ГIандадерил ополченцал: чаран бианиги, биунареб яхIалъул мисал

1999 соналъул август, гъарачагIазул бидулаб гьужум, гIадатиял магIарулаз щулаго букъараб зар

 

Болъихъегун ЦIумаде Шамил Басаевасулги Хаттабилги яргъид гIуцIарал хъачагъазул къокъаби кIанцIаралдаса исана тIубала 25 сон. Саназул сверабалъан балагьани, гьеб ккола
битIун завалалда вугев гIолохъанчиясул гIумру. ГIемерал хиса-басиял ккана гьеб заманалда жанир. Амма 1999 соналъул август моцIалда Болъихъгун ЦIумада рукIарал лъугьа-бахъиназ жиндирго лъалкI тана нилъер республикаялда.
Гьединабго лъалкI тана хIалуцарал дол къояз кодоб ярагъгун ахIун вачIинчIев тушманасда дандечIей гьабурал Болъихъ районалъул ГIанди мухъалда гIумру гьабун ругезул рекIелъги. Гьединазул цояв ккола Гъагъалъ росулъа Аслудин МухIамадовги. ГьабсагIат гьев хIалтIулев вуго республикаялъул информациялъулгун печаталъул Агентствоялъул нухмалъулесул заместительлъун. Доб мехалъ гьев хIалтIулев вукIана республикаялъул МВДялъул УБЭПалда. Гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго
жакъасеб номералда.

— Аслудин, 25 сон ана дол балагьал къояздаса хадуб. ГIемераб лъим чвахана гьеб заманалдаса нахъе ГIанди гIурулъа гIодобеги. Амма киг1ан лъим чваханиги, дол къоязул хIакъикъат дурги цогидазулги рекIелъа нахъе чурун инаро. Дудаго жакъа тIоцебе щиб бачIунеб ракIалде?

— Бищунго цебе ракIалде бачIуна ахIичIого вачIарав тушманасда дандечIей гьабизе рахъарал нилъер гIадамазул бадиб букIараб таваккалги, хIинкъи-къай гьечIолъиги,
кьвариги. Гьеб киналъго дие гьабураб асар 25 сон ун хадубги свинчIого дир рекIелъ буго. Доб заманалда дун хIалтIулев вукIана УБЭПалда, капитанасул чиналда. 1999 соналъул апрелалдаго нижехъе щолел рукIана Ш. Басаев хIадурлъулев вугин нилъер республикаялде, жиндирго аскаргун, вачIинеян абурал баянал. Амма федералияб тIалъиялъ щаялиго гьел баянал гIадахъ росичIо. Республикаялъул МВДялъул министрлъун вукIарав ГI. МухIамадтIагьировасухъеги щолел рукIиндал гьелго баянал, гьес дун ахIана жинхъего гьелъул бицине. Дидаго лъалебщинаб дицаги бицана министрасда. Гьединаб букIана ахIвал-хIал август моцIалда цебе.

Вацал Басаевазул рукIарал хьулал

Хадуб ккараб жо киназдаго ракIалдаги батила. 7 августалъул рогьалилъ Шамил Басаевасулги Хаттабилги аскар Болъихъ районалде лъугьана. БачIинахъего гьез гIужие росана АнсалтIа, РахатIа, Щодрода, ТIандо росаби. ХIатIидаса бахъараб бетIералде щвезегIан ярагъ борчарал, каранде щварал мугжузул хъачагъал, ракIалдаго гьечIого, росулъе рачIиндал, кинаб хIал букIун батилеб росдал гIадамазул. Гьеб заманалда гьезда дандечIей гьабизе гьенив вукIинчIо ярагъ кодоб ккурав чиги. Хадур гьенире хIалае щвана Болъихъ букIараб рагъулаб часталъул аскариялги, МВДялъул хIалтIухъабиги, ОМОНги Нахъисеб къоялъ, августалъул микь абилеб къо букIун батилин ккола, лъие бокьилеб ополченецлъун Болъихъе инеян хIалтIуда суал лъедал, дица кIиябго квер борхана. Дида цадахъ вукIана нижерго мухъалдаса Мажидов МухIамадаминги Сайгидов АхIмадудинги. Лъабабилев гьалмагъ вукIана Шамил районалдаса. РакIалда буго, вертолеталдаги рекIун гьенире араб къоялъ, ниж рещтIун рахъиналде, нижеда хадуб бачIунеб букIараб цоги вертолеталде гранатометалдаса кьвагьун бачIараб куц. ТалихIалъ, гьелда тIад рукIарал гъоркье рещтIун рукIана, жибго вертолет бухIана. Гьедин Болъихъе щун рахъиналдего кьвагьи лъуна нижеде изну гьечIого яргъид гIуцIараз. Дица тIадехун абухъе, АнсалтIагун РахатIа ва ТIандо росабалъ гьезда дандечIей гьабуна гIадатиял гIадамаз, ОМОНалъулазгун Болъихъ букIараб рагъулаб часталъул аскарияз. Гьебго заманалда нижехъе щвана баянал Шамилил вац Ширвани Басаевасул бетIерлъиялда кIудияб къокъа тIаде кIанцIизехъин рагIулин севералъул рахъалдасанин абун. Гьеб рахъалдехун ругел росаби ккола ГIанди, Гъагъалъ, ГIашали, Зило ва РикIвани. МахIачхъалаялдаса дида цадахъ рукIарал кIигоялги гьенир тун, дунги дир росуцояв Мажидов МухIамадги ана «гьалбадерида» дандчIвай гьабизе чачаназул гIорхъоде, «Речо» абураб бакIалде. Ниж гьенире щвелалдего жамагIат данделъун батана. Гьенир рукIана гьабсагIат чIаго гьечIев росдал жамагIатчи Исламов Арзулумги Теловур ХIайбулаевги. ЦIакъ сахал гIолохъаби рукIана. Арзулум, мунагьал чурад, цIакъав бихьинчи вукIана. Чачаназул рахъалдаса нижгун дандчIвазе вачIана Ширванигун цадахъ вукIарав Хункар Исрапиловги гьесул чукъа-рухьенги. Габунибе  бахинегIан ярагъги борчун, кутакал бахIарзал гIадин рачIана гьел нижгун кIалъазе. Нижехъ щиб ярагъха букIинеб: цоясухъ — кIудияв инсулго букIараб туманкI, цоясухъ — чанахъанасул туманкI, цогидасухъ – таманча. Гьедин рокъоб батараб ярагъгун бахъун букIана жамагIат къватIибе.

 

Тушманасул къасдал хIорго хутIана

Чачаназул къасд букIана, нижер росулъанги ун, Мунисан бугеб кьоги кьвагьизабун, гьенир жидерго блокпосталги лъун, гьеб мухъалдехун гIадан виччалареб хIал гьабизе. ХIисаб гьабе, лъабго районалде нух бикьулеб бакI ккола гьеб, цебечIезабеха кинаб ахIвал-хIал гьениб букIине букIарабали. Мунисан бугеб кьо кьвагьани, я федералиял аскаразе щолароан кумек, я гьаб рахъалдаса букIине букIинчIо рес гьенирехун рорчIизе. Къокъго абуни, хъачагъаз тIубанго кверде босизехъин букIана магIарухълъиялъул лъабил бутIа. Гьебги къваригIунлъидал Басаев вукIарав. Хадур нижехъе щвана гьесулги вацасулги (Ширванил) радиоперехваталдаса гьарулел рукIарал кIалъаял. Бокьараб рес балагьун нужеца гьанирехун рорчIизе санагIалъи гьабеян абулеб букIана Шамилица. Хункарпаша Исрапиловас, нижер жамагIатчагIазулгун букIараб дандчIваялда абун букIана, нужер росулъе ниж къаларин, нижее гьеб хIажатги гьечIин. Жидее изну кьейин ГIанди, Гъагъалъ росдал мегъ къотIун ине, Басаевасул аскар чIараб бакIалде, ай АнсалтIегун РахатIе.

