Пикраби росулъе руссунел руго, Вуссунев вуго дун сапаралдаса. Салам, КьилимегIер, Салам, Гьонода, Гьанже дун талихIав вуго ракьалда… Мунагьал чураяв АхIмадил МухIамадил гьал мухъал рачIуна рекIелъе щибаб нухалда гIагараб Гьоноде вуссуневщинахъе. Росдал кIалтIу бахунаго ва дирго лъимерлъи жаниб араб ЛъимбецIихъ авалалде гIагарлъулаго. МухIамад кидаго вукIана росдал шагIирлъун. Гьеб гьес жиндицагоги гIемер загьир гьабуна кучIдузулъ. Хасго ахириял...



