Хвалил чапар

…ЦIакъго хирияб ва чIухIараб машинаялдаги рекIун, магIарухъе жиндирго росулъе тира-сверизе вачIунев вукIана богIоца цулъарав, цеве чи вихьуларев пахруяв хIаким. Гьесдаго цадахъ машинаялда жанир рукIана шагьаралъул бетIер цIунулезул кIигоявги. Шоферги нахъе вахъинавун, гьесул бакIалда рулалда нахъа гIодов чIун вукIана живго пахруяв хIаким. Гьесие цIакъ бокьулаан машинаялъул рулалда нахъаги чIун, жиндирго бажари цогидазда бихьизабизе, гьеб кинан махщалида бачине кколебали мугIрузул гвандахарал нухаздасан…

ХъахIлъизе жубараб керчаб каралъ бицунеб букIана хIакимчи гIолохъанлъиялъул ригьалдаса рикIкIалъизе жуван вукIин. Рулалда цун цебе цIутIараб гургинаб чехьалъги, бугъил гIадаб габуралъги, тIад ретIараб цIакъго хирияб ратIлицаги бицунеб букIана, моцIрол харжалъул бадиве валагьун гIумру гьабун хутIиялъ, бубудулев вугев бугъа гьев гуревлъи…

МагIарухъе унел чIедерал ва гвандахарал шагьранухазухъ балагьичIого, кьвагьараб гулла гIадин боржинабулеб букIана богIоца ццулъарав хIаки­мас чIухIараб машина, расги барахщичIого…

АскIор гIодорчIун рукIарал гIолохъаби гьардолел рукIана жидерго боcсасда, нухалги квешал ругин, дагьаб цебебалагьунгIаги бачеха, ле, гьаб машинайилан абун.

— РуцIцIа, гIабдалзаби! Нуж лъида малъарулел ругел? Нужеда нусгогIан лъикI лъала дида гьаниб щибаб свери, кибехун кинаб гванда нухазда бугебали… Дун гьитIинаб мехалъ чанги хIамуздаги, чуяздаги, гьаказдаги рекIун хьвадарал нухал руго гьал. Берал къанщунгицин бачине кIола дида гьанисан машина, нуж щиб бицунел цIукIаби!..

— АхIмад Набиевич! Нухал цIакъго квешал руго гьаниса тIаде. Цевевалагьун баче машина, гIодобнакIкIуца нухал рихьулеб хIал гьечIин… Мун цIакъго мехтун вуго жакъа! Дун виччай рулалде нахъе. Дица бачина машина. Дунлъидал дур шофер.

— ВуцIцIа, цIукIа! Шагьаралде тIадруссаралго дица кIиявго хIалтIудаса нахъе рехизе руго нуж, гьедигIан хIинкъарал цIукIби!.. ТIаде къо ккараб мехалъ, кинан нужеца дун цIунизе вугев хъачагъаздаса, жакъагицин гьадин рихха-хочарал чагIаз…

— Ниж нахъе реханиги кIваричIин, АхIмад Набиевич, машина цебебалагьун баче, талихIкьегийин!

— РуцIцIа, гIабдалзаби, рехилищ цо кьурулъа гъоркье, цараца гIангурбацIал гIадин?

— Сундегъундай вуго жакъа гIабдал? — ян хъачIго абуна, квешго ццин бахъарав хIаким цIунулес. ЧIезабе машина, ниж гъоркье рахъине. Дуего бокьараб гьабулев вукIа. Нижеда гIадалъе вахана жакъа мун, дур хъачIлъиги…

— Дунищ гIабдал? Нужищ?!.

