Чачаназул Кванхиса магIарулал ва жакъасеб Цветковка

 

    Чачан республикаялъул ракьалда бугеб магIарулаз гIумру гьабулеб Кванхи росулъа гIадамал Гъизляр районалъул Цветковка росулъе гочине байбихьана 1957 соналда. Гьелдаса нахъе гьез цIунун буго жидеде щвезегIанги Цветковкаялда гIумру гьабулел ратарал гIадамаздехун адабги ракI битIараб бербалагьиги. Гьединго рагъ байбихьидалги Кванхи росулъа цо бутIа гIадамазул кIиабилеб нухалдаги гочана гьенибе.

Тарихиял баянал

    Советияб заманалда Дагъистаналда пачалихъияб политика букIана бетIербахъи гьабизе бигьалъи бугеб лъарагIлъиялде кIванагIан цIикIкIун магIарулал гочинари. Гьедин, Цветковка росдал гIадамаз «Новый путь» абураб цIар лъураб колхозги гIуцIун, гурун гъуждулгун муцIи-хъарахъалдаса газа-белалъ рацIцIад гьарун авлахъалгун, рахъун рахъалгун гIуцIана гьарзаяб бачIин кьолел гIатIидал хурзал, чIана жидее цере хасиятал рукIинчIел пихъил ахал.

   ЦебетIолеб букIана гIадамазул яшав, СССРалъул машгьурал вузазде цIализе ине байбихьана гIолилаз. Колхозги биххун гIуцIана, хадуб Дагъистаналдаго машгьурлъараб, пиринчI гIезабулеб «Цветковский» совхоз. Амма пачалихъ биххиялда цадахъго биххана цветковкаялъулазул гIаммаб магIишатги. Совхозалъул ракьал рикьа-къотIун, щивас жиндаго бажарараб гьабун, амма захIматалъул рахъи гьечIеб хIалалде ккезаруна. Чачаналда рагъал ругел соназ Кванхиса гIадамал кIиабизеги гочун рачIиндал, дагьабги нахъе ккана росдал магIишатияб рахъ. Гъоркьгоги хIалтIи гьечIого рукIарал гIолохъаби, цоял ччугIа кквезе батагъазде, цогидал Россиялъул шагьаразде ун, лъабабилел гIиси-бикъинаб дармиде ран рукIана.

   КигIанго гIаданлъиялъул рахъалъ тIокIаб, гъункараб, иман цIикIкIараб жамагIат букIаниги, росдал хIал хисизабулев, ракI унтун гIадамазе хъулухъ гьабизе таваккалав бегавул вукIинчIо, чангояв хисаниги.

   ТIабигIаталъул къагIида буго, тIад жо бижизе лъикIаб бугониги, цо-цо шартIал камиялъ пайдаго кьолареблъун лъугьараб ракь, БетIергьанас цIад-бакъ рекъезабидал, беричаб бахчаялде сверулеб. Гьедин тIубанго хисула жамагIатазул рукIа-рахъинги, цевехъанлъи гьабизе лебалав, бажаригун лъай бугев чи ккани. Цветковкаялъулазе гьединав чилъун ккана Ульяновскиялъул университеталда лъай щварав, чанго соналъ Чачаналда рагъалдалъун букIа, цогидаб гIиллаялдалъун букIа, къварилъиялде ккаразе гурхIел-рахIмуялъул фондги гIуцIун, кумекалъе вахъун чIарав ЗагьидхIажи МухIамадов.

   Гьес батIаго зодоса тIезарун цIваби гIадамазе рикьичIо яги цоги кIудиял тамашаял балъгольаби рагьичIо: гьес чIаго гьабун, хIакъикъаталда хIалтIизабуна жамагIаталъул газа кьурда рекIунин абураб умумузул кици. Росдал бетIерлъуде ккедал, щулияб бухьен гьабуна росдал гIолилазулгун, ригьалде рахаразулгун, мажгиталъул дибирасулгун, цIаларал чагIазулгун. Гьесда бичIчIана пачалихъальул загIипабго къайимлъиялъ иш цебехун унареблъи, рухIияб гъункиялда цадахъго материалияб кумекги хIажалъулеблъи. Къокъабго заманалда жаниб депутаталгун цадахъ рекъон гьес гIуцIана росдал жамгIияб совет, щибаб къватIалъул вищана жавабияв. Гьесда тIадаблъун гьабуна жиндир къотIноб гIумру гьабулел гIадамазул масъалабазул хIакъалъулъ администрациялда рагIизаби, гьел тIураялъе нухал ралагьи, гьединго администрациялъ гьел тIураялъеги квербакъи гьаби.

