
Довги. Дойги. КIудияб рокьул кIиго тIегь. Цояб гьечIони, цогидалъеги гIумру бечIалел. КIиго хIасрат. Жиде-жидер анищазул куркьбалги хьвагIулаго, гьел щвана моцIрохъеги. ШагьримоцIалъ гьезул гIищкъуялъе кьун рукIана берци-берцинал кьерал. Гьел релълъун рукIана анкькьераб нуралда. Кьерал даималлъун хутIана досулги долъулги гIищкъул сагаялда. РещтIунаан гьел бакъул чIораздаги. Бакъул щибаб чIоралъ кьолаан хинлъи рорхатал мугIрузул ЛъаратIа районалъул Гьобохъ росулъа мугIрул цIум ГIубайдулагьилги ва Хунзахъ районалъул хьиндаллъи, ЛъагIилухъ росулъ бижараб хIикматаб тIегь ПатIиматилги гIищкъул гIидраялъе. Реэдулаан гьез гIидраялда бижараб щибаб сум, анищал, пикраби. Ва кинабго къойил, рогьалилъ лъалъалаан гIолохъанлъиялъул хIасратаб щубалъ…
Гьадинаб букIана досулги долъулги рокьул къиса. Ва гьеб къисаялъул даимал нугIзаллъун хутIана кIиго хIинчI – вас МухIамад, яс Динара.
Гьадинал пикраби рижана дир, ПатIиматилги ГIубайдулагьилги хIакъалъулъ «Дагправда» газеталъул мухбир Сабина Исрапиловалъ хъвараб макъала цIалидал.
ВатIаналъе гIоло, халкъалъе гIоло
Редукторный поселокалде рачIунаго, гьенир къадада чIван ругел СВОялъул бахIарзазда гьоркьобги буго ГIубайдулагьил сурат. Суратазда ругел киналго гIолохъаби мустахIикъалги руго бищунго тIадегIанаб реццалъе. Нижеца газеталда хъвана гьезул цо-цоязул хIакъалъулъ. ТIахьалги риччалел руго гьезул хIакъалъулъ. Гьел бахIарзазул гьунаразул хIакъалъулъ хадусел гIелазе бицунел тIахьал риччаялъе квербакъулеб буго ГIубайдулагьил гIумруялъул гьудул ПатIимат Пайзулаевалъ. Гьей сахаватай магIарулалъе сайгъат гьабулеб буго жакъасеб макъалаги. Лъала гьаб гьитIинабго макъалаялда бакI гIезе гьечIеблъиги гьай магIарулалъ гьарулел ругел лъикIал ишазул хIакъалъулъ хъвазе.
Щийха кколей ПатIимат Пайзулаева.
Филологиял гIелмабазул кандидат, ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул доцент, «Цолъиялъулъ къуват» («Сила в единстве») гIуцIиялъул нухмалъулей, Дагъистаналда бугеб СВОялъул ветераназул ассоциациялъул сопредседатель, ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул эксперт, РФялъул Лъай кьеялъул ХIурматияй насихIатчIужу, «Доблесть гор» программаялъул жюриялъул член. Дагъистаналъул бетIер С. Меликовасул указалдалъун ПатIимат гьединго мустахIикълъана лъабабилеб даражаялъул ХIурматалъул орденалъе (Орден Почета третьей степени)
ПатIиматил гIумруялъул гьудул, гьелъул гIумруялъул къисаялъул аслияв герой ГIубайдулагь Ибрагьимов.
Рагъулаб машинаялъул командир. Отделениялъул командир. 136-абилеб бригадаялъул гьитIинав сержант. Гьев мустахIикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе (хун хадув).
ПатIиматги ГIубайдулагьги цIалулел рукIана цого заманалда ДГПУялда. ПатIимат – Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда, ГIубайдула — географиялъул факультеталда.
Лъай-хъвай ккана гьениб. Ва гьез гIуцIана хъизан. ЦIакъго берцинаб, берккеялда хIинкъараб талихI букIана гьезул. Амма Аллагьасул хъвай батIияб букIун буго. ГIубайдулагьица гIумру кьуна ПатIиматил рокьуе гIоло. Лъималазул талихIаб букIинеселъе гIоло. Эбелалъул макьие гIоло. ВатIаналъул парахалъиялъе гIоло. Халкъазул эркенлъиялъе гIоло.