Ццидал цIаялъ гьелегьарав, мехтарав хIакимасул бадиса канлъи босун ана, жиндие мутIигIлъиялдаса рорчIарал гIолохъабазул хъачIлъи бихьидал…

Гьев машина жеги хъамун бачине жувана, доба-гьанибги тенкезабулаго…

II

Буччараб накIкIил рохьоса тIаде унаго, росулъе гIагарлъулеб сверуде щолаго, тIасагъоркье данде бачIунеб букIана, гьединго хъамизабун бачун бачIунеб цоги машина. Гьеб букIана шагьранух цIакъго къваридаб, цо машинаялъегицин эркенго ине бакI гьечIеб гIадаб бакI…

БитIун кIиябго машина данде щолеб бакIалда, циндаго, нухда загьирлъун бачIана, лахIчIегIераб ретIел тIад ретIарав гIажаибав чиясул сипат-сурат…

— ЧIа! ЧIа! — ян ахIулеб букIана гьес, цоцазе нухги кьезе бокьичIого, цоцазде тIаде-тIаде рачIунел ругел шоферзаби сундасаялиго цIунизе бокьараб гIадин…

ГIисинккун балеб бугеб цIадацаги, хъугъун лъураб гIодобнаккIалъги жеги хIинкъи бугеблъун лъугьинабулеб букIана, борохь гIадин, кIичIардилаго мугIрузде ххарун унеб бугеб шагьранухлул тIеренабго чIоло…

Араб мухъ-рахъ лъачIого чIегIерав ратIлилав цевеса тIагIинги, циндаго, кIиябго машина дандречIчIиги цадахъго ккана… Жеги кьурабалъ багъулеб бугин кколеб букIана кIиябго машина цоцалъ речIчIараб мехалъ, сверухъе бахъараб гьаракьалъул гIасияб дандерижи… ДандречIчIиялъул кутакалъ кIиябго машина, шагьранухдаса гъоркье бортун ана, гидалабиги чIвалаго…

III

ГIемер кватIичIого тIаде щвараб машинаялда жанир рукIарал гIадамазда рихьана, нухлул рагIалдаса гъоркье машинабазул бурдуз тарал лъалкIалги, гъура-чункарал хъархъалги…

— Хехлъи гьабун гъоркье рахъа! Гьаниб авария ккараб хIисаб бугин! — илан абуна шоферас цадахъ рукIаразда, машинаги чIезе тун. Гъоба гIурул рагIалда тIалабазда тIадги речIчIун чухI-чухIун ругел машинабиги, доре-гьанире ран ругел чухIа-кIутIарал гIадамалги рихьидал, гьезие кумек гьабизе журана тIаде щварал нухлулал…

Чурулъе бортараб гIункIкI гIадин, бидул хIоринивги лъун, гъура-чункун, тIалабазде тIадеги вортун, хвалил боснов лъун вукIана дов пахруяв хIаким живгоги… Гьесда цадахъ машинаялда жанив вукIарав кIиявго гIолохъанчиясул хIал рагIалде бакIарулеб букIана…

ТIасагъоркье бачIунеб букIараб машинаялда жанир рукIарал, анашаги бухIун, кепалда вукIарав лъабго гIолохъанчиясулги тIаде балагьизе хIинкъараб хIал букIана… Гьезие тIаде щвараз гьабизе щибго кумек букIинчIо – бихьулеб букIана гьезул цонигиязул хвалдаса рорчIулеб хIал гьечIеблъи…

…Кисан вачIаравали лъачIого, гъура-чункарав АхIмад Набиевичасда цеве тIалда тIад гIодов чIун вукIана довго чIегIераб ратIлилав…

— Кумек гьабе! Дун холев вуго!..

— Мун жеги хвезе рес гьечIо!.. Дуе дидасан щибго кумекги букIине гьечIо!.. Дуе кумек цогидаз гьабизе буго жакъа… ГьанжегIаги кантIичIони, дур иш мекъи ккезе бугоха, пакъир!..

ЧIегIерав ратIлилав цевеса паркъун инги, АхIмад Набиевич лъавудаса инги цадахъго гIадин ккана…

IV

Шагьаралъул больницаялъул палатаялда унтарасде тIаделъун рукIана хъахIал халгIатал ретIарал тохтурзаби…

— ГIажаиблъи буго, авария ккун, кьурулъа гъоркье рортарал киналго хвараб мехалда, АхIмад Набиевич гьадин чIаго хутIи. ТалихIав чи вукIун вуго гьав, бохги бекун, гьадин чухIа-кIутIунгIаги чIаго хутIарав, — ан абуна цояв тохтурас цогидасда, бетIерги кIибикIизабулаго.

