Эмиратаздаса гьобол

 

  Гьал къоязда республикаялде вачIун вукIана ГIарабазул Цолъарал Эмиратазул (ОАЭ) Россиялда вугев посол МухIамад АхIмад аль-Жабер.

    Республикаялъул гIемерал бакIазде щвана МухIамад АхIмад аль-Жаберин. Рихьизаруна гьесда нилъер росдал магIишаталда кколел ругел бергьенлъабиги. Гьединго гьев дандчIвана республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовгунги.

    МухIаммад АхIмад аль-Жабер дандчIвана бесдал лъималгунги. ДандчIвай тIобитIана Гьудуллъиялъул рокъоб. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Муслим Телякавовги ДРялъул лъай кьеялъул министр ЯхIя Бучаевги.

   «Лъималазе, хасго бесдалазе ва къайимчи гьечIезе, цIакъ хIажат буго пачалихъалъул тIалаб-агъаз. Ниж хIадур руго гьезие хIажатаб гьабизе», — ян абуна дандчIваялда Муслим Телякавовас.

    МухIаммад АхIмад аль-Жаберица ракIалде щвезабуна пандемиялъул заман ва абуна гьеб мехалда лъималазе – рикIкIадасан цIалулел рукIиналъ – компьютерал цIакъ хIажат рукIанин абун. ЦIализе пагьму бугел лъималазе ноутбукал сайгъат гьаруна гьес.