Новость на родном

МухIамад Танкаев гьавуралдаса 100 сон тIубаялде

Освенцималъул ва Бзежинкаялъул бахIарчи Исана 27 январалда 74 сон тIубала фашистаз гIуцIун рукIарал Освенцим ва Бзежинка концлагерал советияб аскаралъ эркен гьаруралдаса МухIамад Танкаев гьавуна 1919 соналъул 25 октябралда Гъуниб округалъул ГIурада росулъ (гьанжесеб Шамил район). ЦIалана Буйнакскалъул рабфакалда, Гъуниб колхозазул гIолилазул школалда. Дагьаб заманалъ хIалтIана КъахIиб школалда учительлъун. 1939 соналда Да­гъистаналъул росдал магIишаталъул институталда лъабабилеб...

Новость на родном

Дагъистаналъул чIухIи

Солдатазда аскIов гьев вукIана солдатлъун,  генералзабазда аскIов – генераллъун   25 октябралда МахIачхъалая­лъул Батирайил къотIноб бугеб майданалда генерал-полков­ник МухIамад Танкаевасул па­мят­никалда цебе, гьев гьавуралдаса 99 сон тIубаялъул хIурматалда, тIобитIана данде­лъи. ЦIар рагIа­рав ракьцояв ракIалдещвезавизе гье­ни­ре рачIун рукIана генера­ласул гIагарал чагIи, гьудул-гьалмагъзаби ва гIадатиял махIачхъалаялъулал. Гьесул гIумруялъул, рагъулаб ва ракълилаб нухлул хIакъалъулъ бицун кIалъана генералгун дандчIварал ва...

Новость на родном

Заид ХIажиевас 120 сон тIубаялде

Досул кучIдул кидаго нилъгун руго   Заидил тIоцересел кучIдул магIарулазухъе щвана 1920-абилел соназдаго. Гьесул кучIдузул тIоцебесеб мажмугIин абуни басмаялда бахъана 1931 соналда.Заид ХIажиев гьавуна 1898 соналда Хунзахъ росулъ. Гьесда лъана гIумруялъул кьогIлъиги, граждан рагъазул цIадул бухIиги, советияб заманалда гIадамазе жидерго кочIодалъун, журналистасулаб бегIераб къалмидалъун хIасратго хъулухъ гьабиялъул рохелги.Заидил тIоцересел асаразул хиси гьечIеб темалъун букIана гIумруялъулъ,...