— Къо лъугIичIогоха! — ян жаваб кьуна АхIмад Набиевичасул бекараб бохда гипсги рекъезабулаго, гIумруялда гIемераб жо жинда бихьарав херав тохтурас. Унтунилан гIадамал холел рукIаралани, дунялалда чIагояв чиго хутIилароан вукIарав. Хасго нилъер заманалда…

…Цин лъавудаса ун, цинги гIакълуялде вачIун, унтул гIазабалъ кIвекIулев вукIана АхIмад Набиевич. Гьесда жеги тIубанго бичIчIулеб гьечIин кколеб букIана, жиндиегоги цадахъ рукIаразеги ккараб балагьалъул хIасил.

— Дида цадахъ рукIарал?!. Кир ругел дир ахраникал?! Дида бугеб хIал бихьизе щай гьел рачIунарел?! — ан хIалалъ ццидалъ гаргадилев вукIана, риччалъе ккун тату хварав шагьаралъул бетIер… ЧIаха цо дун тIаде вахъинегIан!.. Цо къоялъгицин тезе гьечIо дица гьел хIалтIуда, мунафикъзаби. Гьезда лъаларогойищ бугеб боссасул хIурмат гьабизе кколеб куц!.. Подожди, я еще проучу их разгильдяев! — ан живго жиндиего гъулгъудилев вукIана унтарав…

— ГIодове виччай! Дуе ццидахине лъикIаб гьечIо. Абулеб буго дуда цадахъ рукIаралги, доб цояб машинаялда вукIарав лъабавго гIолохъанчиги Аллагьасул къадаралде щванилан. Дурго талихI буго чIаго хутIи. Заманалда нухлулал тIаде щун рукIинчIелани, дурги иш расниги лъикI букIинароан жакъа, — ян абуна херав тохтурас.

— …Нахъеги мун?!.

— Нахъеги дун! – ан абуна, циндаго горда цеве эхетарав довго чIегIераб ратIлилас, унтарасухъги валагьун. – Дуда лъан букIаха, жужахIалъул цIа Синжилалда капурзабазул чурхдуздалъунги ва ганчIаздалъунги бакулеб жо букIунеблъи. КантIе, имангьечI! Нилъ дандчIвазе заман гIагарлъулеб букIин кIочене тоге…

— Огь, ахIмакъ! ТIагIа дида цевеса!- янги абун, кодобе щвараб жо речIчIун балагьизабуна АхIмад Набиевичас горда цеве эхетун вукIарасде… Амма гьев абуни вихьудацин вукIинчIо…

V

Сахлъизеги сахлъун, заманалдасан хIалтIуде вахъарав АхIмад Набиевичасда, цебего гIадин, ракIалдецин кколеб букIинчIо кантIизе, зама-заманалдасан аскIов загьирлъун вачIунев чIегIерав ратIлилас кигIан жив пикраби гьаризе тIамулев вукIаниги… ХIарамаб кванан, кепалда гIумру тIамулев, ришватал росун жиндирго нахъарукъ бечед гьабулев хIарамзадада ракIалдецин кколеб букIинчIо, живги хвезелъун вижарав Аллагьасул лагъ вугевлъи, иман-исламалъул къатIра жиндир чорхолъ гьечIониги. Бикъулев — букъулев, къурасде хIапдолев, бергьарасда цере накабиги чIван, таращ гIадин, хъерщезе нахъе къаларев гьесие ургъелцин букIинчIо, жиндир рагIияталда ругел гIадатиял гIадамазул рукIа-рахъиналъул… Шагьаралда лъим бачине, нухал къачIазе ва цогидалги гIадамазул хIажалъабазе хIукуматалъ биччараб гIарац, гIонкIкIоца гьанал къвачIа гIадин, букъизе бугеб ресалдаса пайдаги босун, кеп кьабулев вукIана, кьурулъан гъоркье вортун хадувгицин хвалил пикру гьабизе ракIалда гьечIев пахруяв хIакимчи-далалайчи…

