Умумузул нух цIигьабуна

Киса-кибего гIадин, Казбек районалдаги рарал цIадаз чанго бакIалдаса нухал хвезаруна.

«Дагъавтодоралъул» комиссиялъ, райадминистрациялъул ва проекта­лъулаб гӀу­цӀия­лъул хIалтIухъабазгун цадахъ, зарал кка­рал бакIазухъ хал-шал гьабуна ва, гье­лъу­л хӀасилазда рекъон, районалъул нухал цIи­гьаризе хIукму ккана.

 

Дилим-Гъостала-ИчкIа-Миякьо росабалъе унеб нух ччукIун бачIун, Хубар росулъе рачӀунеб нухдасан, кIудияб свериги гьабун, хьвадизе кколел рукIана.

Гъостала росдал бегавул Гъиримсултанил вас Абакарил цебегоялдаса нахъе пикру букIана умумузул нух цIигьабизе. Районалъул нухмалъиялда дандги бан, байбихьана хIалтIи гьабизе.

— Абакар, умумузул нух цIигьабизе тIоцебе лъил пикру ккараб?

— БитIараб бицани, гьеб пикруялде вачIарав чи вукIана дунго. Гъоркьиса, 19 июналда, гьенисан нух къан букIана ва Хубаралдасан свериги бахъун хьвадизе кколаан. Гьелъул хIакъалъулъ бицана районалъул нухмалъулев ХIажимурад Мусаевасда. Ниж кIигониги нухалда щвана гьенире ва гьес абуна бажарараб кумек жинцаги гьабилин, байбихьейилан.

Росдал гIолохъабаздаги дандбана ва гьелги разилъана. Гьедин байбихьана нух гьабизе.

— ДРялъул Халкъияб Cобраниялъул депутат Камилпаша ГIумахановги вугелъул гьединаб бакIалда хIажаталъув ватулев чи, гьесул рахъалдасан кумек щванищ?

— Камилпашаца ахIун бачIана щиб къва­ри­гIаниги абеян, бокьараб къоялъ къватIибе бахъине хIадурго кIиго грейдер бугилан. КIу­дияб баркала буго гьесие.

— Росдал гIолохъабаз гьабун буго кIудияб кумек…

— Валлагь, гьабуна. Аллагьас кирилъун хъван батаги. «ШАХ» аптекабазул бетIергьан Апанди ШахIабасовас абуна жинцаги кIвараб кумек гьабизе тIаде босулин абун.  Беркиханов МухIамадица рачIана жанисан лъим биччалел маххул рогIрал. Гьудул-гьалмагъзабазе ва киналго кумек гьабуразе  буго кIудияб баркала.

Гьанжеялде лъугӀун руго аслиял хIалтIаби, хутIун руго гIиси-бикъинал жал. Гьава-бакъ лъикӀлъарабго гьелги лъугIизаризе руго.