Бокьула магIарул ясазул гьурмалъ …

 

 «ХIакъикъат» газеталда хIалтIизе лъугьаралдаса нахъеги дида лъанщинал лъикIал гIадамал. Гьезул щивас дир гIумруялъул тIехьалда толел руго жидерго тIанчалги. Зама-заманалдасан гьебги цIалун, ракI-ракIалъ йохизе ячIуна – гьадинал гIадамал ракьалда рукIинчIелани, жакъасеб гIумруялда тIагIам батIияб букIинаан.

  Гьале гьаб нухалдаги газеталде гьоболлъухъ рачIун рукIана дагьаб цебегIан МахIачхъалаялда тIобитIараб «ЛъагIалил мугIрузул яс» абураб конкурсалда бергьарай Гумбет районалъул Данухъа Хадижат Гъайирбекова ва конкурс гIуцIаразул цояй, МахIачхъалаялъул №45 (Шамхал поселок) школалъул авар мацIалъул учитель Марям Шапиева.

 

 

Марямица бицана конкурс тIобитIизе кин тIоцебе пикру бачIарабали:

   — Дида ракIалде ккана руччабазул байрамалде школалда ясазда гьоркьоб гьединаб цIаралда гъоркь конкурс тIобитIизе. Тадбиралда гIахьаллъизе ахIун йикIана дирго гьудул Фатима МухIамадоваги (Фати-Добро). Гьелъиеги цIакъ рекIее гIуна къец тIобитIулеб къагIида, ва, кIиязго дандги бан, нижеда ракIалде ккана республикаялъул даражаялда конкурс тIобитIизе. ТIоцебесеб нухалда гьеб тIобитIана Хасавюрт шагьаралда. Спонсорлъиги хасавюрталъулаз гьабун букIана.

  Исанаги заочнияб туралда гIахьаллъана 180-ялдасаги цIикIкIун яс. Гьез хIадур гьабизе кколаан жиндиргоги жиндирго гIагараб ракьалъулги хIакъалъулъ бицунеб кIи-кIи видеоролик. Гьезие къимат кьезе гIуцIун букIана хасаб комиссияги ва данделъун рукIана Тахо-Годил цIаралда бугеб музеялда.

  Финалалде йорчIана 11 гIахьалчIужу.

  Гьединал конкурсазул кIудияб пайда букIуна гIун бачIунеб гIелалъе. Цо-цоязда ракIалде ккун букIун буго кIудиял пачалихъаздаго гIадинаб къагIида бугин нижер конкурсалъулиланги. ГIайибал гIунтIизаризе къваригIаралги камулел рукIинчIо.

   Тадбир тIобитIулаго, цоги нухалда ракIалде щвезаруна умумузул гIадатал-гIамалалги рукIа-рахъинги. Гьединго гIолилазухъа бажарана умумузул партал цIилъизабизе ва гьелъул берцинлъи цоги нухалда загьир гьабизе. Хасаб баркала кьезе бокьун буго конкурсалъе кумек гьабурал сахаватал гIадамазеги. Гьез абун букIана жидер цIарал рицунгейиланги, — ян бицана Марямица.

Наслабазул бухьен

 

  ГIун бачIунеб гIел рикIкIалъулеб буго умумузул гъанситоялдаса. Амма гьениб гъасда цIа свани, суна миллаталъул чирахъ. Чирахъ свараб миллаталъул кьер кинабха букIинеб. БецIаб кьералъул рагIдукь хутIани, иш кинха букIинеб гIолохъанаб гIелалъул. Гьеле гьелъие гьабулеб хIалтIул цо гьитIинабго бутIа ккола Марямицаги Фатимацаги тIобитIулеб гьаб къецги.

   Щибаб районалъулги росабазулги гIадаталги, гьенир тIоритIулел рукIарал рекIелгъеялъе тадбиралги, миллияб парталалъул гьайбатлъиги, гIолил ясазул гIадатлъиги, намусалъул борхалъиги – гьеб кинабго цоги нухалда нилъее сайгъат гьабун бажарана къец гIуцIаразухъаги гьелъул гIахьалчагIазухъаги.

  Наслабазул бухьен. ЦIилъулеб буго гьеб. Гьелъие квербакъулеб буго жалго гIолилазги. Гьезда бичIчIизе лъугьунеб буго, миллат чIаго хутIизе ккани, цин аралъул адаб гьабизе тIадаб букIин. Гурони, цIилъи чIвазе гьечIо миллаталъул букIинеселда.

   Миллаталъул букIинеселъул ва гьелъул къисматалъул къиса кодосел жакъасел гIолилазул руго гвангъарал пикраби. Гьез ишан босун буго тIадегIанлъиялде. Гьезда бичIчIулеб буго магIарул намусалъул багьа хасаб борхалъиялда букIин.

 

  Дун йиго магIарулай

 

 

   Исанасеб конкурсалда бергьарай Хадижат Гъайирбековалъ гIумру гьабулеб буго МахIачхъалаялда. Гьелъги бицана къецалда гIахьаллъизе жиндирго къасд ккараб куцалъул хIакъалъулъ:

    — Араб соналдаги гIахьаллъулей йикIана дун гьабго конкурсалда. Финалалдеги йорчIун йикIана. БитIун цее яхъине къоял гIагарлъулеб заманалда, иргадулаб нухалдаги эбеллъун яхъана дун. КкечIо санагIалъи гьений гIахьаллъизе. Амма цIакъ бокьун букIана. ЦIидасанги конкурс лъазабизегIан, дир пикрабазе рахIат букIинчIо. Дунго шагьаралда йигониги, ракIги пикрабиги дир гIемерисеб мехалда гIагараб росулъ рукIуна. Гьелъго батила, дие исанаги бокьана гIахьаллъизе. Ва дир анищ тIубана.

   Лъимерлъиялдаго ругьун гьаюна дун гIагараб росу бокьизеги гьелъул гIадамазул адаб гьабизеги. Росулъ гIумру гьабун йикIинчIониги, бокьана дие гьеб. Каникулазул заманалда гIедегIулаан магIарухъе, кIодоэбелалъухъе.

    Дун йиго магIарулай. Гьел рагIабазул хиралъиха дие! Кинха хиралъиларел. МагIарухъ вижана имам Шамил. Гьенивго гьавуна ХIамзатил Расул. Гьес тIубараб гIумруялъго гурищ хъварал мугIрул чIужугIадан кIодо гьаюрал асарал. КIудияв шагIирас гурищ абураб:

— Амма бищунго цIакъ

      магIарул намус

МагIарул ясазда

     гьеб цIакъ рекъола, — йилан.

    Гьел мухъал хутIана дие гIумруялъул даимал дарсаллъун.

    Гьал кьурабазул эркенлъи цIунулаго хваразда гьоркьор рукIана АхIулгохIалъул руччабиги. АхIулгохI. Дагъистаниязе гьеб хутIана бухIилъунги ахIилъунги. Намусалде рагIад ккезегIан, хвел тIаса бищарал гьел дие хутIана тIадегIанлъиялъул кIудияб ва бахIарчияб мисаллъун. МагIарухъ бижана, тIирщана МахIмудил рокьи. КьогIаб хвалил лълъарги Эльдарилас гьаниб гурищ гьекъараб!?

   Къисабаз бечедаб дир магIаруллъи. Бокьула гьеб дие ракIракIалъ. Бигьаяб иш гуро унго-унгояй, мугIрузул законазе мутIигIай магIарулайлъун йижи ва хутIи. Гьеле гьединайлъун йикIине малъана дида гIагараб росдаца, гьелъул гIадатал-гIамалаз.

   Гьеле гьеб киналъулго хIакъалъулъ цоги нухалда дагъистаниязе бицине бокьун букIана дие. Ва гьеб рес букIана конкурсалда. Дида лъалаан, ракIунтун хIадурлъичIони, хIасил кколареблъиги. Ва рокъосан, лъимал гIисинал рукIун, цо кIудияб санагIалъи букIинчIониги, дир гъира бихьун, росасги, инсуцаги ва гIагарлъиялъги дие кумек гьабуна.

   Дир бергьенлъиялъулъги буго гьезул кIудияб бутIа, — йилан бицана гьелъ.

 

ГIолохъанлъи абула…

 

    ГIумруялъул санал дагьал гурони гьечIониги, пикраби цIубарал ругоан Хадижатил. Гьадинал руго жакъасел гIолилал. Йохула дун гьездаса. Гьел нилъедаса, гьоркьохъеб ва чIахIияб гIелалдаса, батIиял руго. Биччанте нух битIизе гьезул ракIчIарал пикрабазеги тIадегIанлъи-борхалъи гурони тIаса бищизе лъаларел анищазеги.

   ГьитIинаб ватIаналде бугеб кIудияб ва гIащикъаб рокьи. Гьеб гурищ гIумруялъул аслияб магIнаги.

 

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА