«Доллар къваригIараб жоцин гуро»

 

 

Газеталъул цересел номеразда нижеца хъван букIана республикаялда кванил нигIматазухъ ва цогидабги къайи-цIаялъухъ багьаби хиралъиялъул хIакъалъулъ. ЦIидасан такрар гьабичIониги, щиб гIиллаялдалъун кинабго жо хиралъарабали нужедаги лъалеб батила. Долларалъул багьа сабаблъун — гьеб букIана аслияб гIилла. Амма доллар цIидасанго гIодобе кканиги, багьаби гъодинго хутIана. Щай гьедин бугеб?

 

Гьеб суалалъе жаваб балагьизелъун сапар бухьана МахIачхъалаялъул №2 базаралде.

 

Насраниязул кIалбиччанкъо сабаблъун

 

    Их тIаде щун букIин якъинго загьир гьабулеб бакIлъун бугин абизе бегьула базарги. Гьадинаб гIужалъ гьарзаго букIуна гьениб гIурччинлъи: гъаран-пурчч, редиска, пер ва цогидабги. Амма багьабаз «бухIизабулеб» буго. Помидоралъул кило 200 гъурщидаса гIодобе гьечIо, бищун хирияб — 250 гъурщидеги буго. Щай гьедигIан хираго бугебин гьикъидал, йичарухъаналъ абуна байрамкъоял гIагарлъулел рукIиндал бахараб багьа бугин гьебилан.

— Насраниязул Пасха тIаде гIун­тIулеб бугелъул, хи­ралъана. Гьаниса Москваялде уна кIудияб къадар помидоразул бичизе. Долларалда бараб жоги щибго гьечIо.

— Долларалда бараб жо батичIони, щайха багьа бахунеб, байрамкъоял сабаблъун багьа цIикIкIинаби битIараб бугищ?

   — Нижго лъикIал лъугьун гьабулеб жо гуро гьеб. Оптовиказ хираго бичула нижее. Гьез чIезабураб багьаялде тIаде 20-30 гъурущгIаги жубачIого ричарухъабазулги рес букIунаро. Къоялъ гьанирги рукIун дагьабгIаги хайир щвезе ккеларищ?

Гьебго жо такрар гьабуна цо-цо цогидал ричарухъабазги. Дагьаб цебегIанги 30-40 гъурщиде букIараб хъапустIаналъул килограмм нусго гъурщиде бахиналъ гIемерав чиясул рахIат хвезабун букIана. Ццим бахъун, босичIого танин абуралги ккана.

ГьабсагIат хъапустIаналъул кило базаралда 80-85 гъурщиде буго. 100 гъурщиде бахиналъе кинал гIиллабиха рукIаралин гьикъидал, вичарухъан Саламица гьадин бицана:

— Цогидаб жо щай батIаго хиралъа­раб — чакарги, нахги, гречкаги? Щив гьелъие гIайибияв? Цо жо хиралъизе квер барабго цадахъ багьа бахуна цогидаб жоялъулги. Хас гьабун хъапустIан щай гьедин хиралъарабали чIванкъотIун жаваб кьезе кIоларо. Нижецаги цогидазухъа бичун босула 70 гъурщиде, тIаде 10 гъурущги жубан бичула халкъалъе.

Амма дица абила, тIоцебесеб иргаялда, жалго гIадамал ругин гье­лъие гIайибиялин абун.

— БичIчIичIо?

— Щайгурелъул, кигIан цIакъ багьа баханиги, босулеб бугелъул. Щайха гьез хиралъун батидал босичIого толареб? БосичIого толебани, багьабиги гIодоре ккечIого хутIилароан, — абун бицана Саламица.

Амма цо-цояз абулеб бугоан жидеца бичулеб багьа хисичIого хутIанилан. Мисалалъе, цIоросаролъ, багIаргьоло, тIипало ва гьелда релълъараб нигIмат бичулей гIаданалъ абуна гьедин. Дун газеталъул хIалтIухъан вукIин лъарабго, цIакъ гъира-шавкъ бижана жиндирго дармил хIакъалъулъ бицинеги:

   — Щибниги хиралъичIо, гьале. Мунго валагье, килоялъул багьа тIад хъварал къвакIараб кагътил кескалцин кIиго соналъ церего рукIарал руго, басралъиялъул кьерги чIван. Долларалъул багьа бахунилан дица сундулниги багьа бахинабичIо, гIаксалда, дие бичулел гIадамаз хира гьабулеб буго. Мисалалъе, чанго моцIалъ цебе 7000 гъурщиде букIараб багIаргьалил хъап, гьанже 10 000 гъурщиде бичана дие пуланав чияс. Нилъерго гьаниб гIезабураб нигIматха. Щай гьеб хира гьабулеб? Гьеб суал дицаго кьелаан жаваб кьолев чи кколевани. 10 000 гъурщиде гьесухъаги босун, цебе букIараб багьаялде — 100 гъурщиде бичула дица гьелъул кило. Щибго хайирги гьечIого, дунго къураб даран кколеб буго.

