Социалиял гьиназдаса бугеб хIинкъи

 

14 марталда Россиялда Инстаграм къаялъ рахIатхун лъугьана блогерал, бизнесменал, шоу-бизнесалъул гIадамал. Социалиял гьинал къай гуреб тIокIаб кIудияб гIузру дунялалда гьечIеб кинниги гьеб гьукъиялдаса рорчIизе ресал ратана гIемерисезда. VPN абураб программаялъул кумекалдалъун, Россия гуреб цогидаб батIияб улкаялда гIумру гьабулеб бугин хъвани хIалтIулеб буго Инстаграм. Нилъер ракьцоязеги гьеб социалияб гьин букIана магIишат гьабизе, чед балагьизе рес кьолеб бакIлъун. Гьелъул кумекалдалъун гIадамаз даран-базар ва реклама гьабулаан, батIи-батIияб лъай щвезабулаан, унтаразе, пакъиразе кумекалъе гIарац бакIарулаан, дин тIибитIизабулаан, динияб лъай щвезабулаан, жидерго махщел-гьунар халкъалда бихьизабулаан.

Роскомнадзоралъ улкаялдаго Ин­стаграм ва Фейсбук къаялъе гIилла щиб? Гьездаго хадуб Вотсапги къазе рес бугищ?

БатIи-батIиял ресал ратун гьел гьинал хIалтIизарулезде гIакIаби къотIизе яги тамихIалде цIазе рагIулин харбал тIиритIизарулел руго. Россиялда гьукъарал социали­ ял гьиназда гьарулел кинал ишазухъ тамихIалде цIазе рес бугеб?

Нилъер улкаялда Инстаграм гьукъиялъе гIиллалъун ккана Фейс­бук, Инстаграм социалиял гьиназул ва Вотсапалъул бетIергьанлъун кко­ леб Meta компаниялъ россиялъула­ зе ва нилъер аскариязе зулму-хIал гьабизе гIадамал ахIулел лъазабиял хъвазе ва тIиритIизаризе цо-цо ул­ кабаздаса гIадамазе ихтияр кьей. Гьелъул хIасилалда Россиялъул Ге­ нералияб прокуратураялъ гьел соци­ алиял гьинал улкаялдаго гьукъизе ва гьел экстремизмалъулал гьиналлъун рикIкIине тIалаб гьабуна. Гьелда тIасан РФялъул СКалъ уголовнияб дело рагьана. Роскомнадзоралъул баяназда рекъон, Россиялда Фейсбук къаялъе гIиллаги букIана гьеб гьиналъ пачалихъалъул СМИязул аккаунтазул хIалтIи гьоркьоб къотIизаби.

Россиялда гьукъарал Фейсбук ва Инстаграм социалиял гьиназдаса пайда босулезул къадар дагьаб букIинчIо нилъер улкаялда. 2021соналъул статистикаялъул баяназда рекъон, дунялалдаго кIиго миллиард гIанасев чияспайда босулаан Инстаграмалдаса, Россиялдаян абуни – 61 миллион чияс.

Дунялалъулго гIадамазулгун бухьен гьабизе рес букIарал социалиял гьинал къаниги, гьезул бакIалда хIалтIизаризе бегьулел, гьездасанахъе ккечIеб даражаялъул социалиял гьинал ругин Россиялъулин абулеб буго экспертаз. Гьел ккола Вконтакте, Одноклассники, Теле­ грамм, ЯRUS (Инстаграм,Ютуб ва­ Фейсбук хисизе кIолеб Россиялда гIуцIараб социалияб гьин).

Инстаграм хIалтIизабуралъухъ тамихI гьабулищ?

БатIи-батIиял ресал ратун Инстаграм хIалтIизабулел тамихIалде цIазе ругищали мухIкан гьабун гьечIо. Буго Инстаграм ва Фейсбук къазе Генпрокуратураялъ Роскомнадзоралдаса гьабураб тIалаб. Гьел социалиял гьинал экстремизмалъулаллъун рикIкIани, тамихIалде цIазе рес буго гьениб кинабгIаги ре­ клама лъолеб бугоницин. ГIадатияб бизнесалъул рекламаялъе гIоло букIаницин, Россиялда экстремизмалъулаблъун рикIкIунеб гьиналде рехараб гIарацги экстремизмалъе гьабураб кумеклъун рикIкIунеб буго. Нилъер улкаялъул законазда рекъ­ он (283.2 УК РФ), экстремизмалъе кумек гьабулезда 300-700 азарго гъурущ гIакIа къотIизе яги микьго соналде щвезегIан эркенлъиялдаса махIрум гьаризе рес буго.

 ТАССалъул баяназда рекъон, РФялъул ЖамгIияб палатаялъул вакил, хIинкъи гьечIеб интерне­ талъул Лигаялъул директор Ека­ терина Мизулиналъ абулеб буго: «Россиялъулаз Инстаграм, Фейсбук хIалтIизаруралъухъ бихьизабураб тамихI гьечIо жеги. Нагагь судалъ Meta экстремизмалъулаб гIуцIилъун рикIкIани, Фейсбук ва Инстаграм гуребги, Вотсапги къазе рес буго», ян.

«Московский комсомолец» газеталда бахъараб макъалаялда адвокат Дмитрий Аграновскияс хъва­ леб буго: «Дир хIисабалда, Meta компаниялъул вакилзабазул пиша­ ялъулъ халкъазда гьоркьоб дагIба- рагIи багъаризабиялъул ишал руго. Гьеб компания экстремизмалъулаб гIуцIилъун рикIкIани, дица, адвокат хIисабалда, лъиего лъикIаблъун бихьизабуларо гьелъул социалиял гьи­ назда хъвай-хъвагIаял гьаризе. Жеги лъикI букIина гьениса нужерго акка­ унтал нахъе рацIцIинеги», — ян.

