Новость на родном

Лъади бетIер йигони…  

   Гъизилюрт шагьаралдаса пенсионер Арсланов Мухтарица битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «Цебе лъадуе росасул калам букIунаан законлъун ва малъаралдаса гьей кьурулароан. Жакъайин абуни, кинабго буго гIаксалда. Исламалъ чIужугIаданалъе изну кьоларо рос яги вац цадахъ гьечIого хIежалдецин ине. Амма гьанже руччабазе щун буго хIатталдаса араб эркенлъи: кафе-рестораналги гьез рахъана, курорт-санаториялги гьез цIун руго, лъудбуз бахъун буго...

Новость на родном

Миллияб тепси

      14 сентябралда республикаялъулго гIемерисел школазда тIобитIана «Дагъистаналъул миллияб квен» абураб фестиваль (флэшмоб). 2011 соналдаса нахъе, щибаб соналъул 15 сентябралда республикаялда кIодо гьабула Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо. Гьеб байрамалъул хIурматалда исана республикаялъул школаздаги миллияб кванилгун ва ратIлилгун лъай-хъвай гьабуна 1-8 классазул цIалдохъабаз.     Дагъистаналъул миллияб кванил флэшмоб тIобитIана «Навигаторы детства» абураб проекталда...

Новость на родном

17,5 метр бугеб цIурачедги ччугIбузул фестивальги

        9-11 сентябралда МахIачхъалаялда, Ак-Гель паркалда тIобитIана кIиго батIияб фестиваль-ярмарка: «ЦIурачадазул» ва «Россиялъул ччугIбузул бечелъи». Лъабабго къоялъ гьениб гьабизе ракIалда бугебщиналъул сияхI цебеккунго щвана гIадамазухъе. Щибаб къоялъе бихьизабураб цIакъ бечедаб, киналго ригьазул гIадамазе данде кколеб къагIидаялда гIуцIараб программа букIана гьезул.   Дунго гьениве щведал, цIакъ гIемер гIадамал ратана ракIарун: гIисинал лъималаздаса байбихьун...

Новость на родном

«Нилъер адабият мискинаб гьечIо»

    Дагъистаналъул халкъияв шагIир, Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовасе щун буго Адабияталда жаниб гьабураб хъулухъалъухъ — «За заслуги перед литературой» абураб, Россиялъул Хъвадарухъабазул Союзалъул шапакъат. ХIамзатил Расул гьавуралдаса 99 сон тIубай республикаялда кIодо гьабулел къояз, Театралъул поэзиялда букIараб Россиялъул хъвадарухъабазул пленумалда кьуна гьесие гьеб хIурматияб гIаламат. МухIамадида гьеб шапакъатги баркун, ХIамзатил Расулил «ХъахIал къункърабазул...

Новость на родном

ТIоцере машинаби Бузнасан рачIун руго

       Жакъа дагъистаниязе, хасго Авар, ГIанди, Сулахъ гIоразул мухъазда ругел ва лъарагIлъиялдагун хъутабазда гIурал цIиял магIарул росабазул жамагIатазе кIвар бугеб ишлъун буго Бузнаса нух цIигьаби. Умумузул заманалда гьеб нух букIана цIакъго санагIатаблъун. Болъихъа жамгIияв хIаракатчи Дибиров МухIамадкамилил бажариялдалъун цIигьабун бахъулеб бугеб гьеб хIакъикъаталдаги сверун буго халкъияб нухалде. Бузнаса нухлул гIемер бицуна, амма гьелъул...

Новость на родном

Настял къисматалда — мугIрузул улка

                                                                                    ГурхIел-рахIмуялъул нухаздасан Унго-унголъунги, кидагоялдасаги цIикIкIун, жакъа къоялъ нилъее къваригIун буго гурхIелин цIар бугеб хасият. Дагъистаниязул гьеб гIасрабазго букIана. Гьеле гьеб хасияталъ цIунун хутIун батила нилъер халкъазул цолъиги. Цогидал халкъазе нилъ рокьиги – гьебги нилъер цогидаздехун бугеб бербалагьиялъулъ батила. Гьанирго ракIалде щвана ХIамзатил Расулил рагIаби:              — Огь! Чанги гIамал буго магIарул гIадамазул,...

Новость на родном

ГIагараблъун ккараб рикIкIадисеб

         МухIамад Нурудинов ккола Шамил районалъул ЦIекIоб росулъа. ЦIалана МахIачхъалаялъул школа-интернаталда, Ростовалъул инженериябгун ралел бакIазул институталда. Гьеб лъугIидал (1982 сон) витIана Краснодар краялъул Павловская станицалде, хIалтIана птицефабрикаялда, ралел бакIазда, хадув вукIана комсомолалъул ва партиялъул хIалтIабазда, тIубана райисполкомалъул председателасул заместителасул хъулухъ. Советияб улка биххаралдаса нахъе 26 соналъ хIалтIана ралел бакIазе хIажалъулел материалал къватIире...

Новость на родном

МухIаррамалъул авал — лъагIел байбихьулеб къо Мугь балеб къоялъул хиралъиги тIокIлъиги

    Республикаялда къо гьоркьоб бахъун кколел лъикIалгун квешал лъугьа-бахъиназда гьоркьоб нилъее киназего гIахьалаб, амма бусурбабилъун рукIаниги, чанги чияс кIварги гьабичIого тараб цо баркатаб къоги букIана анкьил байбихьуда. Дица бицунеб буго ГIашурадул къоялъул. МухIаррам моцIалъул анцIабилеб къолъун кколеб гьелда жаниб гIемерал лъикIлъабиги баракатги буго Аллагьас кьун.   «Бусурбабилъун рукIаниги, гIемерав чияс кIвар гьабичIого тарал» абун...

Новость на родном

«Доза» сабаблъун лъукъулеб талихI

     Заманаялъ лугбузе лазат кьолеб, гIадалнах мигьлъулеб гьеб «доза» сабаблъун лъукъулеб- щинаб талихI, балебщинаб чIегIер. «Передоза- ялъ» хванин щурун бицуна, ботIрол бидурихь тIунин, рекIелъ гарацI ккун хванилан рагIун абула. Рагъда чIварал бахIарзазе кинигин, чIегIераб мармаралъул чIухIарал заналги эхе- тула къаданир. Заназдаса балагьун — цояздаса цоял гьайбатал васал. ГIемер ракIалде щола мунагьал чураяв Суракъат Асиятиловас...

Новость на родном

Гъизилюрталда гьоболлъухъ – миллияб газета

      Исанаги «ХIакъикъаталъул» редакциялъ байбихьана цIалдолезулгун дандчIваял тIоритIизе. Тасдикъ гьабураб планалда рекъон, араб анкьалда сапар бухьана Гъизилюрт шагьаралде. Гьенир редакциялъул хIалтIухъаби дандчIвана Гъизилюрт районалдаги шагьаралдаги гIумру гьабулел «ХIакъикъаталъул» гьудулзабигун. ДандчIвай тIобитIана шагьаралъул администрациялъул минаялда бугеб данделъабазул залалда. ДандчIваялда гIахьаллъана Гъизилюрт районалъул бетIерасул заместитель Ибрагьим МутIалибов, шагьаралъул бетIерасул тIоцевесев заместитель Малик ПатахIов, Гъизилюрт районалъул администрациялъул...