 

Налогал кколелъуре унел рихьана

   «БакIалъулаб нухмалъиялда хурхарал къануназул кагътида хъвайхъвагIай гьаби гурони, цо-цо хIакимзабазда божун чIани, гьел тIубанго гIумруялде рахъинаризе захIмалъулеб букIин бихьана. Гьеб мехалда хIукму ккана умумузул гIадат-гIамалаздаса лъикIабщинаб тIаса бищун, росдае пайдаялъе ресал цIехезе — мискинабго росдал бюджет махI сунтIизецин гIолеб гьечIелъул, рес бугез кумек гьабеян, росуцоязде ахIи базе. Хадубго росдал администрациялъул тIубараб къедго цIураб хитIабги хъвана: «Заплатите, пожалуйста, налоги», — абун.

   Ток, газ, лъел каналал къачIай, къватIазде чабах бай, сардилъ канлъи гьаби гIадал тIурачIого рес гьечIел ишазе налогал росдае пайдаялъе хвезарулеб букIин бихьидал, налогазул бачIин 70-80 проценталдениги бахана. Цере абуни халкъалъухъа гьел 10-15 проценталъ гурони ракIарун бажарулароан.

   Гьединго росулъ гьабулеб хIалтIиги байбихьана цебе росдал магъилъ боцIи кваналел бакIазул гIорхъаби чIезариялдаса, вехьасда цебе гуреб, «самоволкаялда» боцIи таразе бичIчIикьей гьабиялдаса, къватIаздаса чороклъи-рищни нахъе баччиялдаса.

   ТIоцебесеб дир гьариялдалъун гIадамаз гIарацги бакIарун, эхетизабуна росулъ КIудияб ВатIанияб рагъда тIагIарал росуцоял ракIалде щвеялъе гIарасги, гьабуна паркги. ГIисиназегун чIахIиязе хIухьбахъиялъе санагIалъаби руго гьенир, лъималазе атракционалги руго, харабазе рагIдукь чIезе санагIалъабиги гьаруна, берцинал гъутIбиги чIана», — ян бицана ЗагьидхIажица.

 

Школа, мадраса, мажгит

 

        1990-абилел соназда тIадеги гIадамал гочун рачIиндал, Цветковкаялда гIуна 1700-гIанасеб цIараки, 5500-гIанасев чи. Руго жеги законияб къагIидаялъ хъвай-хъвагIай гьабичIелги. ЖамагIат кIодолъиялъ росдал мажгит, лъималазул къадар цIикIкIиналъ къварилъана ясли-ах, школа.

         Нормативазда бихьизабуралдаса лъабго-ункъо нухалъ цIикIкIарал лъимал гьенир ругониги, пачалихъалъ тасамахIго тун буго цIияб школа, ясли-ах баялъул иш. Азарго батIияб багьана батун, гьанжеялдаса 10 соналъ церего тIуразе кколел рукIарал суалал жакъаги «магIида далун» тун руго. Гьединабго хIал буго администрациялда гьоркьоре унел Серебряковка, Виноградное росабалъги. Виноградное росулъ гьечIо, хIатта гьекъолеб лъимгицин.

          Цо заманалда росдал школалъул директор ХIава ХIажиева йикIана ургъалилъе ккун, пачалихъалъул къануназда рекъон, школлъималазе хинал хIажатханаби рукIине кколел ругин, амма школалъул сверухълъиялда гьел разе бакIги гIарацги гьечIилан. Гьеб рагIидал Къагьиров Сабигулаца школалъе кьуна гьениб аскIобго цун жиндие мина базе кьун букIараб ракь.

      КIиго тIалаялъул берцинаб мина бана гьениб росдал садакъаялдалъун. ТIоцебесеб тIалаялда лъуна хьитал чуризе лъел кранал, жаниб васазе цо рахъалда, ясазе цогидалда — гьаруна хIажатханабиги, какичуриялъе санагIалъабиги.

    КIиабилеб тIалаялда гьаруна лъималазеги сверухълъиялда бугеб авалалъул халкъалъеги жамагIат-как базе рес бугел рукъзал: бихьиназеги руччабазеги батIаго.

     Цветковка росдал администрациялъгун жамгIияб советалъ дандги бан, чанго соналъ цебе хIукму гьабуна 45/45 метра роцада бугеб лъабтIалаяб мажгит базе. 2019 соналъ кьучI лъураб  гьелъул жакъаялде тIоцебесеб тIала маххбетоналъул гьабун, кIиабилелъе арматура хьухьун, опалубкаби лъун, рагIалде бахъунеб буго. Балебги буго цоги бакIаздаса кIудияб кумек гьечIого, жамагIаталъ бакIарараб садакъаялдалъун. Цебего бан лъугIун, хIалтIулеб буго спортзалги цадахъ бугеб Къуръан малъулеб лъабтIалаяб мадраса. Гьенисан гьанжеялдего гIезегIан хIафизалги (Къуръан рекIехъе лъалел) рахъана.

