АнцIго чу хвасар гьабизе кIвечIо…

Гъанкъана нус-нус чIегIерхIайван, лемаг-хух ва рекьулел хурзалгун-ахал

Республика жеги бигьун гьечIо тIабигIияб балагьалъул хIа­си­лаздаса. ЧвахунцIадаздаса хадуб гIодоблъиялда лъелъе ккун гъан­къарал минабазул ва гIадамазул магIишаталъе ккараб кIудияб заралалъул хъвана ва жеги хъвалебги буго. Амма гьава-бакъалъул шартIал кьварухъего чIун руго. ГIазугун жубараб цIад бан, их бигъана исана магIарухъги.

13 апрелалда согIаб гIазул бураналда гьоркьобе ккана Болъихъгун Гумбет районалъул гIорхъода магIарда букIараб чуязул илхъи. Гьел пакъирал чахьалде щвезегIан бараб гIазукьги къан, церехун ине рес гьечIеб ахIвал-хIалалде ккана.

Гьел хвасар гьаризе ахIуд рахъарал, аскIор ругел росабалъа гIадамазда цадахъ гьенире ун рукIана МЧСалъул хIалтIухъабиги.

Гьезул кумекалдалъун 20 чу хIинкъи гьечIеб бакIалде бачине кIвана, 10 чу хвасар гьабизе кIвечIо.

Нижехъе щварал баяназда рекъон, ЧIарада мухъалъул Рилъаб росдал ЧIулбукь магIарда гIазуца мугIрул рацун, гьенир къан хутIарал чуял раччизе ккана гIолохъабаз. Гьенибго Рилъаб, Балхада колода гIанси щун ичIго чу хвана.

МагIарухъ гьал къоязда гьава-бакъ кьерхун букIана. ЦIунтIа, ЦIумада, ЛъаратIа ва БежтIа мухъалда биццатаб гIазу бана, гIодорегIан ругел районазда гIазугун цIад жубараб терет букIана хьвагIулеб. Цо-цо бакIазда гIазу нахъисеб къоялъги биун букIинчIо. ГIазуца пихъ хвезабунадайин ургъалида руго хьиндаллъиялъул росабалъ гIумру гьабун ругел ахихъаби.

ЧIегIерхIайван ва лемаг-хух

Марталъул ахиралда ва апрелалъул авалалда тIатIалаго рарал чвахунцIададаса хадуб лъим кIанцIун гъанкъарал: ГIадилотар, Къадиротар, ЦIияб ЦIиликь ва Дербент районалъул чанго росулъе лъим кIанцIун хадуб кIудияб зарал ккана росдал магIишаталъеги.

Лъеца гъанкъизабуна 1800 гектаралда хуриб бекьараб нигIмат, гьединго хвезабуна 100 гектар ахазул ва 60 гектар цIибил ва цогидабги гIисинпихъ гIезабулел ахазулги.

Гьедин бицана араб анкьи­л ахи­­ралда республикаял­де ва­чIун вукIарав РФялъу­л рос­дал магIишаталъул министра­сул­ заместитель Роман Нек­ра­­со­вас рес­публикаялъул хIу­ку­ма­та­лъул нух­ма­лъулев ГI. ГIаб­дул­муслимовасул­гун букIараб данд­­­чIваялда.

Дагъистаналъул росдал магIиша­талъул бутIаялда лъи­кIа­лан­го кьаби щвезабунин тIабигIияб балагьалъин бицана ГI. ГIабдулмуслимовас. Цереккунисел баяназда рекъон, иххица ун буго 430 бетIер чIе­гIер­боцIул (гьезда гьоркьоса 270 бечIчIулеб гIака), тIагIун буго гьединго 670 бетIер гIи-цIцIаниялъул, 64-азаргоялдасаги цIикIкIун гIан­кIу-хIелеко, хъазал, ордекал ва цо­гидабги рукъалъул хIанчIазул тIинчI-къоно.

ГIи-цIцIани гIезабиялъул рахъалъ нилъер республика кидаго букIана улкаялъул регионазда гьор­кьоб бищунго цебесеб кьерда. Гьеб рахъалъ нилъехъ чIел букIана ахирал соназда. Гьебги хIисабалде босун, тIолгороссиялъулаб гIи-цIцIаназул выставкаги тIобитIана нилъер гьаниб ахираб кIиго-лъабго соналъ тIатIалаго.

Гьединал тарихалги рукIаго, тIабигIияб балагьалъул хIасилалда хвараб гIи-цIцIаниялъул ва чIе­гIербоцIул къадар гIемерищ, дагьищ бугебилан суал кьуна нижеца Дагъистаналъул Фермеразул ассо­циациялъул нухмалъулев ГIаб­ду­рахIман АбурикIовасе.

