№10 школалде сапар

Рамазан ГIалиевас халгьабуна школалъе балеб минаялъул

 

«Лъайкьей цебетIезаби» абураб федералияб программаялда рекъон, лъабго сменаялда цIалулел школазе ралел руго минаби. Балеб буго тIадеги мина МахIачхъалаялъул Юсуп Акаевасул къотIноб бугеб №10 школалъеги. Рамазан ГIалиевасда цадахъ цIибалеб бакIалъухъ балагьизе рачIун рукIана тахшагьаралъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулелги бакIал ралел подрядчиказул вакилзабиги.
ЦIияб минаялъул буго ункъо блок: цIалул кабинетазул, мастерскаязул, богорукъалъул, данделъабазулгун спорталъул залазул. Мина бан бахъун буго ва жанисан къачIан буго. Богорокъоб лъун буго хIажатаб къайиги.
Рамазан ГIалиев рази хутIана классаздасаги бихьаралдасаги. ГIиси-бикъинал гIунгутIабиги тIагIинарун, школалъул

*** 

Проекталги хIакъикъатги
Лаваша районалъул Чуни ва Цухти росабалъе лъим бачIина

ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдусамад ХIамидовас тIобитIана данделъи. Гьениб бицана гъоркьиса гьабураб хIукуматалъул хIалтIул хIакъалъулъ ва мухIкан гьаруна исана церечIарал аслиял масъалаби.

Аслиял масъалабилъун рехсана «2016-2025 соназда РФялъул субъектазул лъайкьеялъул идарабазда цIиял бакIал гьари» ва «2013-2020 соназда школалда цебесеб, школалъул ва школалда тIадехунисеб лъайкьеялъул цебетIей» абурал социалиял программаби гIумруялде рахъинари. Рехсарал программабазда рекъон, гъоркьиса республикаялда бана анкьго цIияб школа. Гьезул цоязда жаниб къайи лъолеб буго ва цогидал цIалдохъаби къабул гьаризе хIадурго руго. Гьел школал рагьиялъул тартиб тасдикъ гьабуна данделъиялда. «Январалдаго цIияб школалда цIали гIуцIизе рес батани, гьеб рагьизе ккола. ГIиси-бикъинал гIунгутIаби ругони, масала, Алмало росдал цIияб школалде ток бачине рес гьечIо, — батизе ккола батIияб нух, ай босизе ккола генератор. Бан бахъараб школалда рукIине ккола цIалдохъаби. Нилъее къваригIун буго гьабураб хIалтIул хIасил. Гьебмехалда исанаги цIиял школал разе гIарац щвеялде хьул лъезе бегьула», — ян бицана ГIабдусамад ХIамидовас.
Кида хIалтIизе бугеб «ХIин­къигьечIеб шагьар» абураб аппа­ратазулабгун программияб ком­­плекс? Гьеб суал лъуна данде­лъиялда республикаялъул премьерас. Гьесие жаваб кьолаго, рачана гьадинал хIужаби. 2014 соналда, инвестициязул гIарцухъги росун, лъуна фото ва видефиксаторал. МахIачхъалаялда лъуна 64 видеокамера. Гьел аппаратаздасан баянал унел рукIана нухазда низам цIуниялъул халкколеб хасаб централде.
2016 соналда гIуцIана «112» абураб тIасан борчIараб хIал ккедал хехго къватIибе бахъине хIадурго букIунеб хъулухъ. Гьебги хьезабуна аппаратаздалъун. Гъоркьиса гьел аппаратазде кIалъан вуго нусазаргоялдаса цIикIкIун дагъистанияв. ГьабсагIаталда балеб буго Хехго къватIибе бахъине хIадураб хъулухъалъул цогояб центр. Гьеб бан лъугIизабизе ккола гIага-шагарго лъагIалил ахиралде.
«ХIинкъигьечIеб шагьар» проекталда рекъон лъезе буго 102 фотовидеофиксатор. Жеги 90 лъезе буго гIемер гIадамал ракIарулел бакIазда.
ДРялъул хIукуматалъул тIоцевесев вице-спикер Рамазан ГIалиевас бицана, 2018 соналда гIумруялде бахъинабизе бугин цересел соназдаго байбихьараб 35 ва 31 цIияб социалиябгун экономикияб проект. Дагъистаналда гIумруялде бахъинабизе буго микьго федералияб проектги.
Исана республикаялъул хIукуматалъ тIубазе буго газалдалъун хьезариялъул масъалаги. Гъоркьиса газ бачана 26 росулъе. Гьеб бачунеб буго 2018-2022 соназда Дагъистан газалдалъун хьезабиялъул хIакъалъулъ программаялда рекъон. Рамазан ГIалиевас абуна, республикаялъул цо-цо росабалъ газалъул рогIрал лъун ругин, амма гьел газалъул гIаммаб рогIорогун цолъизарун гьечIин. «Программаялда гьеб хIужаялде кIваркьезе ккела. Газпромалъ аслияб рогIоро лъурал росабалъеги газ бачиналъе ресал ратизе ккела», — ян абуна гьес.
Данделъиялда бицана Лаваша районалъул Чуниги Цухтиги росабалъе лъим бачиналъе гьабулеб хIалтIи лъугIулеб бугинги.