    Мажгиталде унеб нух гIазу-цIад байдал цIакъго санагIат гьечIеб букIун, гIадамаз гIарацги бакIарун, 300-400 метралъул манзилалда бетон тIуна гьенибе.

 

Олимпиадаялъул призёрги UFCялъул къеркьохъанги

 

 

      Росу рагIалда совхозалъул бачIин жаниб цIунулеб букIараб кIудияб склад тIаса тIох бахъун щиб, ращадал къадал риххун щиб, жанир гъутIбиги раккун, чIахIица цIун, бетIергьанчи гьечIого, чIунтулеб букIана.

     Росдал гIолохъабаз жидее спорталъе санагIат гьабизе ресал цIехезе лъугьиндал, гьеб склад гугарухъабазе кIудияб зал хIисабалда къачIазе бугилан ахIи бана. Гьеб мехалдаги гъираялда кьуна кванхисез жидерго лъималазе, гIолохъабазе лъикIаб ишалъе гIоло садакъаде гIарац. Къокъабго заманалда жанир къачIана къадал, гьабуна бетоналъул чIабар, лъуна маххул тIох, тIиритIана жанир «олимпийский» роценазул ургал.

   Тренерал Мурад ва гьесул вас Жамал АхIмадудиноваз кIвахI гьечIого гьабулеб хIалтIул хIасилал гьанжеялде загьирлъунги руго. Цветковкаялдаса СагIид МухIамаев вахъана 23 соналде щвезегIан гIолилазда гьоркьоб тIобитIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун. Россиялъул чемпионаллъун рахъана Эльдар АхIмадудинов, МухIамад МухIамаев, Камил ГIизудинов. ГIезегIанго кIудияб буго Россиялъул, Дагъистаналъул даражаялъул къецазда призалъул бакIал ккуразул сияхIги.

  Кванхисез жидераллъунго рикIкIуна Олимпиадаялъул гIарцулав призёр МухIамадхIабиб КъадимухIамадовги Лас-Вегасалда UFСялъул къецазда чIел босарав Абубакар НурмухIамадовги. Гьев кIиясулго улбул Кванхиса ккола.

   Кинго рес гьечIо гьеб гугарухъабазул къебелъиялъе Аллагь разилъи тIалаб гьаби гуреб, цоги мурад гьечIого директорлъи гьабулев, гIемерисеб заман гьеб ишалъе кьолев КунтахIажи ГIумаровасе рецц гьабичIого. ХIалчIахъаги гьесул!

   ГIор щун букIаго, цIул бахъеян абун бугелъул, цо иш берцинго тIубайдал, ЗагьидхIажида ракIалде ккун буго росу бакьулъ кIудияб спорткомплес баян республикаялъул нухмалъулезухъе ине. Гьесул пикруялда рекъон, гьеб комплексалда жаниб цолъизабизе ккола стадионги, бокьарал къецал жанир тIоритIизе бегьулеб спортзалги, тIадагьаб атлетикаялъул спортсменазе рекеризе, кIанцIизе санагIалъаби ругеб, тIасан къараб, 25 метралъул халалъиялда бассейнги. Меликовасухъеги щун, гьелъие разилъи щун буго бегавуласе.

    Спорткомплекс тIад кIудиял харжал гьаризе кколеб жо букIун, районалъулгун республикаялъул гIемерал чиновниказул гъулбасал хIажалъулел руго. Жакъа хIалтIи унеб буго гьелъие проект бахъиялда, смета гьабиялда, архитекторалинженеразулгун гIакълу дандбаялда хурхун. Аллагьасул квербакъиялдалъун исана гьеб базе хьул бугин бицана бегавулас.

    Гьединго «Трезвая Россия» абураб жамгIияб гIуцIиялъ воркауткомплекс абураб тренировкабазул бакIги гьабун буго Цветковкаялда.

     ДРялъул Росдал магIишаталъул министерствоялде гьабураб чанго сапаралъул хIасилалда, тIад газон тIибитIизе хутIараб, 63/33 метр роцада бугеб футбол хIалеб майданги буго гьениб гьабун.

 

«Оппозициялъеги баркала»

 

— ЗагьидхIажи, совхоз биххун хадуб росдал мал-мулкалда сверухъ кинал хиса-басиял ккарал?

     — Жакъа росдал цIикIкIарасеб ракь буго гIадамаз жиндаса пайда босулеб. ГIаммаб магIишат биххун хадуб жидее щварал ракьазда (паял) гьарун руго бахчаби. Гьездаса щолеб бачIиналъ хьихьун буго гIадамазул саламатабго къадар. Щвараб хIалухъин тIолабго бичунги унебани, захIматалъул рахъиги гIодобегIанаб букIинчIебани, росдал цIикIкIарасел гIадамал лъикIаб ресалда рукIинаан. Техника, ракь беэн гьабулел жал росизе сурсатал гьечIолъиялъ ва хIажатаб заманаялъ лъим лъалъадизе щунгутIиялъги гьабула гIезегIанго квалквал.