 

ГIадамал васвасдизе тIамулел руго

Медиа-юристазул коллегиялъул нухмалъулев Федор Кравченкоца лъазабуна:

«Россиялда VPN программаялда­ са пайдаги босун, улкаялда гьукъ­ арал Интернет-сурсатазухъ рала­ гьаразе кинабгIаги жавабчилъи, тамихI бихьизабун гьечIо. Гьединаб жавабчилъи тIалаб гьабула Интерне­ талде «нух рагьулел», амма гьукъа­ рал сурсатазде нух къаларел бухье­ налъулал оператораздаса. Рес буго гьукъараб ва гьересияб информация тIибитIизабулел сайтазул ва цо-цо аккаунтазул хважаинзабазе экстре­ мизмалъухъ тамихI гьабизе», — ян.

Украинаялда хасаб операция тIобитIизе байбихьаралдаса на­ хъе социалиял гьиназдасаги батIи- батIиял сайтаздасаги нилъер аскариязул ва спецоперациялъул хIакъалъулъ гьересиял информа­ циял тIиритIизаризе байбихьана. ГIадамазул психикаялъе зарал гьа­ булел, тIадецуй цIикIкIарал видеороликал тIиритIизарулел рукIана гIемерисел социалиял гьиназдасан. ХIатта Ютубалда лъималазе рихьизе лъурал мультфильмаздагицин гьоркьоб речIчIизабулаан Украи­ наялда ругел Россиялъул солдатал лъукъун ругин, хун ругин абурал чIахIиязулгицин рекIелъе хIинкъи рехизабулел видеороликал. Роском­ надзоралъ гIемерисел гьединал ро­ ликал гьукъана, амма батIи-батIиял фильмазул сайтаздаги гьединал рекламаби камулел гьечIо. Гьединго Google и «Яндекс» системабазда щибгIаги цIехолелъулги гьоркьор речIчIулел руго гьересиял харбал (фейк). Жакъа нилъер республикаялдаги гIемер дандчIвалел руго гIадатиял гIадамал васвасдизе тIамулел, пача­ лихъалде данде гIадамал гьусулел цо-цо блогерал, жамгIиятчагIи. Ба­ гьанаги щун, Россия какизе ва нуж лагъзал ругин гIадатияб халкъалде рогьо базе лъугьана кидаялиго улка­ ялдаса къватIисел пачалихъазде го­ чарал яги лъутарал цо-цоялги.

Нилъго ургъизе ккола

Интернеталда тIибитIизабулеб щибаб хабаралда божизе бегьунгутIиялъул ва Украинаял­ да тIобитIулеб спецоперациялъул хIакъалъулъги, пикру загьир гьабун, хитIаб гьабун букIана ДРялъул муф­ тияталъул председатель МухIамад Майрановас. Гьес абулеб буго нилъерго улкаялъул рахъги ккве­ зе кколин, ургъунго цо-цо гIадамаз тIиритIизарулел гьересиял харбазда божизеги бегьуларин абун.

«Жакъа Украинаялда тIобитIулеб буго спецоперация. Гьеб буго нилъер улкаялъе бугеб хIинкъиялдаса цIунизелъун рес къотIиялъ, чара гьечIолъиялъ гьабизе ккараб иш», — ан абуна Майрановас.

«Ахираб заманалда бакътIерхьул улкабаз Интернеталъул кумекал­ далъун дунялалдаго тIибитIизабизе хIаракат бахъулеб буго Россиялъул хIакъалъулъ лъикIаб гуреб пикру. Россия квешаблъун бихьизабизе яхI бахъулеб буго. ТIиритIизарулел бокьа-бокьарал харбазда божичIого, нилъго ургъизе ккола.

Нилъеца гьеб суалалъул рахъ ккола (спецоперация), щайгурелъул нилъее къваригIун гьечIелъул метер нилъер ракьалда нилъерго харабиги, лъималги, руччабиги чIвазе. Нилъеда гьоркьор раккулел руго гьеб нилъер иш гурин, нилъер кьал, къец гурин абулелги. КIудияб ВатIанияб рагъда нилъер улкаялде кIанцIараз нилъер динги миллатги цIехолебищ букIараб? Щай ва лъие къваригIараб гьал жанисел рикьалаби гIуцIи, гIодоре риччан нилъерго дин гьабизе ресги букIаго. Россиялда гIумру гьабизе бокьичIел гьанир хIалица чIезарунги гьечIелъул.

Цо-цояз абулеб буго Россиялъ Украинаялда тIобитIулеб спецопе­ рация исламалда рекъараб гьечIин. Нилъеда лъала МухIаммад ава­ раг (с.гI.в.) тIоцеве Мадинаялде гочараб мехалда, ярагъ къватIибе бахъизе ихтияр кьун тIоцересел аятал рещтIиндал, жалго цIунизе ярагъ къватIибе бахъараблъи­ ги. Гьебго заманалда, жидедаса хIинкъи бугел къавмазде гьужу­ малги гьарун рукIана. Гьеб гьужум гьабун букIинечIебани тушман тIаде кIанцIун цIикIкIун чи гъуризе рес букIаралъул гьезул. Гьелъулги хIисаб гьабизе ккола. Нилъ гIабдалзабазул рехьедлъун гьабизе хIаракат бахъулеб буго бакътIерхьул улкабаз. Ва гьеб информациялъулаб рагъда нилъерго улкаялда, нилъ­ ерго ВатIаналда данде рахъинаризе хIаракат гьабулеб буго гьез», — ан лъазабуна ДРялъул муфтияталъул председателас.

 ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА