ХIурматиял «ХIакъикъат» газета цIалулел. Гьале исанаги ахиралде щвана бищун хириял моцIазул цояб, жинда жаниб рахIматалги гIемераб, баракатги гьарзаяб рамазан моцI. КIалбиччанкъоялде столал къачIалел, натIухI къалел, пахъухъ багъарулел, цIурачадазе нису хъурулел, гьаналъхинкIазе гьан буссулел, ай «бищун тIагIамаб пишаялде» руссун ратила гIемерисел. Рагьде рачIарал гIисинал лъималазул къвачIинибе рехизе конфет-чакаралъул нахърател гьабулел ратила цогидал. Лъабабилел магIарухъе...
