Новость на родном

ЦIоралде «чабхъен»

Исана дица дирго отпуск ЦIоралда тIобитIана. Профсоюзалдса путевка тIалаб гьабичIо, вахун машинаялдегун ЦIоралде хазабуна. Мурад цо букIана – халкъалъул кIалухъ гьедигIан цIакъ рехсолеб, кици-биценалъулъ гIемераб, некIсиял сариназулъ гьарзаяб ЦIор дирго берда бихьизе ва гьелъул гIадамазул къан квер бачине. Щиб ракь ЦIор ва щал гьелъул гIадамалали лъазе. Орджоникидзе шагьарги нахъа тун, цIар рагIараб Рагъул-гуржи нухги къотIун,...

Новость на родном

Чемпионасул ракIалдещвеял

1959 соналъул 1–4 октябрь. Ираналъул тахшагьар Тегераналъул «Соррейя» стадионалда унеб буго эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионат. СССРалъул тIаса бищараб командаялда цадахъ гьениб гIахьаллъи гьабизе вачIарав гIолохъанав ГIали ГIалиевас ургуялда босула тIоцебесеб бакI ва вахъуна тIоцебесеб нухалда дунялалъул чемпионлъун. Гьеб букIана кIудияб бергьенлъи ва рохел магIарулазеги тIолабго Дагъистаналъеги. Гьединго гьеб чемпионаталда хасго ГIалил бергьенлъиялъ квербакъана СССРалъул...

Новость на родном

МустIафа Дагъистанли — къей лъачIев гугарухъан

1931 соналъул 11 апрелалда Турциялда, Самсун вилаяталъул Чаршамба районалъул Сёгютпинар росулъ гьавуна дунялалдаго цIар рагIарав турказул гугарухъан, магIарул мугьажирзабазул вакил  МустIафа Дагъистанли. Гьесул кӀудияв эмен Гъуниб районалъул Гьонода росулъа гочун вуго Турциялде. МустIафаца анкьго сон бараб мехалда, хун вуго эмен МухIамад. Гьев вукIун вуго чанахъан. Цо нухалда чанаве арав чи, магIарда букIараб цо хIоринивеги ккун,...

Новость на родном

Машгьурав гIалимчиги гIадатияв инсанги

Щуабилеб маялда академик, гIалимчи, хъвадарухъан, журналист ва гIуцIарухъан ХIажи ХIамзатов гьавуралдаса тIубала 100 сон Северияб Кавказалда академиклъун вахъарав тIоцевесев гIалимчи вукIана гьев. Дагъистаналда гуманитарияб гIелмуялъе кьучI лъолаго, цIиял пикрабаздалъун гьес бечед гьабуна адабият ва мацI лъазабиялъул гIелму, кIудияб бутIа лъуна халкъазул кIалзул гьунаралъул асарал данде гьариялъулъ ва гьезул гIелмиял цIех-рехазе квербакъана. Жиндир гIелмиял хIалтIабазулъ ХIажица...

Новость на родном

КIиго релълъараб къисмат. КIиго батIияб къисмат

ВатIаналъул васал, нужей рецц гьабун, свакалей гьечIо дун, кигIан хъваниги. Гьел нужер гьунараз гьале цIидасан цIар гьабулеб буго бихьинчилъудал. Макьил рахIат гьечIей хIикматай гIадан, солдатасул эбел – дун духъ гьоболлъухъ. Цо вугев васасул бицунеб мехалъ, Хатимат, дур магIу гIорлъун чвахула. МухIамадхIажица дур къисматалъе багьа тIадегIанаб сайгъат гьабуна. МугIрул улкаялъул бахIарчиясул тIокIлъиялъул буго жакъа бицунеб. Бихьинчияс...

Новость на родном

«Эбел, бахIарчиясул цIаргун хвезе бокьун буго»

2024 соналъул 2 декабралда хасаб рагъулаб операциялде жиндиего бокьун ана ТIалхIатов Шамил. Гьев вукIана хъизамалда цохIо бугеб лъимер. Гьев цIалана ва гIуна МахIачхъала шагьаралда. 11  классги лъугIизабун, ана Хасавюрталъул техникияб училищеялде цIализе ва хадубго лъугIизабуна МахIачхъалаялъул автодорожнияб институт. ХIалтIулев вукIана автошколалда, инженерлъун.   Гьал къояз ниж дандчIвана Хьаргаби росулъа бахIарчияв васасул эбел ПатIимат МусахIажиевагун. —...

Новость на родном

Гьеб къо гIагар гьабизе хIасраталда руго ниж

Довги. Дойги. КIудияб рокьул кIиго тIегь. Цояб гьечIони, цогидалъеги гIумру бечIалел. КIиго хIасрат. Жиде-жидер анищазул куркьбалги хьвагIулаго, гьел щвана моцIрохъеги. ШагьримоцIалъ гьезул гIищкъуялъе кьун рукIана берци-берцинал кьерал. Гьел релълъун рукIана анкькьераб нуралда. Кьерал даималлъун хутIана досулги долъулги гIищкъул сагаялда. РещтIунаан гьел бакъул чIораздаги. Бакъул щибаб чIоралъ кьолаан хинлъи рорхатал мугIрузул ЛъаратIа районалъул Гьобохъ росулъа мугIрул...

Новость на родном

«ГIалибег, лъабго минут…»

Дагъистаналда машгьурал речIчIухъаби кидаго рукIана ва жакъаги руго. Лъида рагIичIеб КIикIуниса ГIусманил, Сали Сулейманил, Суракъат Асиятиловасул ва цогидазулги цIарал. Гьезул кьерда хIурматияб бакI ккола эркенаб гугариялъул рахъалъ чанго нухалъ Дагъистаналъул, миллияб гугариялъул рахъалъ Россиялъул, гIолилазда гьоркьоб тIобитIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Совет Союзалъул (1960 сон), ГIали ГIалиевасул призалъе гIоло тIобитIараб чемпионаталъул (1967 сон), «Динамо», «Урожай» ва...

Новость на родном

ГIандадерил ополченцал: чаран бианиги, биунареб яхIалъул мисал

1999 соналъул август, гъарачагIазул бидулаб гьужум, гIадатиял магIарулаз щулаго букъараб зар   Болъихъегун ЦIумаде Шамил Басаевасулги Хаттабилги яргъид гIуцIарал хъачагъазул къокъаби кIанцIаралдаса исана тIубала 25 сон. Саназул сверабалъан балагьани, гьеб ккола битIун завалалда вугев гIолохъанчиясул гIумру. ГIемерал хиса-басиял ккана гьеб заманалда жанир. Амма 1999 соналъул август моцIалда Болъихъгун ЦIумада рукIарал лъугьа-бахъиназ жиндирго лъалкI тана нилъер...

Новость на родном

Басриял гьурмаздасан гьимулеб гьайбатаб къисмат

    ЛъикIлъиялъул тIирабаз гIадамазул ракIалги лъалъалаго…          Архивалда ругел газетал тартибалде рачунаго, дихъе щвана 2005 соналъул подшивка. Гьелда батана газеталъул бетIерав редакторасул заместительлъун хIалтIулев вукIарав, мунагьал чураяв МухIамад МахIатIовасул макъалаги. Бихьулищха – гIажаибаб дандеккей. Гьеб бугоан доб мехалда республикаялъул диагностикияб централда хIалтIулев вукIарав тохтур Зиявдин Жамалудиновасул хIакъалъулъ хъвараб макъала. Подшивкаялда ругел...