Зарал гьитIинаб гьечIо, мацI лъалареб боцIи ун буго

«ГIи-боцIухъабазул гIаммаб ма­гIишат-яшавалда рекъон балагьани, кIудияб къварилъи ккун буго. ТIагIараб гIи-боцIул бетIергьаби ратула, жидерго гIетIалдалъун гьеб гIезабурал гIадатиял мискинчагIи. Гьезие махIги бигьаяб жо гуро гьеб. Гьединлъидал кин борцун ба­лагьаниги, цIакъ кIудияб зарал ккун буго. Хур-херги гIи-боцIиги гIемераб къоги бихьун гIезабула нилъеца. Хасало лъоро­ниб лъун хинлъизабун цIунула вехьас кьегIер. Цо чахъу гIезабизе ккани, дагьа-макъаб захIмалъи ба­ччизе кколаро боцIухъабаз. Хасго лъарагIлъиялда гъийин цIикIкIун баччизе ккола вехьас. Хасало гIазул гьурал кутакаб, кьинги квачараб гIатIиракьалда бигьаго букIунаро гIи-боцIи гIезабулел чагIазе.

Гьединлъидал хьул буго гIи-боцIухъабазе ккараб зарал хIуку­ма­талъ бецIичIого теларин. Гьединго абуна хIукуматалъул нухмалъулев ГI. ГIабдулмуслимовасги РФялъул Росдал магIишаталъул министерствоялъул вакиласулгун букIараб дандчIва­ял­даги. Амма гьаниб тIаде жубазе ккола гьел киналго руго цереккунисел тарихал. Жеги гIаммаб къагIидаялъ росдал магIишаталъе ккараб заралалъул — хвараб гIи-боцIулги, гъанкъараб хур-хе­ра­лъул­ги хIисаб гьабун рагIалде ба­хъун гьечIо, гьабсагIат рехсолел тарихал гьел руго цереккунисел баянал. Гьанжеялдего ккараб заралалъул гIаммаб къимат кьезе жеги цудунго бугин абила дица, гьелде жеги цоги нухалъ нахъруссине ккола, — ян бицана ГI. АбурикIовас.

ГьабсагIаталда ругел баяназда рекъон лъеда гъоркье ккун гъанкъун буго 129 мина-рукъги ва 114- гIанасеб рукъалда цебе бугеб ах-хурги. Заманаялъ гьанир-дора хIебтIун вуго лъеца мина-рукъ хвезабурав 519 чи, гьезда гьоркьоса 177-ял ккола гIисинал лъимал.

Рищниялъул хутIелал сабаблъун

Бабаюрт районалъул «Чкаловасул» цIаралда бугеб ЛъаратIа районалъул СПК судалде кьун буго республикаялъул Россельхознадзоралъ. Араб соналъул ноябралдаго гьеб идараялъул хIалтIухъабаз тIатинабуна, бицен гьабулеб росдал магIишаталъул кооперативалъул 13 гектаралда полиэтиленалъул хутIелал щущан рукIиналъул хIужа. Бекьизе хIалтIизабулеб ракьги батун гьечIо гьеб.

Россельхознадзоралъ СПКялда­са тIалаб гьабуна 13 гектаралда магъакь-кIачаралъул хутIел ба­цIцIад гьабизе ва ракьги хIал­тIизабизе кьезе. Амма гьел гьезул тIалабалъе гIинкъаллъун хутIана.

Исана марталда ЛъаратIа районалъул халкъияв судьяясги гIа­кIа къотIун букIана гьеб росдал магIишаталъул коопертивалда тIад, амма гьелдаса хадубги гьез заралияб химикаталъул хутIелаздасан лъугьараб кьищни-къулалъул гохI бацIцIад гьабизе тадбирал гьаричIо. Гьанже Россельхознадзоралъ иск кьуна районалъул судалде, хIал гьабун рищни нахъе бацIцIад гьабизе гьел тIамизе.

КъватIул гьабзазул хIинкъи

Каспийскиялда къватIул гьаби гIадамазде рортиялда хурхун, такъсир гьабиялъул иш рагьун буго РФя­лъул цIех рехалъул комитета­лъул хъулухъалъул хIалтIухъабаз

ЛъагIалил байбихьудаса нахъего чанго хIужа ккун буго къватIахъ рукIунел гьаби гIадамазде тIаде кIанцIараб. Ахирисеб гьединаб лъу­гьа-бахъин ккана 7-13 апрелалда. Гьабзаца хIанчIун къварилъи кка­рал чагIазда гьоркьор руго лъималги.

КъватIул гьабзаца тIутIун ян, 75 сон барай гIадан хун йикIана дагьалъ цеегIан Буйнакскиялдаги. Ба­лагьаб лъугьа-бахъин ккана 25 марталда. Шагьаралъул насраниязул хабалалъе уней йикIарай херай гIадан тIадги речIчIун, хIанчI-хIанчIун яна чанго къватIул гьоялъ. Гьей гъарим гьеб бакIалдаго къадаралде щвана.

РакIалда буго, къватIахъ рукIунел гьабзазул кIудияб хIинкъи бу­кIи­налда бан, гьалдаса анцIго соналъ цебе  гьел киналго кквезе тадбирал тIоритIун рукIана республикаялда. Гьединго рагьун рукIана, гIадамазе хIинкъи бугел гьаби жанир тIамизе хасал вольералги. Нахъеги гьединалго тадбирал ургъизе заман щун бугилан ккола.

Ашахан Юсупов