Рачелги къала, къоги хIехьела

 

    Къокъабго заманалда жаниб улкаялда ккарал чIахIиял хиса-басияз асар гьабичIев чи хутIунго ватиларо. Макьил хIалхьи, кванил тIагIам билараб заман буго гьаб дагъистаниязеги. Киналго пикрабалъ пирилъун багъулеб буго Донбассалъул ракьалда тIибитIараб кьалул гъугъай. Украинаялда миллатчилъиялъ тIалъи босараб микьабго соналъ, Луган- скиялъулгун Донецкалъул республикабазда лъугьа-бахъунелъул нилъер гIемерисез пикруго гьабулароан.

Россиялъул аскариязда гьоркьор Кавказалъул республикабаздасаги аза-азар гIолохъаби руго миллатчагIаздаса Украинаялъул ракь бацIцIад гьабулел. Гьел рагъулал лъугьа-бахъиназда цIарги буго — ВатIаналъул хIинкъи гьечIолъи цIуни!

 

 МагIуялъ лъалъараб их щвана нилъей

 

 

  

 «Лъие къваригIараб рагъ гьаб», — илан ургъичIого калам гьабулелги камуларо. Кинаб бугониги рагъ лъиего хIажат букIинаро, амма инсаният бижаралдаса нахъе дунялалда рагъалги рукIана, камиялги ккана. Лъимерлъудаса нахъего васал бахIарчилъиялъе куцалеб гIадатги гIададаго бижараб букIинищха. «Дица вас рагъуй гуро гьавурав», ин щияй эбелалъ абиялдаги гIайиб чIвазе лъидаха кIвелеб.

  Щолел руго тIаде, бахIарчиго рагъулаго, васал камиялъул чIегIербарал харбалги. Нилъер кинабго дугIаги гьариги бахIарчиго рагъулел васазе буго жакъа. МагIихъабиги гIедегIуларелани хIукуматалъул политика, тIадчагIи какун кочIол куплетал хъвазе.

Жеги захIматаб, миллионал рагъда гъурулеб заманалда хIикматаб бахIарчилъи ва къохIехьей бихьизабуна нилъер руччабаз.

«Такъия къотIулеб къвакIчармил хвалчен

КъотIарабищ бетIер гирманиясул?

 Кьалул майданалда дуде хIал ккани,

ХIалае ячIине дун хIадур йиго» — КIудияб ВатIанияб рагъул сонал, гьалараб лъеде хъат ханждалги бан рухI хвасар гьабурал умумул рукIана нилъер. Дол, къотIичIого хутIарал фашистазул бутIруздаса лъугьарал наслабазул баракат гьечIолъи тIолабго дунялалъе щвана гьанже.

 

Нилъер-чияралъул гIорхъаби рилун

 

   Россия чIунтизабизе Евросоюзги Америкаги лъугьараб гьаб заманалда мехталидаса ригьарал гIадин лъугьана гIемерав чи. Нилъер-чияралъул гIорхъаби рилун, аслияб бихьичIого, кьучI цIехечIого тIадагьлъиялда рукIана нилъ. ВатIан бокьи, гьеб цебетIезаби гIадаб, тIолазего гIаммаб пикруялдаса рикIкIад гьаруна хъантIиялъ, гIей гьечIолъиялъ. ВатIаналда бикъараб ва чияр улкабазул банказда цIунараб бечелъи цIар-реццлъун лъугьун букIана. Нилъер ватIан — чохьол эбел, чияр улка — бесдал эбелин гIадада абулареблъиялде ургъулел ратилароха, гъансал гIарцуца цIедал. Жидерго рукъалъул гурони, Донбассалъул халкъалъул, гьел хвасар гьаризе арал нилъер гIолохъабазул рухIелги гьезий букIинищха.

Демократия, рагIуе ва гIамалалъе эркенлъи — гIумруялъул кьочIокье гьеб биччаялъ ругьунлъана нилъ бигьалъабазде, кIвар гьечIолъиялде. АскIобго бугеб, тIад хIур бетизе тараб, меседил къимат гьабизе лъачIого, цIвакизабураб чияр пахь берцин бихьиялде куцана нилъ дагь-дагьккун бакътIерхьул улкабаз. Нилъерго ракьалъ кьолеб баракат лъалареб, чияр тIабигIат-гIамал къабулал наслабиги гIуна.

 

 

Инстаграм гьукъанин къварилъиларо

 

   Бащдаб дунял цолъун цохIо нилъер улкаялъе къойил гьарулел цIи-цIиял гIорхъичIваял — гьадинаб ахIвал-хIалалде цониги улка ккечIо киданиги.