— Йохъ, нижеца гьеб къабул гьабуларо, — ян лъазабуна жамагIатчагIаз чIванкъотIун. — Нижер ракьалдасан нуж церехун унаро, нижер жаназабазда тIасан ани гурони. Гьедин абуна гъарачагIазда. Ниж, кин унги, ине ругин абулеб букIана гьезги, гьанже балагьилинхаян кIалъана жамагIатчагIиги. Лъабго горсвериялдасан гIуцIараб щулалъи букIана ГIандигун Гъагъалъ. Бищун тIаса рукIана ниж, гIолохъанаб ригьалъул гIадамал. Росу бакьулъ рукIана дагьал ригь арал. Росуахада щулалъиги ккун чIана руччабиги. Хъандираби, гIащтIал, кIалалълъ бакIалда хIалтIизабулеб нус – кодобе щвараб бегIерлъиги хъатикь ккун, щулаго чIана гьел. 25 сон аниги, жакъаги гIажаиблъун хутIула
дун нилъер гIадамазул, хасго руччабазул доб къолъ бадиб букIараб таваккалги кьвариги бихьараб мехалъ. Гьединаб къвакIараб ракIалъул гIадамал рукIаго, рес букIинчIо гъарачагIазе жидерго хъубал къасдал гIумруялде рахъинаризе. Гьезухъа гьеб бажаризеги бажаричIо. 13 августалъул сардилъ букIана бищун хIалуцараб рагъ. Хъачагъаз
лъуна тIоцебе кьвагьи. ТIоцебе гьез жидецаго кьвагьизе теян абураб къотIиялде бачIана нижер ополчениялда рукIаразул пикру. АхIичIого рачIарал гьалбал рукIаниги, тIоцебе
нилъеца гьезда речIчIиларин абуна. Гьез кьвагьи лъун хадуб нижецаги байбихьана цIа лъезе. Сордоялъ дандечIей гьабуна. Доб мехалъ цо гIадан хутIичIо росулъ, тIаде ккараб къо борхизе гьениве вачIинчIев. Россиялъул рикIкIадал регионазда рукIаралги рачIана хабар лъарабго, гIолохъабиги рачIана, ригь аралги рачIана. Гьаниб кигIанго бицине рекъон гьечIониги, федералияв судьялъун хIалтIулев вукIарав дир кIудияв вацги вачIана, бугелъуб бугебги тун, сордо биххун. ГIемерав чи вачIана. Азаргоялдасаги цIикIкIун чи
вугеб ополчение букIана ГIандибгун Гъагъалъ.

Гьеб рагъулъ чIвана дир цебесеб гIагарлъиялъул кIиго чи. Цояв — ИсмагIилов ИсмагIил, цогидав — ГIабдулхIакимов Исрапил. Гьев мунагьал чурадил кIиго къо гурони ун букIинчIо хъизам гьабуралдаса. Жеги бахIарлъи бичичIев, гIумруялъул лазат босизе щвечIев гIолохъанчияс абадиялъего берал къанщана росу цIуналаго.

 

Жаваб щоларел суалал, соназул рахас

— Аслудин, гара-чIвариялъул байбихьуда дуца абуна доб соналъул апрель моцIалдаго нужехъе щварал баянал рукIанин чачаназул сепаратистал тIаде кIанцIизе хIадурлъулел ругин абун. Амма гьелде нилъеца хIадурлъи гьабичIого кинха хутIараб? Август моцI щвезегIан жеги лъабго моцI — гIураб заманги букIун бугелъулха гьелде хIадурлъизе?

— Федералияб тIалъиялъ щаялиго кIвар кьечIо гьел баяназде. Гьединго нилъер гьанирги рукIиндал цо хасал чагIи, чачаназул Шураялъул рахъ ккурал. Дие гьабсагIат гьанир
гьезул цIарал рехсезе бокьун гьечIо. 1998 соналъ, ракIалда батани, съезд ахIун букIана гьез. Гьенирги рукIана гьел гIадамаз ахIулел ахIмакъал лозунгалги хитIабалги. Гьанже свараб цIадул рохъдолъ рикIардун пайда гьечIо. Амма республикаялъул нухмалъиялъ доб мехалъ рехун течIо. Ополченцазухъ ярагъ гIолеб букIинчIолъи лъайдал, ярагъги бачIана битIун, цогидаб хIажатаб сурсатги бачIана. Хадув, киназдаго ракIалда батила, тIаде гIунтIана доб мехалъ РФялъул хIукуматалъул нухмалъулевлъун вукIарав Владимир Путинги. Вертолеталдаги рекIун Болъихъе вачIарав гьев дандчIвана гIадамалгун. Гьелдаса хадуб Болъихъе рехана федералияб аскар. Гьез кьаби щвезабуна Басаевасулги Хаттабилги аскаралда.

— Гьеб букIана хадуб. Нилъ тIадруссинин 13 августалъул сардиде. ЦIа боркьараб рагъ букIанин абуна дуца, хадуб щибха ккараб?

— 14 августалъул радал щварал баяназдасан нижеда лъана къаси гьениб лъураб кьвагьиялъул хIасилалда хъачагъазул 20-гIанасев чи чIваравлъи, гьединго живго Ширвани Басаевги лъукъаравлъи. Август моцI букIаниги, нижер мухъ цIорораб бакI буго, гьеб сордоялъги тIад лъураб гIадин накIкIги букIун, доб рахъалда кколе-толеб жо лъазе букIине нижеца КамАЗалъул чIахIиял бурдул риччалаан, цIаги гъун, магIардаса гъоркье гиризе. Гьез къалъизабулаан сверухълъи, ва нижее рес щолеб букIана тушманасул рахъалда бугеб ахIвал-хIалалда хадуб халкквезе. Нижеца цIадул хIубал гиризе реччайдал, гьез ахIулеб букIана «Аллагьу акбар» абун. Амма гьезул ахIи мекъи букIин бихьизабизе нижеца ахIулаан дандего «Аллагьу акбар» абун. Гьел ярагъгун рачIана чияр ракьалде, ниж абуни рагъулел рукIана нижерго ракьги цIунун.
Радалиде гьел, бухIараб жидерго рагъулаб КамАЗги тун, нахъе ун ратана. Гьеб рагъулъ гьезул къогогIанасев чи камуравлъи лъана нижеда. Нижер чIвана анкьго чи. Гьелги чIвана рагъулаб вертолеталъ тIаса гъоркье бараб гумпараялъул кескалги щун. Сардилъ нилъер-чияр чи ватIавахъизе лъазе рес гьечIелъул, тIадежоялъе зодосан.  Гьеб рагъулъ лъукъана дунги. Кин гьеб ккарабали дидагоги ракIалда гьечIо, аскIобго гIадин бихъараб гумпараялъ гIинкълъизавун дун лъавудаса ана, вигьиндал дирго рокъов ватана, бухьун гъежгун. Хадув дун, тохтурзабазухъе вачун, гьез дару-сабабги гьабуна. Ругъун сахлъизегIан вегун чIаян гьарулеб букIана дида гьез, амма дица инкар гьабуна. Гьедин гIиси- бикъинаб ругънахъ балагьулеб хIал букIинчIо доб мехалъ дирги цогидазулги.

— Аслудин, дида ракIалда буго, тIоцебесеб ополчение доб мехалъ нужер росулъ гIуцIанилан?

— БитIараб буго гьеб. Ниж рукIана тIоцересел ополченцаллъун. Ширвани Басаевги, Хункарпаша Исрапиловги, гьезул чукъбиги нахъруссун аниги, тIадруссун рачIине
гьез къасд гьабичIониги, октябрь моцIал щвезегIан нижер ополчение биххичIо. Хадуб нижее рагъулал шапакъатал кьолеб мехалъ, гьездаса инкарги гьабуна. Гьел шапакъатазе гIоло гурин ниж, кодоб ярагъгун, хвалиде бадире ралагьун рукIарал, вижараб росдае гIоло рукIанин жаваб кьуна жамагIаталъ.

 

Гара-чIвари гьабуна Ашахан ЮСУПОВАС.