Миллияб мацIалъе хоб бухъулеллъун рукIунге

 

   «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тIобитIана ДРялъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министр Энрик Муслимовасул гIахьаллъигун пресс-конференция. Гьелда гIахьаллъана республикаялъул СМИязул журналистал.

  Данделъиялда бицана республикаялда тIобитIулеб бугеб миллияб политикаялъулги, диназда гьоркьосел бухьеназулги, гражданиял жамгIиятазул институтазулги, диниял гIуцIабазул гьоркьорлъабазулги, къватIисел улкабаздаса рачIарал гIадамазе республикаялда шартIал гIуцIиялъулги хIакъалъулъ.

   «Нилъер буго Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерство. Щиб гьелъ гьабулеб хIалтIи? Щай гьеб къваригIун бугеб?» — гьединал суалал гIемер кьола дагъистанияз. Ва гьелго суалал дица кьолел руго дуе, Энрик Селимович», — ан байбихьана пресс-конференция нухда бачарай Бурлият Токъболатовалъ.

   Энрик Муслимовас бицана министерствоялъ тIуралел масъалабазул хIакъалъулъ. Миллатазда гьоркьосел бухьеналги, батIи-батIиял диназул гьоркьорлъабиги, жамгIиял гIуцIабазулги пачалихъиял идарабазулги цадахъал ишалги, нилъер республикаялда цIалулел ругел къватIисел улкабазул студентазул масъалабиги – гьел киналго ккола министерствоялъул аслиял ишалин абуна гьес. «ГIемермиллатазулаб Дагъистаналда чарагьечIого букIине ккола Миллияб политикаялъул министерство. Щайгурелъул миллатаздаги диназдаги гьоркьосеб гьудуллъи ккола тIолабго жамгIияталъул парахалъиялъе кьучIлъун. Гьединаб щулиб кьучI гьечIони, республикаялъул цебетIеялъе нух букIунаро», — ян бицана министрас.

   Э. Муслимовас бицана миллиял мацIал цIуниялъул рахъалъ министерствоялъ гьабулеб хIаракаталъул хIакъалъулъги. Масала, гьес рехсана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультеталда цебе рагьараб Рахьдал мацIалъул цIех-рех гьабиялъул центр. Гьеб централъул хIаракаталъул рахъги ккун, министерствоялъ биччалеб буго миллиял мацIазда тIахьал рахъиялъе гIарац. Исана гьелъие биччан буго 600 азарго гъурущ.

   «РачIа рахьдал мацIазда кIалъазе. Гьайгьай, нилъ тIубаларо гIурус мацIалда гаргадичIого, амма гIурус мацIалъ хабалъ рукъизе кколаро Дагъистаналъул халкъазул мацIал. Гьелъ рукъулелги гьечIо гьел. МацIал хвезарулел руго нилъецаго – рокъоб, хъизамалда эбел-инсуца лъимералда малъунгутIиялъ, рахьдал мацI бицунгутIиялъ. Пачалихъалъулги власталъулги кIудияб бутIа буго рахьдал мацIал цIуниялъулъ, амма кинабго гьезда бараб букIунаро», — ян бицана гьес.

Рахьдал мацIазе хоб бухъулел нилъго ругин абун, министрасул рахъккуна «Дагестанская правдаялъул» бетIерай редактор Бурлият Токъболатовалъги. «Эбел-инсуца рокъоб кьолеб тарбиялдагун лъаялда бараб буго гIемераб жо. МацI буго нилъер тарих, маданият, адабият. Гьеб кинабго гIолеб гIелалъухъеги кьезе ккола», — ян абуна гьелъ.

   «Рахьдал мацIал цIуниялъул мурадалда, республикаялъул законодательствоялда хиса-басиял гьариялъул рахъалъ Дагъистаналъул парламенталде кинабгIаги хитIаб гьабунищ Миллияб политикаялъулги диниял ишазулги министерствоялъ?» — абураб суалалъе чIванкъотIараб жаваб кьечIо министрас. Амма хIукму гьабуна миллиял СМИязулги Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствоялъулги бухьен камил гьабизе.

К. СУЛЕЙМАНОВА