Къадруяв политик ва гIадатияв инсан

Гьалмагъасул хIакъалъулъ пикраби

 

11 январалда къадаралде щвана Россиялъулги Дагъистаналъулги пачалихъияв
ва политикияв хIаракатчи МухIамад Юсупов

ГIакъилав ва цIодорав политик

МухIамад Юсупов хванилан хабар бачIиндал, социалиял гьиназдасан гьесул хIакъалъулъ пикраби загьир гьаруна гьесда цадахъ хIалтIаралги инсан хIисабалда гьев лъалев вукIаралги дагъистанияз.
Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевас абуна, МухIамад Юсупов вукIанин бищун лъикIал нухмалъулезул цоявлъун ва ракIалдещвезабуна гьевгун цадахъ хIалтIараб заман: «Дида лъикI лъалааан Юсупил МухIамад, гIемерал соназ цадахъ хIалтIана ниж. Советияб заманалдаги гьелдаса хадусел соназдаги рукIарал нухмалъулезда гьоркьов МухIамад вукIана бищунго лъай бугев инсан. Гьесда цIакъ лъикI лъалаан экономика. Статистикаялъул бичIчIи букIана гьесул камилаб – бокьараб суалалъе жаваб батулаан. ЛъикIав нухмалъулевги вукIана гьев – гIадамазе ракIрагьарав, чорхолъ гIаданлъи бессарав, киналго рахъазул халгьабун гурони, хIукмуги гьабулароан. Киданиги рагIичIо дида гьев лъиданиги ццин бахъун кIалъалев. Жиндихъе къваригIелалъ вачIарав чиясухъ кIваркьун гIенеккулаан, мухIканго ваккулаан масъалаялда гъорлъе. Инсан хIакъир гьавулеб, напсалда хъинтIулеб рагIи абулароан. Цониги чиясда кьварун кIалъазе ккани, гьев чи ахIулаан жиндихъего ва цогидазда рагIиларедухъ гьабулаан гьесулгун накъит. Веццизе ккараб хIужа бугониги, гьеб киназдаго рагIиледухъ, гIемер чи вугеб бакIалда баян гьабулаан. Гьеб букIана Юсуповасул хIалтIул къагIида.
Халкъалъул мурад тIубалаан тIоцебесеб иргаялда. Жиндирго яги хъизан-тухумалъул къваригIелал толаан ахирисеб бакIалда. Гьев вукIана унго-унгояв нухмалъулев, халкъалъул цевехъан. Гьединавлъун хутIана гьев халкъалъул ракIазулъги».

Къадру тIадегIанав дагъистанияв

Дагъистаналъул бетIерлъун вукIарав Рамазан ГIабдулатIипов: «Республикаялъул къадру тIадегIанал политиказда гьоркьоб цIар рехсезе мустахIикъав чи вукIана МухIамад Юсупов. ВацIцIадав ва гIадилав инсан вукIиналъ, кин ва щиб кколебали бичIчIулареб заманалда гьес инкар гьабуна Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вукIине. Гьев нухмалъиялда хутIаравани, цIунизе бажарилаан дагъистаниязе хасиятаб культураги, рухIияб чIаголъиги, гIаданлъигун яхI-намусги. Дол захIматал соназда нилъ махIрумлъана гIемераб лъикIаб гIамалалдаса, амма, Дагъистаналъул тарихалдаги, культураялдаги, политикаялдаги МухIамад Юсупов гIадинал гIадамал рукIиналъ, нилъее квербакъизе буго лъикIабщинаб цIигьабизе. Республикаялдасаги ун, РФялъул экономикаялъул министрасул заместительлъун МухIамад хIалтIулеб мехалда, ниж гIемер дандчIвалаан. ЛъикIаб гьудуллъи букIана нижер хъизамазул. Гьесул йикIана гьайбатай лъади Амантула. Хъизан-лъималгун цадахъ дун чанцIулго ун вукIана Грециялдеги, гьев РФялъул дармил вакиллъун вугеб заманалда. 60 сон барав гьес, лъагIалида жаниб лъазабун букIана ингилис мацI. МухIамад вукIана ракI цIодорав, къвакIарав чи. Чанго гара-чIвари гьабуна дица гьесулгун. Гьев хведалги, дица лъималазда абуна, вукъизе кколин гIагараб Сугъралъ росулъ.
Юсупил МухIамад вукIана къимат тIокIав дагъистаниявги цIакъав инсанги. Дагъистаналъул халкъалъеги политиказеги мисаллъун букIине ккола гьесул гIумру».

