Москваялдасаги СКФОялдасаги эксперталги ахIун, МахIачхъалаялда тIобитIана экономикияб форум.
Гьез гIиси-бикъинаб даран-базаралъул чагIаздаги, банказул ва цогидал гIуцIабазул хIалтIухъабаздаги малъулеб букIана кризисалъулгун санкциязул кIичIикьа рорчIиялъе кинал нухал ругелали. Гьанже долларалъул багьаги гIодобе ккун, къватIисел пачалихъазде бичулеб къайиги мукъсанлъун буго.
«АскорАгроТрейд» компаниялъул нухмалъулесул заместитель Шамил Сайпулаевас форумалда бицана ахираб заманалда хираго чIолеб бугин гIорхъи тун къватIибе къайи битIиги, Турциялдегун Китаялде битIулеб продукциялъе сертификация щвейги. Масала, цо нигIматалъе сертификация щвезе ккани, цо-цо хIакимзабаз хадуб бехъерхъизабун хIалтIигун, бащдаб лъагIалицаниги балагьун чIезе кколел ругин гьел. Гьеб заводалда абуни къватIибе биччалеб буго нусгогIан батIияб къайи.
Гьел хIужабазда бан чIванкъотIараб жаваб кьечIо экспертаз.
Форум лъугIун хадуб жидерго заводалъул хIакъалъулъ «ХIакъикъат» газеталъе гьадин бицана Ш. Сайпулаевас: «Нижер заводалда буго 300-ялдаса цIикIкIун чиясе хIалтIизе бакI. Гьез хIадурараб продукция битIула 40-ниги улкаялде. Гьел ккола батIи-батIиял хIайваназе кьолел витаминал, хасаб цIам, премиксал ва цогидаб. Гьелда цадахъго нижеца Буйнакскиялда чIана жуламалъул гъутIби (Россиялдаго бищунго кIудияб ах лъугьуна гьелъул). Экспорталъе квербакъизелъун гIуцIараб ДРялъул комитеталъул рахъалдаса щола нижее кумек. Амма банказулги цогидал гIуцIабазулги рахъалдаса нижеда кверчIавалеб букIин жеги бихьулеб гьечIо. Руго нижехъа ришватал къваригIарал чагIиги. Амма кигIан квалквалал гьаризеян цо-цо чагIи лъугьаниги, нижеца хIаракат бахъула нижерго хIалтIи цебе бачине».
Гьеб форумалда бицен ккана туризм цебетIезабиялъе ругел ресазда тIасанги. Нилъер республикаялдаги байбихьун буго гIадамаз жидерго минаби туристазухъе кьезе. Амма гIемерисел бакIазда гIунгутIаби загьирлъулел руго лъелги, нухазулги, канализациялъулги, цогидалъулги рахъалъ.
Гьединал мурадазе пачалихъалъ субсидиял кьунгутIиялъул суал борхана гьениб лъабго батIияб гIуцIиялъе бухгалтерлъи гьабулей Гъуниса Аминат Султановалъ.
«Туристал рещтIунел рукъзал руго магIарухъ. Амма гьенире гьечIо санагIатал нухал, лъим, токги нижецаго кваралги цIан бачуна. Гьеб рахъалъ нужеца щиб кумек нижее гьабизе бугеб?» — ин суал лъуна Аминатица.
Экспертазул цоялъ жаваб кьуна гьединал гIунгутIаби Дагъистаналда гурелги, цогидал субъектаздаги ругилан. Нилъеда жеги лъалеб гьечIила бизнес гьабизеги, юридикиял рахъалъ рекъезаризеги, нилъерго ихтиярал цIунизеги. Лъимги квегIенал нухалги гьечIинги абун, парахаталда чIолел ругила гIемерисел, тIадал идарабаздаса гьелги тIалаб гьаричIого.
Хадубго Аминатица абуна: «Гъуниб районалда ункъо бакI буго туристазда гьоркьоб машгьураб – Сулдерил чвахи (хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул мурадалда цо-цо бакIал къачIан рахъинегIан гьенибе нух къана дагьалъ цебегIан), Къородисезул БецIкъварилъи (чвахунцIадал рани, жаниб цIола гьеб; гьенирги гьечIо цIунакъаялъул къагIидаби; туристазул транспорт чIезе бакIги). Гьединго ЧIохъ ва Гъамсукь ккола туристал гIемер хьвадулел бакIал. Гьенибги гьечIо букIине кколеб сервис.
Нилъер гьанир гIемер руго гьунарги бажариги бугел гIадамал, амма лъай хIажат буго гьезие. Гьединлъидал нижее къваригIун буго туризмалъул рахъалъ бечедаб хIалбихьи бугел чIахIиял регионазул кумек».
РитIарал суалал цере лъолел ругин Аминатицаян абуна гьениб Экономикаялъулгун территориязул цебетIеялъул рахъалъ министерствоялъул вакил Мадина Каибовалъ. Гьединго гьелъ баян гьабуна инфраструктура цебетIезабизе рес бугила дагьалъ цебе нилъер республикаялъе щвараб бюджеталъулгун инфраструктураялъул кредиталъул кумекалдалъун (10 млрд гъурущ). Амма гьеб гIарац щвезе бокьун батани, муниципалитетазги битIун цIезаризе ва заманалда хIадуризеги кколила документал.
З. ХIАЖИЕВА