Гьевго гIадал, гIорцIиго лъаларел, какал раниги, Аллагьасукьа хIинкъиго гьечIел хIакимзаби рукIана АхIмад Набиевичасда сверухъ ракIарунги…

VI

…Гьевго гIадал фиргIаназул хъулбузухъе, ракIалдаго гьечIого, мех-мехалда, рогьалил гIужалъ роржун рачIунел рукIана забаниятазул вертолетал… ЦIакъго тIасан ккарал хъамалчагIи, нахъе квералги кьурун, цо-цоккун рачун унел рукIана ахIичIого рачIунел хъачIал гIабурикIаз…

Иргадулаб нухалда хIарамаб гIарцул цIураб кIудияб сумкаги машинаялда жаниб лъун, рукъалъул кIалтIе щварав АхIмад Набиевичасда цеве паркъана довго чIегIерав ратIлилав…

— Киданиги лъикIалъе вачIунаро гьав чи дида цеве!- ян абуна гьес жиндаго.

— Гьеб дида гуреб, кидаго дудаго бараб букIуна!- ян рукъалъул бетIергьанасдаги абун, гьев, нуцIаги рагьун, цеве-цеве рокъове жаниве тIерхьун ана… щибго рагIи абизе рекIеда ватичIого ахцан хутIарав АхIмад Набиевичги вугелъувго тун…

— Кин гьев рукъ цIунизе тараз жаниве виччарав, лъазего лъаларев чи?!. ХIалтIуде вачIарав гIечIого, гьале къаси дир рокъовегицин вачIун вуго, ничгьечI… Милициялда лъазабизе ккола!.. Кколаро!.. Гьеб мехалъ дунго сурула… Жанив лъола!.. Бегьуларо!.. Гьабщинаб гIарац!.. Кинаб милиция!..

— Щай дов чIегIераб ратIлилав рокъове виччарав? Киве дов арав?!.

— Дуца бицунеб щиб, АхIмад Набиевич! Кинав чIегIерав ратIлилав? Щивниги чи жаниве инчIо!- ян гьедаризе жувана рукъ цIунизе тарав хъаравул.

— Кваназе гурони лъаларел чохьочал! Дун беццавищ вугев, дида цеве-цеве рокъове жаниве тIерхьун арав чи вихьунгутIизе ккани…

— ИнчIо, АхIмад Набиевич!

— Ана! Гьале гьал дирго беразда вихьана!..

VII

..Радакь гIужалъ гьурмазда тIад маскаби ххурал гIадамаз сверун ккураб АхIмад Набиевичасул рукъ рагъулаб хъалаялде сверун бугин кколеб букIана, гьениб жаниб бугеб кьвагьа-гIанхъиялъухъ гIенеккараб мехалда…

АхIичIого рачIараз бахъинабураб ахIи-хIуралъ балагь бачIинабун букIана, дагьаб цебегицин щибго сас-мухъ гьечIого букIараб, ханасул хъала гIадаб, хIакимасул мина-свери… Гьезде кьвагьдезе жуварав АхIмад Набиевич, гулбуз вас-васун, цIалкIу гIадин гьавун, бидвецIцIулаго хун лъугIулев вукIана…

— Жакъа буго дир дуе кумек гьабулеб къо!- ян абуна чIегIераб ратIлилас, АхIмад Набиевичасул гуллица борлълъараб бетIералда жиндирго цIорорал квералги рахъулаго…

VIII

Хвел кидаго, гIадамазе чан къан, гьезда хадуб лъугьун букIуна чIегIераб ратIлилъ, тIасанккун пасалъарал кантIизаризеги, заманалда кантIиларин чIарал ригьинаризеги. Амма кидаго гуро гIадамазда гьев вахIшияв хвалил чапар, рагIад гIадин, жидедаго хаду-хадув вачIунев вукIин бихьулеб…

МухIамад ГIабдулгIазизов