МахIачхъалаялда, Шахматазул рокъоб, байбихьана ДРялъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевасул призалъе гIоло санайилго тIобитIулеб шахматал хIаялъул рахъалъ республикаялъулаб чемпионат. Турнир рагьизе ва гIахьалчагIазе битIккей гьаризе рачIарал гьалбадерида гъорлъ рукIана ДРялъул спорталъул министрасул заместителал Зайнал Салаудинов ва ХIайдарбег ХIайдарбегов, ДРялъул шахматазул федерациялъул президент Жакай Жакаев, Олимпиялъул хIаязул чемпион Загъалав ГIабдулбеков, шагьаралъул спорткомитеталъул...

