КьучIдасанго хисун буго

ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев дандчIвана республикаялъул СМИязул вакилзабигун

 

ДандчIвай тIобитIана Гьудуллъиялъул рокъоб. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидовги, ДРялъул парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовги, ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги.

Владимир Васильевас журналистазда баркана Печаталъул къо. Гьесие журналистаз кьуна гьадинал суалалги.

— Дагъистаналъул хIакъалъулъ кинаб пикру бугеб дур?

— Дун чанцIулго щун вукIана Дагъистаналде. Дида ракIалде кколаан, Дагъистан лъалин, гьанир гьудулзабиги гIезегIан ругелъул. Гьанже дида бихьана тIубанго батIияб Дагъистан. Дица бетIер къулула республикаялда низам цIунизеги, экономика цебетIезабизеги хIаракат бахъулел гIадамазе. Цебе букIаралде дандеккун, ккараб хиса-баси бихьараб мехалъ, гьелъие квербакъарал гIадамаздаса чIухIизе бачIуна.

Амма масъалаби гIемер руго. Централияб Россиялде дандеккун, 15 соналъулниги нахъеккей буго гьаниб. Масала, муниципалияб транспорталъул рахъалъ. 15 соналъ цебе Москваялда цоцалъ къацандулеб букIана гIадамал раччулеб транспорталъул кIиго компания: Югалъулаб Осетиялдасаги нилъерго Кавказалдасаги. Жакъа кинабго рекъонккезабун буго. Транспортги хIалтIулеб буго, сагIат кинигин. ЗахIмалъулеб буго налогал ракIари. Гьел ракIаризеги жамгIияталъе пайдаялъе хIалтIизаризеги ккола.

— Кинаб къимат кьолеб дуца республикаялъул социалиябгун экономикияб хIалалъе?

— Руго лъикIал хIасилал. Буго цебетIей. Руго чарагьечIого тIуразе кколел масъалабиги. Масала, ран руго гIемерал цIиял минаби. Гьебго заманалда гIуцIун гьечIо лъел ва газалъул мухъал, ток бачиналъул къагIидаби. БичIчIулеб буго, шагьар баялъул рахъалъ чIванкъотIараб план гьечIеблъи.

— Кинаб къимат кьолеб дуца республикаялъул информациялъул алатазе?

— ГIадамазул ихтиярал цIунулел СМИязе, журналистазе кIудияб баркала буго. Дир хьул буго республикаялъул масъалаби тIуразариялъулъ нилъер цадахъаб гIахьаллъи букIиналде.

ДандчIваялда бицана республикаялъул халкъазул мацIал ва тIабигIат цIуниялъулги, хасго тахшагьаралда рацIцIалъи чIезабиялъулги, нухазда низам хвезабунгутIиялда бан гьаризе ругел ишазулги хIакъалъулъ.

Ахиралда Владимир Васильевас ракIалдещвезабуна исана улкаялъул президент вищизе вукIинги ва бичIчIизабуна СМИяздасан кандидатазул хIакъалъулъ мухIканал баянал кьезе кколеблъиги.