Гидазулги гьалбадерилги хIакъалъулъ

 

 

Гьалбал цIикIкIунел руго

 

Берцинаб тIабигIатги лъагIалил бокьараб заманалда гьалбал къабул гьаризе рекъараб гьава-бакъ букIиналъги соналдаса соналде цIикIкIунел руго Дагъистаналде рачIунел туристазул къадар.

 

2021 соналде дандеккун, гъоркьиса нилъер республикаялде рачIарал гьалбадерил къадар цIикIкIана 43 проценталъ. Масала, 2022 соналда 1,5 миллионалдаса цIикIкIун чи вачIана Дагъистаналде. Исана гьезул къадар жеги цIикIкIине рес буго.

 

Араб анкьалда Сбербанкалъ тIобитIараб цIех-рехалда рекъон, СКФОялъул регионазда гьоркьоб туристазе бищунго хираго чIолеб буго нилъер республикаялде сапар гьаби. Масала, 2022 соналда Дагъистаналда цо сордо-къо барав туристас харж гьабун буго 5554 гъурущ. 2021 соналдайин абуни — 2350 гъурущ. 2019 соналда — 1400 гъурущ.

 

Дагъистаналда туризм цебетIунин абизе бегьула, аслияб куцалда, гIадатиял гIадамазул ва цо-цо турфирмабазул жигаралдалъун. Маршруталги, туристал рачине бакIалги, гьезие санагIалъаби чIезариги гьез жидехъаго бажарухъе цебетIезабуна.

 

Дагьал церегIан соназдаги гидалги турфирмабиги цIакъго дагьаб къадаралда рукIун ратани, гьанже гьезул къадар гIемерго цIикIкIун буго. ЦIикIкIунел руго росабалъгун районазда ругел гIадамазе хIалтIизе бакIал, щолеб хайир.

 

 

«Краеведал руго бищун лъикIал гидал»

 

 

Дагъистаналъул бетIер Сергей Меликовасги «чIагояб эфиралъул» заманалда борхун букIана республикаялда гидал хIадур гьаризе ва мугIрузул районазда туризм цебетIезабизе ккеялъул суалал.

 

Аслияб куцалда туристал Дагъистаналде рачIинариялъе хIалтIи гьабурав чи вугин абизе бегьула «Тур в Дагестан» турфирмаялъул хважаин, гIагараб ракьалъухъги ватIаналъухъги рокьи ккарав МуртазагIали МухIамадов.

 

 

Дагъистаналда туризм цебетIезелъун щиб гьабизе кколеб? Гидал кин хIадур гьарилел? Гьел ва цогидалги суалазе жаваб кьолаго гьадин бицана гьес «ХIакъикъаталъе»:

 

 

— Дагъистаналда профессионалиял гидал цIакъ дагь руго. Ругезул цо-цоял ккола аттестация гьабурал, цогидал — туризмалъул школал, академиял лъугIарал. Гьел школал лъугIаразулги халгьабизелъун аттестация гьабула ДРялъул Туризмалъул ва халкъияб художествиял промыслазул министерствоялъ. Гьез цере лъолел тIалабазухъ балагьидал, бихьулеб буго гьел цо ккурал гьечIеблъи. РукIине ккола рихьизарурал стандарталги гьезда рекъон гьабулеб хIалтIиги. Гьеб данделъиялда нижеца гьелъулги бицана, гIемерисез гьелъул рахъги ккуна.

 

МагIарухъ ругел росабазул школазул учительзаби, жидерго ракь бокьулел, гьелъул тарих лъалел гIадамал, аттестация гьабичIонигицин гьеб ишалде гъорлъе цIазе бегьула. Щайгурелъул гьезда жидерго ракьалъул тарихгун рукIа-рахъин лъикI лъала. Гьеб гуребги гьезул буго педагогикияб лъайги. Гьединал гIадамазе квалквалал гьаричIого, гьезул гъира баледухъ хIалтIизе риччан тезе ккола. Щибаб къойил лъималазе тарбияги лъайги кьолел гIадамаз, тIаде рачIарал гьалбадерие жидерго росу-ракьалъулищ цо къоялъ бицине бегьулареб? Гьез дагьабги берцинго, гъира баледухъ, гIенеккизе бокьуледухъ бицуна тарихалъул, ай бокьарав гидасдасаги лъикI.

 

Январалъул ахиралда Сергей Меликовасулгун букIараб «чIагояб эфиралдаги» борхун букIана тIадеги лъай кьей камил гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ суал. ЛъикI букIинаан, масала, Гъуниб рагьизе туризмалъулаб цо школа. Биччанте гьеб букIине МахIачхъалаялда бугеб Россиялъул пачалихъияб туризмалъул ва сервисалъул школалъул филиаллъун. Гьез хIадуризе бегьула экскурсоводал, гидал, проводникал, отелазда, гостиницабазда хIалтIулел гIадамал.

 

Гьединаб школалда аттестация гьабизе бегьула учительзаби-краеведазулги, хIадур гьаризе бегьула гидалгун экскурсоводалги. Гьенире рачIине бегьула аскIор ругел районаздаса цIализеги туристалгун хIалтIизеги бокьарал, гьабсагIат туристалгун хIалтIулел ругелги. Гьеб кинабго гьабизе ккани, къваригIуна кумекги кверчIвайги.

 

Ралъдал рагIалде инеги, гIаздада хъещтIезеги, цIер чIвараб хIорихъе щвезеги, тарихиялгун тIабигIиял памятникал рихьизеги, республикаялде рачIунел туристазул къадар цIикIкIунеб буго соналдаса соналде. Чанго соналъ цебегицин туристал рихьидал гьезухъ гIажаибго ралагьулел рукIун ратани, гьанже киналго ругьунлъун руго. Гьединго къанагIат гурони телевизоралдасанцин бихьизабулеб букIинчIеб Дагъистаналъул хIакъалъулъ, гьанже щибаб анкьалъ гIадин батIи-батIиял телеканалаздасан бицунебги бихьизабулебги буго. Бихьизеги гьабула гьалбал хириял, тIабигIат берцинаб, гIемер миллатазулаб республика хIисабалда.