ТIоцевесев президентги шахматалги

 

 

 

 

   МахIачхъалаялда, Шахматазул рокъоб, байбихьана ДРялъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевасул призалъе гIоло санайилго тIобитIулеб шахматал хIаялъул рахъалъ республикаялъулаб чемпионат. Турнир рагьизе ва гIахьалчагIазе битIккей гьаризе рачIарал гьалбадерида гъорлъ рукIана ДРялъул спорталъул министрасул заместителал Зайнал Салаудинов ва ХIайдарбег ХIайдарбегов, ДРялъул шахматазул федерациялъул президент Жакай Жакаев, Олимпиялъул хIаязул чемпион Загъалав ГIабдулбеков, шагьаралъул спорткомитеталъул председатель МухIамад Суменов ва цогидал.

   Исана турниралда гIахьаллъи гьабулеб буго 60-ялдаса цIикIкIун чияс. ГIахьалчагIазе бергьенлъиги битIккейги гьаризе турниралде вачIун вукIана МухIу ГIалиевги:

   «Дун цIакъ вохарав вуго пандемия сабаблъун ккараб гьоркьоб къотIиялдаса хадуб, цIидасанги турнир тIобитIизе рес щвеялдаса. Цебеккунго гIадин, ритIухълъиялда, гьудуллъиялъул ахIвал-хIалалда инин хьул буго исанаги. Шахматазул аналитик гьечIониги, гьаб ахираб заманалда республикаялда шахматазул рахъалъ цебетIей халлъулеб буго. Гьеб бицунеб буго нилъер гьитIинав, гьунар бугев шахматист Таймаз Темирбековас Россиялъулги Европаялъулги даражаялда тIоритIулел турниразда росарал бергьенлъабаз. ХIакъикъаталдаги, гьеб буго нилъ киналго рохизе ккараб хIужа ва хьул буго гьадинал турниразул кумекалдалъун жеги цIи-цIиял гьунарал тIатинин», — абуна М. ГIалиевас. Турниралъул хIасилалги Дагъистаналъул лъикIал шахматистазул цIаралги лъазе руго 11 августалда. Турниралда бугеб ахIвал-хIалалъул «ХIакъикъаталъе» бицана чемпио- наталъул бетIерай секретарь Саният ШагIбановалъ.

   «Дагъистаналда шахматазул чемпионат тIобитIулеб буго къогогIан соналъ. 2015 соналъ, МухIу ГIалиевасул юбилеялдаги хурхинабун, тIобитIизе пикру ккана нижер. Гьевги гьесул гIагарлъиги гьеб пикруялда разилъана.

   Исана турниралда гIахьаллъи гьабулеб буго машгьурал шахматистаз. Гьезда гьоркьор руго халкъазда гьоркьосеб даражаялъул ва СССРалъул спорталъул мастерал, къогогIан спорталъул мастерлъиялде кандидатал, регионалиял ва Россиялъул даражаялъул къецазда чIел босарал ва призераллъун рахъарал лъималги.

  Щибаб тур — гьеб буго цо хасаб лъугьа-бахъин. Щив бергьиневали лъалеб хIал гьечIо — цIакъ хIалуцарал къецал руго. Турниралда гIахьаллъи гьабизе бегьула Дагъистаналда гIумру гьабулев бокьарав чияс, амма аслиял гIахьалчагIилъун рихьизарун руго жидерго районаздаги шагьараздаги чIел босарал шахматистал. Кинавниги вуго 68 гIахьалчи: 20 чIужугIаданги 48 бихьинчиги. Чемпионат тIобитIула руччабаздаги бихьиназдаги гьоркьоб батIабатIаго. Амма лъималазе батIаго гIуцIараб номинация гьечIо. Гьелги къеркьолел руго чIахIиялгун. Гьезие гьеб ккола жидеего хIалбихьи щвезе бугеб лъикIаб ресги, гьелдаго цадахъ дагьаб хадуб тIобитIизе бугеб лъималазда гьоркьоб СКФОялъул турниралде хIадурлъиги. Амма гIисинал гIахьалчагIи чIахIияздаса къун хIалел гьечIо. Масала, тIоцебесеб туралда Каспийскиялдаса гьитIинав Айдан Гъафуровас машгьурав шахматист, СССРалъул спорталъул мастер Руслан ХIусенов къезавизе дагьав хутIана. Руго жеги чIахIиял дандиязда тIад чIелги босун церехун унел лъималги. Лъимал рукIаниги, хIалбихьи бугел шахматистазулго даражаялъул хIайги хIасилалги рихьизарулел руго гьез. Гьелъ интересаблъун гьабула гьаб турнир, — ян бицана С. ШагIбановалъ.

МухIамад МАНАПОВ