Дагьалъ цебегIан МахIачхъалаялда, Гьудуллъиялъул рокъоб тIобитIана «Они сражаются за Родину» ва «Помним СВОих» абурал ПатIимат Пайзулаевалъ нухмалъи гьабулел проектазда рекъон къватIире риччалел ругел тIахьазул кIиабилеб томалъул кIиго тIехьалъул цебелъей. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовги республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги. Ва гьениб дир лъай-хъвай ккана ПатIимат Пайзулаевалъулгун.

Солдатазул лъудби, нужер магIуялъ…
ГIумруялдехун бербалагьи хисана ПатIиматил, ГIубайдулагьица берал къанщаралдаса.
— Университеталда дидаго тIадаб хIалтIиги гьабун, лъугIулаан дир хIалтIул къо. ГIедегIулаан рокъое, лъималазухъе. Рокъов вугеб мехалда, ГIубайдулагьихъеги. Гьеб кколарищха чIужугIаданалъул аслияб хIалтIилъунги – хъизамалъул гъасда бакараб цIадуегицин хинлъи кьей. Дирги гьедин букIана… Амма гIумру гьабиялъул къагIидаги хаслъиги хисизе ккана дицаги, дунго гIадал нус-нус руччабаз гIадин. Бокьун букIана ГIубайдулагьил хIакъалъулъ тIехь хъвазеги. Гьеб дица дагьаб хадуб хъвазеги батила. Амма россал чIварал солдатазул лъудби рихьидал, дир пикраби хисана. Гьезул магIуялъ ракI дагьабги бецIцIизабуна. Дида бичIчIана ниж цолъизе, гъункизе кколеблъи. Цоцазде рикьулел ургъелазги, бицунеб хабаралъги, цолъарал магIил гаразги бигьа гьаризе рукIана нижее камиял. Гьединаб къасдгун дица гIуцIана «Сила в единстве» абураб цолъи. Гьебго цIаралда тана проектги. Гьеб проекталда рекъон, цолъиялда ругел пишацоял руччабазул кумекалдалъун гьабуна ва гьабулеб буго СВОялъул бахIарзазул къисматал ва гьунарал хадусел гIелазе ирсалъе теялъе хIалтIи. Цо мурадалде гьел руччаби руссинаричIелани, захIмалъизехъин букIана гьезие россабазул хвел хIехьезе. Гьезда бичIчIана жидеца гьабулеб бугеб хIалтIул кIвар. ХIалтIуде машгъуллъарал гьезда цо лахIзаталъ бичIчIана жал гIадал руччаби гIемерал рукIин. Ва гьез, солдатазул лъудбуз, байбихьана гIумру гьабиялъул цIияб къагIида, — ян бицана ПатIиматица.
ПатIиматица бицунелъухъ гIенеккидал, бичIчIана дида къварилъиялъ цолъизарурал гьел руччабазулъ бугебщинаб къуватги. ТIадегIанас гIумру берцинлъиялъе, недегьлъи-хIеренлъиялъе йижарай чIужугIадан къуватайлъун лъугьуней йиго, къоккедал.
Сундулъха бугеб чIужугIаданалъул къуват. Гьелъул магIил гаразулъгицин буго цо хасаб къуват, къварилъи къезабун бажарулеб. Цоги гьезул къуват – къохIехьеялъулъ. Къуватал руччаби. Щай? Сундуе гIоло? ГIумру берцинлъиялъе гIоло! Лъималазе талихI гьимизе гIоло! Россабазул рухIазе гIоло!
Дица ПатIиматиеги кьуна гьединаб суал.