— Хайирги гьечIого кинха мун къоялъ гьаний йичарулей. Гьеб божизе захIматаб жо гьечIищ?

  — Гьедин бичичIого дир рес гьечIелъул, нусго гъурщидаса хираго лъица гьаб босулеб? Гьанире базаралде рачIунелги чванта биццатал, цIакъго ресалда ругел чагIи гурелъул рукIунел. ГIемерисел — дунго гIадаб мискинхалкъ. Амма, бахчун щай, цо-цо хIакиммахIал, галстукал рарал чагIи рачIиндал, гьезие дагьаб хирагоги бичула.

Нилъерго гьаниб гIезабулеб букIарабани, къватIиса баччизе ккелароан ва гьеб мехалда къайиги хиралъилароан. Ираналдаса, Турциялдаса, ай нилъер гьанибе нигIмат бачIунареб пачалихъго батиларо. ЛъикIаб бачIин кьолел ракьалги гIурдае тун, киб гIезабурабали лъалареб жо кунел руго нилъ. Дирго росулъе щванщинахъе, битIахъе, гIодизе бачIуна, чIороголъарал хурзалги рихьун. Базаралде ячIинегIан дунги росулъ хур-хералъул хIалтIи гьабулей йикIана. Къисматалъ шагьаралде ккана. Дунго гIадин гочунел руго росабалъа гIатIиракьалде гIадамал. Лъиениги бокьулеб гьечIо хурул хIалтIи, умумуз гIадин къали гIетIулги тIун, захIматги баччун, хуриб тIощелги гIезабун бетIербахъи гьабизе. Киназего бокьун буго бигьаго щолеб гIарац.

 

ГIайиб гьечIого «гIайибиял»

 

      ГIадада абулеб букIун батиларо умумуз, гьанаде хьул лъедал, гьаб бугин гъоркьаги тIагIараб, тIадеги гьечIеб гIужилан. ГIиги магIардаса буссараб, боцIиги кьараго бугеб хаслихъе гIадин гуреб, дагьаб мискинго бугоан базаралда гьан бичулеб кьер. Кьарияб хохол гьан гьаб гIужалъ къанагIат гурони щоларилан бицана вичарухъан ГIумарица:

— Базаралда бичулебщинаб нигIма­талда гьоркьоб бищун ахиралде хиралъана гьан. Хасало нижеца гьеб босулаан 350-ялде, бичулаан 400 гъурщиде. Гьанже 30 гъурщица хиралъана гьанал оптовияб багьа – 380 гъущиде босизе кколеб буго.

— Доллар сабаблъунищ гьебги хиралъараб?

— Валлагь, гуроха, гьеб доллар, мисалалъе, дие къваригIараб жоцин гуро. Киназго багьанаде бачуна гьеб.

— БатичIони, щайха гьеб хиралъа­раб? Мисалалъе, хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIаб­дулмуслимовасцин хитIаб гьабуна нужеде, нилъерго гьаниб гIе­за­булеб нигIматги хира гьабун бичун гIадамал ццидахинаричIого, рекъараб багьаялде бичейилан абун.

— Нижее бокьунищ гьеб хиралъулеб? Гьадаб цебе букIараб оптовияб багьаялде, ай 350 гъурщидасаги учузго бичизе бокьилаан нижееги гьан. Амма рес рекъолеб гьечIо.

— Сунцаха нужее гьелъие (учузго бичизе) квалквал гьабулеб бугеб?

— Базаралде гьан бичулел оптовиказ чIезабураб багьаялдаса рорчIизе бажарулеб гьечIоха. Гьезда гьикъани, жидецаги гIи-боцIи гIезабулел гIадамазухъа босулин гьан, гьезги хираго гурони бичулеб гьечIин абула.

ПалхIасил, ричарухъабаз оптовиказде бан, гьез цогидазде бугIун, авалги ахирги батулареб бакIалде ккун буго базаразда бугеб багьа-къадаралъул иш-пиша.

Ашахан Юсупов