    Гьелдаго цадахъ захIматаб масъалалъун буго росдал гIадамазе минаби разе ракьал гьечIолъи, къватIал, нухал берцинго къачIаялъе сурсатал гIолел гьечIолъиги.

   Руго гьаб заманалъул церетIурал къагIидабаздаса пайда босиялъул мисалалги. Масала, чанго сон буго Салман МухIамадов абурав чиясул налъуда босун техникагун, лъим щоларел ракьазда (280 гектаралда) каналал рахъун, чекал гьарун, жидее паял щварал гIадамазул разилъиялдалъун гьениб пиринчI хьалеб. Щибаб соналъ щвараб хайиралдаса гьес рецIула налъабиги, босула цIияб техникаги, кьола хIалтIухъабазе мухьги. КIочон толаро Аллагь разилъиялъе гIоло жамагIаталъе гьабулеб хIалтIиги.

      Исана гьанжеялдего рекьуде къачIан, хIадур гьабун буго кIиго «Кировец», кIиго «Беларусь» тракторал, хадур гьакал рараб кIиго КамАЗ, Голландиялда гьабураб, электроникаялъ хIалтIизабулеб кIиго комбайн. Росдае чIахIияб техникаялъул хIажалъи ккани, цIатариялъухъгицин гIарацги босичIого, кьола Салманица гьеб – цадахъ жиндирго хIалтIухъангун.

    Дир хIисабалда, гьединал чагIазухъ букIине ккола ракь.

    — Гьаб нилъер гара-чIвариялда жанир дуца рехсарал цоги гIезегIанго жал руго хъвачIого хутIулел. Масала, росулъ Культураялъул кIалгIа чIунтулеб букIун, гьеб ремонт гьабизе ккеялъул, школалъе, Серебряковкаялда бугеб больницаялъе, администрациялда гьоркьоре унел цогидал идарабазе кумек гьабиялъул…

    Гьединго магIарухъгицин рахьдал мацIалде кIвар загIиплъулеб мехалда, гьаниб лъарагIлъиялда нужер школалъул директор ХIава ХIажиевалъги магIарул мацIалъул мугIалим Мухтар Мухтаровасги кIвахI бахъун, цогидал росабазул школаздаса цIикIкIун магIарул мацIалъул дарсал цветковкаялъулазе кьолел руго. Адабият, маданият цIуниялде кванхисез умумулъанго кьолеб кIвар батила гьеб.

     — Жакъаялде росулъ балеб мажгиталъе, школалда аскIоб бараб рацIцIалъиялъул рукъалъе, спортивиял объектал раялъе, нухал гьариялъе, къачIаялъе, рикIкIен гIемерал пайдаял цогидал хIалтIабазе бакIарун буго анцI-анцI миллион гъурущ. Жидерго боцIи Аллагьасул нухда хвезаби гуребги, халкъалъе бичIчIи кьей гьабулел, дирги росдал дибир Абулмуслим-хIажиясулги кваранаб квер гIадал гIадамал гIемер руго росулъ. Дица кIудияб баркала загьир гьабула киб, кида бугониги пайдаял ишазе хьолбохъ ратулел жамагIатчагIи Анаб Мухтаровасе, росдал советалъул хIубилъун чIолев Шагьрудин Шапиевасе, ШапихIажи МухIамаевасе, Шамил ва Амин Къагьировазе, Рамазан Насибовасе, Исрапил Къебедовасе, МухIаммад Хангереевасе ва гIемерал цогидалги росуцоязе.

     Росдал хъулухъазда гIемерисеб мехалъ сапаразда вукIунев дир ишал жинца тIуралев дир заместитель СагIадулаеги администрациялда хIалтIулел ясазеги баркала. Хасаб рецц буго дида цадахъ хIал рекъон росдал иш нухда бачунев мажгиталъул дибир Абулмуслимие.

     Дие абизе бокьараб аслияб жо буго гьадинаб. Росулъ лъугьунел пайдаял хиса-басиязул аслу ккола росдал жамагIат. Дун вуго гIицIго гьезул мурадал тIуралев кумекчи. Гьединго дие кумек щола цо-цо мехалда гIин-бер щвечIого хутIун, гIумруялде рахъинчIого тарал жалазул бадибчIвай гьабулеб «оппозициялъулги». ГьацIулъ хIеги хIанилъ расги камуларин абулелъулха.

АхIмад ИДРИСОВ