— Дир хIакъалъулъ абуни, дун къуватайлъун гьаюнин ГIубайдулагьил хвелалъилан абилаан. Дида бичIчIана, къвакIичIони, дир лъималазул талихI галадизе букIин. Гьедин бичIчIизабуна дунгун цадахъ ругел руччабаздаги. ЧIужугIаданалъул къуват гурищ гьеб – хвалде данде вас, вац, рос унелъул, нух битIаги дарманилан, гьев нухарегIи. Къуват гурищ гьеб – гьел чIванин чIегIераб хабар бачIиндал, иманалда гьеб къабул гьабун бажари. Гьединал руго дунялалъулго руччаби, хIажалъи ккаралъуб жидер загIиплъи къуваталде сверулел. Къуватайлъун чIужугIадан лъугьуна, гьелъул загIиплъиялда кверчIвазе цоги къуват бугони. Масала, росасул гIагарлъиялъ кIудияб квербакъи гьабуна дие, гьединайлъун лъугьине. Росулъ йикIарай эбелги шагьаралде яхъана, кумекалъе. Гьел рукIинчIелани, гьаб жакъа гьабизе тIаде босараб хIалтIулги бащдабгицин гьабизе бажаризеги букIинчIо. Амма бичIчIула цересел дирго гьудулзабазда аскIоб ккараб гъалатIги. Дун гIайибияй йиго. ГIолеб гьечIо дир заман, гьезде кIвар кьезеги. Лъала гьезда дун йичIчIулейлъиги, дица тIаде босун бугеб ишалъул кIварги.
П. Пайзулаевалъе проектал гIумруялде рахъинариялъе кIудияб квербакъи гьабулеб буго Дагъистаналъул бетIер С. Меликовас. Солдатазул лъудби гIемер дандчIвала гьевгун, дандрала гьаризе ругел хIалтIаби.
— Республикаялъул бетIерасул кумек букIинчIебани, гьалгощинал проектазда рекъон, хIалтIи гьабизе захIмалъизе букIана. Гьесулги Пачалихъияб Думаялъул депутат Жамалудин Набиевичасулги квербакъиялдалъун гIумруялде бахъинабулеб буго «Истоки Героизма» абураб проектги. Гьелда рекъон гьарурал стендал руго Редукторный поселокалъул «Дракон» паркалъул къадазда ран. Гьединалго стендал, ай, «Истоки Героизма» проекталда рекъон, хIалтIаби гьаризе байбихьун руго республикаялъул щибаб районалда ва шагьаралда.
Гьединго кIудияб хIалтIи гьабулеб буго, «Дети Героев» абураб проекталда рекъон. Масала, лъималазе бахъулеб республикаялъул «Лачен» журналазул жилдазда лъун рукIана СВОялда чIварал солдатазул лъимал. Дир лъималазул сураталги лъун руго авар мацIалда биччалеб «Лачен» журналалда. Гьайгьай, киналго бахIарзазул лъималазул суратал журналазда лъунги бажарилищха. Гьединлъидал выставка тIобитIана «Россия — дир тарих» паркалдаги. Гьединго ракIалде ккана гьединал выставкаби батIи-батIиял районазда ва шагьаразда тIоритIизеги. Гьенир гIахьаллъизе лъималазул букIунеб гъира бихьидал, рохелги пашманлъиги цолъула рекIелъ. Умумузул суратазда аскIорги эхетун, яги гьезул сураталги кодор ккун, лъимал рихьидал, бадисан гирула бухIараб магIу. Цадахъаб хIалтIул хIасилги буго лъикIаб. Нижер проектазул хIакъалъулъ лъала Москваялдаги Россиялъул цогидал регионаздаги. Гьезги тIадегIанаб къимат кьуна нижер хIалтIуе. Лъала гьелъул хIакъалъулъ Москваялда «Защитники Отечества» фондалъул нухмалъиялдаги. Чанго нухалда ахIун рукIана Москваялдеги, нижерго хIалтIул хIалбихьиялъул бицине, — ян абуна ПатIиматица.
«Чиллайдул гъалалги чахтIинир тIамун…»
ПатIимитица гьелдго цадахъ ругел руччабазги кIудияб кумек гьабула солдатазе тылалдасанги. ПатIиматил гIуцIиялъул гIахьалчагIаз гIемер битIула СВОялде материалияб кумек. Гьединго кIочонаро гьезда къварилъиялда бугеб Палестинаялъул халкъги. Гьединал къуваталлъун руго жакъаги Дагъистаналъул руччаби жидерго загIиплъигун ва недегьлъи-хIеренлъигун цадахъ. Заид ХIажиевас жиндирго кочIолъ хъвавухъе, къоккани «чиллайдул гъалалги чахтIинир тIамун» россабазда, васазда, вацазда цадахъ, «чарамул къолден ретIине» хIадуралги руго гьел.
Ва гара-чIвариялъул ахиралда ПатIиматица абуна:
— Гьеб къо гIагар гьабизе, хIасраталда руго ниж, — илан.
Шамай Хъазанбиева