Зул хIурма терроралъул къурбанал 1996 соналъул ичIабилеб январалда Гъизляралъул больницаялде гьужум гьабуна халкъазда гьоркьосел хъачагъазул къокъаялъ Ракълилаб шагьар квегъизе гъирагун Гъизляралде рачIарал хъачагъазул нухмалъулевлъун вукIана Салман Радуев. Гьезул кверзукьа хварал гъизляралъулал ракIалдещвезариялъул тадбиразда гIахьаллъана нус-нус дагъистанияв. Гьезда цадахъ рукIана Гъизляралъул бетIер Александр Шуваловги, шагьаралъул собраниялъул депутаталги, жамгIиялгун гIолилазул гIуцIабазул хIаракатчагIиги, доб хасалил къоялъ хваразул...
