Дагъистаниясул бергьенлъи

«Гьаракь» абураб музыкалияб проекталда бергьарав

Селим Алахяров ватIаналде вачIана

Соналдаса соналде машгьурлъулеб буго Россиялъул тIоцебесеб каналалъул «Гьаракь» абураб музыкалияб проект. 2017 соналда гьенив гIахьаллъана Москваялда гIумру гьабун вугев дагъистанияв Селим Алахяровги. ТIубараб Северияб Кавказалъго халккун букIана кочIохъанасда хадуб. Щибаб рузман къо тIаде щвеялъухъ ралагьун рукIунаан Селимил рахъкколел. Гьале тIаде щвана бищунго жавабиял лахIзатал. Селимил хадусеб къисмат, хутIилищ гьев проекталда яги нахъейищ иневали бараб букIана гьевги гьесул кечIги бокьулезда. РекIее гIажаибаб рохалил асар гьабулаан, миллат цIехечIого, дагъистанияз Селимие гьаркьал кьолел рихьидал. Гьел къояз гIемер рагIулеб букIана «нилъер Селимилан» гIадамаз бицунеб. Гьелъ цоги нухалда нугIлъи гьабула Северияб Кавказалъул халкъазул гьудуллъи-вацлъиялъе. Гьеб нилъехъа лъиданиги бахъизе кIвезе гьечIеблъиги иргадулаб нухалда бихьизабуна дагъистаниязги.

Республикаялъ рохалида къабул гьавуна Дагъистаналъул цIар дагьабги машгьур гьабурав Селим. МахIачхъалаялъул аэропорталда гьесда дандчIвай гьабуна республикаялъул культураялъул министрасул ишал тIуралей Зарема Бутаевалъ, Дербент шагьаралъул бетIер Малик Баглиевас, культураялъул министрасул ишал тIуралесул заместитель Мурад ХIажиевас, Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат ХIажимет СапаргIалиевас, кочIохъабаз, гIага-божараз, журналистаз.

Селимида бергьенлъиги баркулаго, Зарема Бутаевалъ абуна:

— Проекталъ цоги нухалда цолъизаруна дагъистаниял. Селимил бергьенлъи ккола кIудияб кIвар бугеб бергьенлъи. Гьес россиялъулазда бихьизабуна кечI ахIизеги Дагъистаналъул васазул гьунар бугеблъи. Балагьаразе гьес рагьана цIияб Дагъистан, — илан.

Гьелъул гьариялдалъун Селимица ахIана «Чертово колесо» абураб кечIги. Гьеб кочIоца лъедал кьучI Селимил бергьенлъиялъеги. Ахиралда Селимица баркала кьуна жиндир бергьенлъиялъулъ хасаб бутIа лъурал Северияб Кавказалъул ва Россиялъул батIи-батIиял регионазул гIадамазе.

— Дида гьанже дагьабги лъикI бичIчIана нилъер къуватги талихIги гьудуллъиялъулъ букIин, — ан абуна гьес.

Гьединго 17 январалда Дагъистаналъул мустахIикъав артист Селим Алахяровгун ва гьесул эбел Майя РахIимхановагун, композитор МухIамад ХIусеновгун дандчIвана республикаялъул премьер-министрасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидов. Гьес тIадегIанаб къимат кьуна кочIохъанасул махщалие.

«Ниж, дагъистаниял, рохарал руго ракьцоясул бергьенлъиялдаса. Гьесул эбелалъеги буго кIудияб баркала, васасе жиндирго пагьму рагьизе жеги гьитIинго чIезарун рукIарал шартIазухъ. Селимил бергьенлъиялъ хасаб ва тIадегIанаб бакI кквезе буго Дагъистаналъул маданияталда», — ян абуна гьес.

Гьес Селимие кьуна Дагъистаналъул бетIерасул цIар хъвараб сагIатги. Майя РахIимхановалъ кIудияб баркала загьир гьабуна дагъистаниязе жиндир васасул пагьму-гьунаралъул гьабураб адабалъухъ. Бергьенлъиялде Селимица жеги гьитIинго лъураб нухалъул хIакъалъулъ бицана МухIамад ХIусеновасги.

ЦIияб проект

ЛъикIаб байбихьи

Дагъистаналда байбихьана «Гьаракь. Лъимал» абураб музыкалияб проект

Россиялъул тIоцебесеб каналалъул проекталда релълъараб гьелъул хIалтIи байбихьана Сулейман Стальск районалъул Къасумкент росулъ. КучIдул ахIизе руго лезги ва гIурус мацIазда. Проект гIуцIаразул цояв ккола районалъул лъайкьеялъул управлениялъул начальник Качабег Аминов. Конкурсалъул хIакъалъулъ бицунеб буго социалиял гьиназдасанги. Музыкалияб къецалда гIахьаллъана районалъул школаздаса 48 цIалдохъан. ТIоцебесеб бутIаялдаса хадуб жюриялъ иргадулаб этапалде виччана щугояв. Проекталъул финал тIобитIизе буго 14 февралалда.

Музыкалияб маданияталда лъикIаб кIвар бугеб хIалтIи гьабулеб буго гьеб районалда. ЦIакъго лъикIаб букIинаан, проект республикаялъулаб даражаялъулаблъун лъугьани. Къецал тIоритIизе бегьилаан чIахIиязда гьоркьорги. Цевевахъине ресги гьечIого, пагьму-гьунар вугев кочIохъан чанги ватилаан мугIрузул улкаялдаги. Щиб лъалеб, миллияб кочIол дунялалдаги гьелъ хиса-басиял гьаризеги бегьула — гьеб мехалда дагьлъизеги бегьула «фонограммаялъул» кочIохъабазе хъатчIвалезул къадар.

Миллатазул гьудуллъи

Халкъада кIочон гьечIо

Дербенталда кIодо гьабуна Хизгил Авшалумов гьавуралдаса 105 сон тIубай

Тадбир тIобитIана хъвадарухъанасул цIар кьураб къотIноб. Байрамалда гIахьаллъана шагьаралъул школазул цIалдохъаби, журналистал, хъвадарухъаби, шагIирзаби. Хъвадарухъанасул гIумруялъул ва хъвадарухъанлъиялъул хIакъалъулъ бицана Дербенталъул музей-заповедникалъул бетIерав специалист Роман Сафановас, «Ватан» республикаялъулаб газеталъул бетIерав редактор Виктор Михайловас, шагьаралъул № 11 школалъул директор Захар Ильканаевас. Тадбиралъул ахиралда хъвадарухъанасе лъураб мемориалияб хъорщода цере лъуна тIугьдул.