Бищунго гIажаиблъана гьал кьварарал санкциязул заманалда Инстаграм къан бугин зигардулезда. Гьеб кIочараб бихьугегиян хъачIго абунги борчIана. Инстаграм баккарабго халкъалда, хIатта хIукуматалъул хIакимзабаздагицин кIочана жидер рахьдал мацIазда щибаб анкьие риччалел казияталгун журналал ругеблъи, телевидениялъгун радиоялъ миллиял мацIазда кьолел цIиял харбал рукIунеблъи. КIиго предложениеги хъван лъабго сурат Инстаграмалда лъей — гьеб букIана чара гьечIеблъун газеталъе подписка гьабиялдаса. РухIияб тIалабин абураб жого лъугIулеб бугин кколаан телефоналъе магьари лъураб халкъ бихьидал.

Америкаялъухъ кодоб кIул бугел жамгIиял гьиназда божун рукIунгеян гIемер рекIеда ратизеги гьарулаан дирго сверухълъиялда ругел гIадамал. Гьа, кибеха араб гъол жагъалал «гъансазда» жаниб лъурабщинаб информация?! Казияталда лъураб квер гIунтIулелъуб буго, бокьани къойил тIад руссун цIализе, наслабазе цIунизе. Фейсбукалъул къокъабазда, Инстаграмалда бахIсазда рукIарал гьанже данделъулел руго магIарул театралда. Пикру гьабуни, цо-цо квешлъиялъулъ лъикIлъиги камуларо.

 

 

Гуре гъеж, буце гIатI

 

   КигIанго согIал гIорхъичIваял ругониги, дунялалда бищунго кIудияб нилъер улкаялъул ресал- ги нахърателги дагьаб гьечIо. Бе- челъи — нилъер халкъ, гьарзалъи — нилъер ракь. ЧIахIиял ишазул, завод-фабриказул, авлахъал рекьи- ялъул бицинаро, мисалалъе бачи- на магIарухълъи. Хал гьабе, щибаб росдада сверухъ ругелщинал рекьичIел хурзазул, къачIачIел ахазул, чIунтарал кулабазул, гIи-боцIи гьечIого чIороголъарал риидалил мучIдузул! Цо натI ракьул сабаблъун кьал ахIизе рахъуна мадугьалзаби, мегъазул гIорхъи чIезабулаго росаби цоцалъ дагIбадула. ГIажаиблъи, цIакъ нагагьав чи лъугьуна гьеб ракь пайда кьолеблъун гьабизе. Нилъецаго бекьичIеб киса бакIарилеб, рокъоб хьихьун гIезабичIелъ хайир кин кьелеб? Иман тун зодоре ра- хинарун руго дармихъабаз кванил нигIматазул багьаби. ГIицIго жи- дее щолеб хайиралде ургъун гуро- ни, дунялалда лъугьа-бахъунелъул, балагь-захIматалда ругезул пикру гьез гьабуларо.

Щивав чияс жиндирго гьитIинабгIаги магIишат гIуцIи — гьеб гурищ захIматаб заманалдаса рорчIизе сабабги, хасалие нахърателги, гьобол-гьудуласе гIаданлъи гьабизе ресги.

Ракъи бихьиладаян зигардула, анкьий гIурабги нахърател гьечIеб, шагьаралъул халкъ. Богорукъ рихарал улбуз KFCгун Макдональдсалде ругьун гьарурал лъималазда лъаларо багIаркьер рехуледахъ картошка рокъобго бежизе бегьулеблъи. Кока-Колаялдаса тIагIамалъ къурал рукIунаро нилъерго пихъил компотал.

Зодобе бахун бугила выпечкаялъул багьаян гIарзахъдулей йиго, ясалъул гьаюраб къо кIодо гьабулей цо гIолохъанчIужу. «Я, дир дарман, гуре гъеж, буце гIатI, ясалдаги малъун дуцаго тортги гьабе. Рокъоса гьуинал махIалги рахъина, лъималазеги мисал букIина». КIвахIаллъун йигила жий. ХIалихьалъун руго нилъ, руччаби, захIмат цIалареллъун лъугьун руго бихьиналги. Щиб къо баччулел лъималха гьез гIезарилел?

«Гьадин чIун тIураларо, тIохда чIун бечелъиларо», — ян абун буго умумуз. Рачел къазе, къуват данде бакIаризе ккараб заман щун буго.

ПатIимат ГьитIинова