаралда бугеб школа), Рамазан Багьавудинов (42 кг, Хьаргаби район),  МухIамад Амирчупанов ( 46 кг, Каспийск, Къ. КъурамухIамадовасул цIаралда бугеб школа), МухIамадбашир Ханиев (50 кг, Хасавюрт).

Кубокал, медалал гурелги бергьарал гугарухъабазе кьуна гIарцулал шапакъаталги. ТIоцебесеб гурони цоги призалъулал бакIал турниралда рихьизарун рукIинчIелъул, гьелъие мустахIикълъаразе щвана 25 аза-азар гъуруш.

Гьеб сордоялъ гугариялда хадуб халккун рукIаразул ихтияр букIана церехун рехсарал турниралъул чемпионазда гьоркьосаги бищунго къуватав вищизе. Гьаркьазул хIисаб-суал гьабидал, «Къуватаздасаги къуватав» абураб цIаралъе мустахIикълъана Хьаргабиса Рамазан Багьавудинов. Гьесие кьуна хасаб приз.

Къецал лъугIун хадуб гIахьаллъарал киназего баркалаги кьолаго, гьадин абуна Шамил ГIалиевас: «Гьаб букIана нилъер байбихьи, тIоцебесеб турнир ва хадусел соназда хьул буго, гьаб халкъазда гьоркьосеблъун лъугьинин», — ан.

ДРялъул спорталъул министрасул тIоцевесев заместителасул ишал тIуралев Зайнал Салаудиновасул рагIабазда рекъон, цебеккун гIолилазда гьоркьоб «Мангуст» гIадинаб турнир букIинчIо. «Жакъа гIолилаз ургуялда бихьизабуна Дагъистаналда эркенаб гугари тIегьан бачIунеб букIин. РакIалда букIана, турниралдеги ваккун, цоги ишал гьаризе ине. Амма гьанир рукIарал хIалуцарал речIчIияз кивего виччачIо. ПалхIасил, гIуцIарухъабазухъа бажарун буго ракIалда букIараб гIумруялде бахъинабизе. Гьелъухъ гьезие баркалаги буго. Ниж кидаго хIадурал руго гьадинал тадбиразул рахъкквезе ва кумек гьабизе», — ян абуна Зайнал Салаудиновас.

Темирхан ХIасанов