Ана, хадур гIодулел ракIалги тун

ЦIумада районалъул больницаялда хIалтIулеб мехалда, МухIамад Юсуповасулгун лъай-хъвай кканилан бицана хирург, травматолог-ортопед, Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул университеталъул доцент, «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» жамгIияб хIаракаталъул соучредитель МухIамад ГIабдулхабировас: «Гьев вукIана хIеренав, хIалимав инсан, гьесда аскIоре ине бокьулаан гIадамазе. Москваялда Культураялъул центр рагьун хадуб, дун ана гьесухъе ва нижер накъиталдаса хадуб дида бичIчIана гьев гIакъилав, лъай гIатIидав, инсанасухъ гIенеккизеги гьев вичIчIизеги гьунар бугев чи вукIин.
МухIамад вукIана нилъ жиндаса чIухIизе мустахIикъав республикаялъул нухмалъулевлъун. Гьесухъа бажарана цIар бацIцIадго цIунизе.
Гьесул лъади Амантулаги юкъун йиго Москваялъул бусурбабазул хабалалъ. Гьенив живгоги парахат гьавеян васигат гьабун батизе ккола МухIамадица. АскIобго буго машгьурав кьурдухъан МахIмуд Эсамбаевасул хобги.
Дие бокьун букIана гьесулгун гара-чIвари гьабизе. ЧанцIулго ракIалдещвезабуна дица гьесда гьелъул хIакъалъулъ. МухIамадица абуна, жинца тIехь хъвалеб бугин ва гьеб лъугIарабго, интервьюги кьелин, дие тIехьги сайгъат гьабилин. Ахираб заманалда гьев унтун вукIиналда бан, тIехь хъван бахъинчIо гьесухъа».

