ТIабигIат цIуни – щивасда тIадаб борч

 

    «Кванториум» абураб лъималазул технопаркалда тIобитIана школал­да тIадеги лъай кьеялъул идарабазул хIалтIухъабазул данделъи. Гьениб бицана хIалтIул хIалбихьиялъулги церечIарал масъалабазулги хIакъалъулъ.

   Данделъи нухда бачана «Кванториумалъул» методист Жамият ГIумаровалъ. Семинаралъул гIахьалчагIазде хитIабал гьаруна ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялда цебе рагьараб «ДРялъул ГIелмабазул гьитIинаб академия» абураб ГБУялъул директорасул ишал тIуралей Аймисей Дибировалъги гьелъул заместитель, рехсараб ГБУялъул ТIабигIиял гIелмабазул дирекциялъул нухмалъулев Азардух ГIалимовасги.

    Аймисей Дибировалъ семинаралъул гIахьалчагIазул кIвар буссина- буна «Экотропы» абураб проектал- де. «Нилъер республикаялда руго мугIрулги авлахъалги, гIоралгун ралъадги. Нужер районазда бугеб тIабигIиябги, маданиябги, тари- хиябги берцинлъи рагьулел про- ектазда тIад хIалтIе. Гьезул пайда букIина туризм цебетIезабиялъеги экономикаялъеги. БукIина пайда цIалдохъабазеги – биологиялъул ЕГЭялде хIадурлъиялъе», — ян бицана гьелъ.

    Юннатазул станциялдаса байбихьун жакъа къоялде щвезегIан гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ бицана Жамият ГIумаровалъ. «Юннатазул станциялъул педагогазулги гьенире хьвадулел рукIарал цIалдохъабазулги цадахъаб хIаракаталдалъун нижеца данде гьабуна лъабнусгоялдаса цIикIкIун гъветIхер – нилъер гьанирго рижулелги батIи-батIиял бакIаздаса рачIаралги, «БагIараб тIехьалда» хъвай-хъвагIай гьабуралги, некIсияб заманалдасаго цIунун хутIаралги ва къанагIат гуро- ни тIабигIаталда дандчIваларелги», — ян абуна гьелъ.

   Юннатазул станциялъул тIабигIиял гIелмабазул дирекциялъ гьабулеб хIалтIулги гьенир рагьарал цIиял профилазулги хIакъалъулъ бицана Заира ХIажиевалъ. «Аслияб къагIидаялда жакъа лъималаз тIаса бищула медицинаялъул яги гьанжесеб заманалъул технологиязда хурхараб махщалие цIализарулел факультетал. Гьениб хIажалъулеб лъай камил гьабизе рачIуна нижехъеги. Гьебго заманалда нилъеца гьезулъ гъира базабизе ккола росдал магIишаталъегун экономикаялъе хIажатал махщелал тIаса рищизеги. Гьезда гьединал мащелал берцин рихьула цIиял технологиязда рекъон хIалтIи гIуцIани. Гьеб рахъалъ нижее кумек гьабула феде- ралияб идараялъ. Гьезул бихьизаби- ялда ва малъа-хъваялда рекъон цIи гьарула нижеца цIалулгун методи- киял программаби. ГьабсагIаталда хIадурулеб буго тIабигIиял гIелмабазул профилазул цIияб проект. Гьелда рекъон хIалтIи байбихьизе буго кватIичIого. Ниж балагьун руго теплицабазе ва цогидалъе хIажатаб къайи бачIиналъухъ», — ан бицана гьелъ.

    Семинаралъул гIахьалчагIазе кIудияб асар гьабуна Гъизляралда бугеб «Кванториумалъул» нухмалъулезул кIалъаялъ. РакIалда буго кватIичIого гьезухъе сапар бухьине – гьезул бугеб магIишаталъухъ балагьизе ва цIалдолезе гьелъул хIакъалъулъ бицине.

   Ракьалдаса тIун вукIине бегьуларо инсан. Щиб гьабулеб бугони- ги, кинаб махщел тIаса бищаниги, гьесул гIумруялда жаниб хутIизе ккола гIагараб ракьалъулгун бухьен чIаголъулеб хасият. Масала, компьютеразул техникаялъулгун хIалтIулесулъ букIине бегьула ахихъанлъиялде рокьи; фундаменталияб гIелму цебетIезабулев гIалимчиясул рес буго рокъор хьихьулел тIугьдузде рокьи бугевлъун вукIине. Гьеб бараб буго щивав чиясе лъимерлъудаго щвараб лъаялдагун тарбиялда. Гьеб рахъалъ цIакъ пайдаяблъун бихьана «Кванториумалъул» педагогаз гьабулеб хIаракат.

Кавсарат Сулейманова