Улкаялъе хIажатаб ишалда

1983-1990 соназда МухIамад Юсу­по­васда цадахъ партиялъул­гун магIишатиял идарабазда хIал­тIа­рав РФялъул ЖамгIияб Палатая­лъул член Айгум МухIамадовас ра­кIалдещвезабулеб буго: «Нижер бухьен хвечIо МухIамадил ахирисел къоязде щвезегIанги. Цо нухалда, ЦIияб Лак районалъул райкомалъул нухмалъулевлъун дун хIалтIулеб заманалда, Дагъистаналъул обкомалъул бюроялда цебелъун букIана «Миллатазда гьоркьосеб тарбиякьеялъул хIалтIи ЦIияб Лак районалда хашго гIуцIиялъул хIакъалъулъ» абураб суал. 1983-1984 соназда рехсараб район рикIкIунаан, миллатазда гьоркьосеб бухьеназул рахъалъ захIматаб масъала цебечIараб бакIлъун. Обкомалъул цо-цо хIакимзабазеги бокьун букIун батизе бегьула, дир пикруялда, росдал магIишаталъул министрасул заместительлъун вукIарав чиясда масъалабазул гIомогоро гIадаб районалъе нухмалъизе тIадкъай, ай диде божилъи гьаби, мекъаб ишлъун кканилан бичIчIизабизе. Дица хIаракат бахъулеб букIана, мадугьалихъ ругел Чачан-Ингуш Республикаялъул районазулгун бухьенал щулалъизаризе. Бюроялда суал гьедин лъей дида захIмалъунги букIана. Дица гIумру гьабулеб букIана райкомалъул кабинеталдаго – рукъ ккун букIинчIо.
Обкомалде щведал, дун цин ана кIиабилев секретарь Виктор Коробейниковасухъе. Гьевгун цадахъ вилълъана МухIамад Юсуповасухъе. Гьединаб суал бюроялда цебелъураб мехалда мадугьалзабаз нилъеде щибин абилебан гьикъана дица гьесда. МухIамадица абуна, суал хисизабизе бугин – бицине бугин ЦIияб Лак районалда халкъазда гьоркьосеб тарбиякьеялъул рахъалъ хIалбихьиялъул хIакъалъулъин. Гьелдаса хадуб гIемерлъана районалде рачIунел гьалбал: цогидал районазул секретарал, инспекторал, КПССалъул ЦКялъул инструкторал; лъикIаб рахъалдехун хисана районалъул хIалги: лъагIалил болжалалда газ бачана районалъул росабалъе (доб заманалда газ бачун букIинчIо цониги районалде). МухIамад Юсуповас дие кьуна «ХIурматалъул гIаламат» абураб орденги. БукIана цоги лъугьа-бахъин, Юсуповас дир рахъккураб. Чачанал-гIавухъал ун руго гьесухъе гIарзалъ: жидер миллаталъул гIадамал толел гьечIин районалъул жавабиял хъулухъаздаян, школазда учительзаби-чачанал дагь ругин, больницабазда – тохтурзаби дагь ругин абун. Юсуповас гьезие гьадинаб жаваб кьун буго: «Гьес идеологиялъул секретарьлъун тун йиго чачанай – бажари-гьунар бугей чIужугIадан. Гьелъул хIаракаталдалъун районалъул гIадамазе рес щвана Россиялъул БахIарчи Руслан Аушевгун дандчIвазе, гIуцIула гьелъ районалъул гIолилазулгун батIи-батIиял тадбиралги. Гьеб гIоларищ нужее? Яги нужеда гьес абунищ, Гъиргъизиялдасаги Казахстаналдасаги тIадруссараб мехалда рукIаралго росабалъе айилан, нуж чIарал бакIаздаса хъамулел гьечIогури гьес?»- илан. РекIелъ ццин-жахIда гьечIого тIадруссана гIавухъал рокъоре.
МухIамад Юсупов вукIана ишалъулав чи. 1988 соналда гьес дида тIадкъана, Москваялдеги ун, консервазул промышленносталъе хIажатаб 15-20 цех балагьеян. ЦIакъ кIудияб кIваркьолаан республикаялда консервабазул магIишат гIуцIиялъеги мугIрузул гIоразда электростанциял раялъеги. Гьарзаго чIана гьел соназда магIарухъ пихъил ахал. Гьесул бажариялдалъун мугIрузул районазда рагьана батIи-батIиял тIагIел-алатал данде гьарулел цехалги. Гьелдалъун аза-азар чиясе хIалтIиги щвана.
Нухмалъиялъул хъулухъалда тезе куцалаан МухIамадица бажаригун лъай цIикIкIарал гIолилал. Масала, гьедин куцана гьес КЭМЗалъул директорлъун хIалтIулев вукIарав ГIабдуразакъ Мирзабеков».

Нижер хъизамалъго
хIурмат гьабулаан

Дагъистаналъул вакиллъун Москваялда вукIарав Рамазан Мамедов: «МухIамад Юсуповасулъ букIана хIалтIизе гъира, иш бачине бажари, федералиял идарабазулгун накъиталъе гьунар. Кинаб хъулухъалда вугониги, гьев хутIана гIадатиявлъун. Гьес кIвахIтун, камил гьабулаан жиндирго лъай, къуркьулароан захIмалъабазе, масъала цебелъураб мехалда хIаракат гьабулаан гьеб тIубазабизе ва киданиги нахъе къалароан.
Республикаялъул нухмалъулев хIиса­бал­даги гьев вукIана къадруяв политиклъун. Жакъа гIемер бицуна республикаялъул бетIерлъун гьадинав-додинав чи вукIине кколин абун. Гьеб бакIалда, дир пикруялда, вукIине ккола МухIамад Юсупов гIадинав чи.
Москваялда бугеб ДРялъул хIуку­маталъул вакиллъун вукIаго, дида гIемер рагIана МухIамадил хIакъалъулъ бицунеб. Кидаго тIадчIей гьабулаан гьесул махщелчилъиялде, гIаданлъиялде, тIадегIанаб лъаялде, напс цIунизе бахъулеб хIаракаталде, гIадамазулъ вукIа-вахъине бажариялде. Кинаб масъала цебелъуниги, гьес цIадирабазда лъолаан киналго рахъал ва, ритIухълъиги цIунун, тIубалаан гьеб. Москваялда бугеб вакиллъиялъул киналго данделъабазде ахIулаан МухIамад. Гьесул рагIухъ гIенеккулаан, гьесул малъа-хъваял рукIана нижее къиматаб жавгьарлъун. Гьев вукIана нижее мисалияв дагъистаниявлъунги, Дагъистаналъул къадруяв нухмалъулевлъунги, адабалъе мустахIикъав ракьцоявлъунги.
МухIамад Юсупов республикаялъул нухмалъиялда вугеб заманалда дир эмен хIалтIулев вукIана Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министрлъун. Гьел рукIана гьудулзабилъун, гIемер щолаан цоцахъе. Инсуе кумек гьабулаан гьес, республикаялъе пайдаял ишал гIумруялде рахъинаризе квербакъулаан. Гьединлъидал, гьев гьитIинго лъалаан дида. КIиязулго гьудуллъиялъ бижизабуна дилъги МухIамадиде адаб. Нижер хъизамалъго хIурмат гьабулаан гьесул».

ГIадилав нухмалъулесул мисал

ЖамгIияв хIаракатчи, политолог Денга Халидовас ракIалдещвезаруна Горбачевасул цIигьабунгIуцIиялъул за­ман. «РакIалда буго, 1989 соналъул ахиралда, «Перестройка» абураб клубалъул хIаракатчигун цадахъ унаго, МахIачхъалаялъул аслияб майданалда дандчIвана доб заманалда хIукуматалъул председательлъун вукIарав МухIамадгIали МухIамадовги КПССалъул обкомалъул тIоцевесев секретарьлъун вукIарав МухIамад Юсуповги. Гьел байбихьана нижеда малъаризе: критика букIине кколила пайдаяблъун (гьелда дица дагIбаги баларо). Нахъисеб къоялъ ниж ракIарун рукIана обкомалъул минаялда – гьениб тIобитIулеб букIана шагьаралъул парт­активалъулгун цадахъаб данделъи. Бицунеб букIана цIигьабунгIуцIиялъул къагIидабазулги нухазулги хIакъалъулъ. МухIамад Юсуповас гIакъилго къабул гьабун букIана, нухмалъиялда букIараб партиялде дандечIараблъун букIаниги, «Перестройка» абураб клубалъул хIа­ракат.
Гьев хIадурав вукIана демократазул тIоцересел кьералгун хIалтIизе. Доб заманалда РАНалъул Дагъистаналъул филиалалъул ИЯЛИялъул гIелмияв хIалтIухъанлъун вукIарав Уллубий Ражабовасдаги абун, Юсуповас дун ахIулев вукIана компартиялде лъугьине ва цадахъ хIалтIизе. Гьеб букIана гIемерал рахъаз лъикIаб ишлъун. Амма дица инкар гьабуна. КПССалда гъорлъе лъугьин дида бихьулаан ишцоязе хилиплъилъун, цадахъаб ишалъе хиянат гьабилъун. Гьединлъидал, дица МухIамадие баркала кьеянги абун, Уллубийида бичIчIизабуна, кватIичIого цо партиялъулаб къагIида биххизе букIинги компартиялъул къисматги кинаб букIине бугебали лъалареблъиги.
МухIамад Юсупов хутIила мустахIи­къав дагъистаниясулги гIадилав нухмалъулесулги мисаллъун», — ан бицана гьес.
ХIадурана
Кавсарат Сулеймановалъ.